Гьале, гьудулзаби, бачIана балагь

1418 сордо-къоялъ халатбахъана КIудияб ВатIанияб рагъ

 

ЦIадаса ХIамзатица 28 июналда магIарул
халкъалдехун радиоялдасан гьабураб кIалъай

23 июналда бахъараб «МагIарул большевика­лъул» 50-абилеб номералда лъун буго тохлъукьего фашистияб Германия СССРалде тIаде кIанцIиялда бан, СССРалъул Совнаркомалъул председателасул заместитель, къватIисел улкабазулгунисел ишазул министр В. М. Молотовасул радиоялдасан гьабураб кIалъай. Гьебго номералда буго «Бергьенлъи нилъехъ букIине буго» абураб макъала. Гьелда хъвалеб буго Дагъистаналъул росабалъ ва шагьаразда фашистазде дандечIун тIоритIарал митингазул. 1 июлалъул номералда буго «Киналго къуватал ВатIан цIуниялде, тушман щущахъ виххизавиялде рехизин» абураб ВКП(б)ялъул Дагъистан Обкомалъул секретарь Н. Линкунил кIудияб макъала.
Гьебго номералда буго ЦIадаса ХIамзатица радиоялдасан магIарул халкъалде гьабураб кIалъайги.
Хиянатлъиялъул гьагаб кьвагьиялъ
Кьижарал питнаби рорчIизаруна.
Нахъасан речIчIулеб гьве гIадин бачIун,
Фашистаз халкъалда харил цIа лъуна.
Данде бащалъулеб зарги ккечIого,
Зулмуялъ улкаби кверде рачана.
Кутак тIереналъур тIадеги гьетIун,
Гитлерица гIурхъи гIатIид гьабуна.
ГIемер лъадахъани, гIеретI бекула,
ГIумру араб бегун фашизмаялъул.
ГIажал щведал болъон щобде бахуна,
Ахир ккела гьесул нилъер квердасан.
Граждан рагъазул заманаялъго
Лъараб нилъеда хIал немц ярагъалъул,
КигIан къвакIаралги гIурул ханазул
ГIатI хинеб нилъеца, цо рихьизе те.
СССРалъул халкъ, фашизмалда тIад,
ТIубан чIел босизе походалъ бахъа!
Сталиний гIоло, нилъ-квартIий гIоло,
ВатIаналъе гIоло, церехун рилълъа!
Гьалмагъзаби, дица кочIол мухъал хъвачIо немцазул ярагъалъул ва гьезул хучдузул хIакъалъулъ, кочIое гIоло. Нилъее гьел церего баянал руго. Гьеб яргъидалъун гIуцIун рукIана 1918 соналда нилъер гьанир Гоцинскиясул ва интервентазул бандал. Гьел лъугьун рукIана Дагъистаналъул магIарулазул советияб хIукумат гъанкъизе.
Немцазул ярагъалъ кумек гьабичIо. КIудияб гIурус халкъалъги, украиназги ва нилъеца — магIарулазги, лезгиязги, лъарагIазги ва цогидазги доб заманалда гьеб яргъил къуват бек-бекун бана ва хведералдеги буссинабуна.
ГьабсагIаталда Германиялъул фашистазул ярагъ нахъеги нилъеде балагьизабун буго. Гьезие бокьун буго октябралъ кьурал кIудиял эркенлъаби ва ихтиярал тIагIинаризе, нилъер инсанияталъулал ихтиярал рахъизе, нилъер талихI бугеб гIумру мерхьине. Нилъер ВатIаналде тIаде тушман кIанцIана. Нилъер щивасул налъи буго тушман вачахъи, щущахъ виххизавулеб куцалда гьесда кьаби.
Большевиказул партиялъ нилъ ахIулел руго хIурматияб, ватIаналъулаб рагъ къабихIав тушманасде данде гьабизе.
Нилъеда, магIарулазда, лъала гьаб рагъ нилъерго ватIаналъе гIоло гьабулеб букIин, церегосел заманаздаса нахъего авар халкъалъул цIар ун буго къватIисахун рачIунел хъачагъазде ва зулмучагIазде данде гьарулел рагъазулъ. Авар халкъалъ бахIарчияб къагIидаялда цIунана жиндир ракь тIаде кIанцIарал хазараздаса ва цересел гIарабаздаса. 200 соналъ цебе Авариялъул мугIрузда Сугъралъ росдада аскIор щущахъ риххизаруна Надир-шагьасул гучал аскарал.
ГьабсагIаталда Гитлерица живго XX гIасруялъул Надир-шагьлъун рикIкIунев вуго. Надир-шагьас гIадин жеги хиял гьабулеб буго тIолабго дунялалдаго тIад кверщел гьабизе. Амма фашизмалъул гьве мурадалде щвезе гьечIо.
Балагье нуж! ТIолабго советияб халкъ цо чи гIадин, тIаде бахъун бугеб куц. 200 миллион чи – нилъеда данде фашистазул жонсокъаб цо гохI бахъун чIун буго.
Дагъистаналъул магIарулал жакъа жиндир тIолабго улкаялда кIудияб Совет союзалда цадахъ руго, жиндир кIудияв вац – кIудияб русский халкъалда цадахъ руго, большевиказул гьайбатаб партиялда, кIудияв Сталинида сверухъ кидагоялдаса цIакъ гъункун.
МугIрузул халкъ! Дица нуж ахIулел руго, нилъер цIар арал умумул гIадин, нилъерго гIумруялдаги барахщичIого, эркенлъиялъе гIоло, талихIаб яшавалъе гIоло, совет хIукуматалъе гIоло, Сталиние гIоло кутакаб къеркьей гьабиялде.
ЧIахъа бергьенлъи!
ЧIахъа нилъер социализмалъул ватIан!
ЧIахъа КIудияв Сталин!
№53, 1 июль 1941 сон

МагIарул районаз Оборонаялъул фондалде
гьабураб кумек

Шаури

ЦIунтIа районалъул захIматхалкъалъ барах­щичIого кьолеб буго Оборонаялъул фондалде гIи-боцIи, металл ва цогидабги. Мокъокъ советалъул колхозниказ кьуна 4000 гъуршил облигация, киналго захIматкъоязухъ кколеб мухьалъул 3 процент, гьединго гIемераб хъахIаб гIарац ва гь.ц. Лъацуда росулъа колхозница гьал. П. Рамазановалъ кьуна 40 гъуруш хъахIаб гIарац. 80 гъуршил облигация, 5 килограмм пахь ва рез ва 10 захIматкъоялъухъ кколеб мухьги.
Районалдаго гьанжелъизегIан фондалде кьун буго 36565 гъуршил облигация, 3803 гъуруш гIа­рац, 4 чу, 18 гIиялъажо, 4 оц, 10 килограмм нах, 836 захI­маткъоялъухъ кколеб мухь, 66 пуд чIегIераб ва кьер бугеб металл, 6 хьвани ва гь.ц. Фондалде кьо­леб жо нахъаса къотIулеб гьечIо.

КъахIиб

Кагановичасул цIаралда бугеб колхозалъул огородчи-звеновод гьал. ХIадисихIмаев Ибрагьимица Оборонаялъул фондалде кьуна 250 гъуршил облигация ва 30 захIматкъоялъухъ кколеб мухьги. Гьес абулеб буго, араб соналда колхозалъул огородалъ колхозалъе 13146 гъуршил доход кьун букIараб батани, гьаб соналда 3 нухалъ цIикIкIун доход кьезабулеб буго, гьебги буго тушман хехго къезавиялъе бугеб гъоркьлъеллъун — абун.

Буйнакск

Дурангъиб росдал Стахановасул цIаралда бугеб колхозалъул колхозниказ Оборонаялъул фондалде кьуна 376 захIматкъоялъухъ кколеб мухь, 5020 гъуршил облигация, 32 килограмм нах ва 1 тонна картошка. Гьелде тIадеги 206 колхозникас субботник гьабураб 270 захIматкъоялъухъ кколеб мухьги.

Дилим

31 августалда Казбек районалъул Хубар рос­дал колхозниказ субботник гьабун 130 захI­мат­къоялъухъ ккараб пихъ Оборонаялъул фондалде кьуна. Алмахъ росдал колхозниказ сахаватлъиялда кьолеб буго фондалде гIарац, боцIи ва къайи.

ЦIуриб

ЧIарада районалъул ГIириб росдал Советалъул колхозниказ оборонаялъул фондалде кьуна 22000 гъуршил облигация, 2400 гъуруш гIарац, 8 килограмм бацIцIадаб хъахIаб гIарац, 1300 килограмм чIегIераб металл, 150 килограмм квас, 38 гIиялъажо, 10 чIегIерхIайван ва 400 захIматкъоялда тIад кколеб мухьги. Колхозница Мирзаева Рукъиятица кьуна бацIцIадаб гIарцул 2 курхьин ва баргъичал, 150 гъуршил облигация ва рагъ лъугIизегIан щибаб моцIица 3-3 захIматкъоялде тIаде кколеб мухь кьезеги гьелъ рагIи кьуна. МухIамадов ШагIбаница 1000 гъуршил облигация, ГIабдулаев ГIабдулхаликъица 600 гъуршил облигация ва 400 гъуруш гIарац ва ХIажиев Мусаца 600 гъуршил облигация кьуна ва рагъ лъугIизегIан щибаб моцIида жаниб 50-80 гъуруш гIарац кьезеги тIаде босана.
Оборонаялъул фондалде кьолеб жо гьоркьоса къотIичIого буго.
№85, 16 сентябрь 1941 сон

МелъелтIа

Гумбет районалъул ТIаса Инхо росдал колхозниказ хIукму гьабуна Оборонаялъул фондалде анцI-анцI захIматкъоялъухъ кколеб мухь кьезе. Цо-цо колхозниказ гьелда тIадеги жеги цIикIкIун кьуна. Абакаров М. СагIидица 50, ТIалхIатов Темирханица 15 ва МухIамадова Аминатица 85 захIматкъоялъухъ кколеб мухь кьуна. ТIолалго колхозниказ 1100 захIматкъоялъухъ кколеб мухь кодобе кьуна.
Гьелде тIадеги гIемераб гIарац ва облигация кьолеб буго.

КIаратIа

ГIахьвахъ районалъул ГIанчихъ росдал Сталинил цIаралда бугеб колхозалъул 372 колхозник 18 августалда хIалтIана Оборонаялъул фондалъе гIоло. Гьеб къоялъ колхозалда хIалтIун росарал 400 захIматкъоялъухъ кколеб мухь гьал къоязда оборонаялъул фондалде кьуна.

Агъвали

ЦIумада районалъул колхозаз ва колхозниказ Оборонаялъул фондалде кьуна 113300 гъуршил облигация, 2695 гъуруш гIарац, 35 чIегIер хIайван, 228 гIиялъажо, 4145 килограмм чIегIераб металл, 832 килограмм пахь, ва рез, 4 килограмм хирияб металл, 19 килограмм бацIцIадаб хъахIаб гIарац.
№85, 18 сентябрь 1941 сон

Унсоколо

Унсоколо росулъ хIалтIулев вугев Гъуниб районалъул ЦIулда росулъа маххул устар гьал. ХIажиев ГIабдулхаликъица тIаде босун буго, чуязда тIикъва-махх чIван, жинца босараб кинабго гIарац рагъ лъугIизегIан кIудияб ватIаналъул Оборонаялъул фондалде кьезе.
№101, 23 октябрь 1941 сон

Гьумер хIадур гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.