Рагъуе кьуна цояб бер

КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи ГIабдулкаримил хIакъалъулъ ракIалдещвеял

 

Дагьал церегIан  къоязда 95 соналъул гIумруялда ахираталъул рокъове ана районалда цого-цо хутIун вукIарав КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, I группаялъул инвалид, 10 лъимадул эмен  ЧIиркъатIаса ГIусманов ГIабдулкарим.

ГIажаибаб къисматалъул инсан вукIана 1924 соналда гьавурав ГIабдулкарим. ЦIакъго гьитIинго эбелги хун, гьев ккана бесдал эбелалъул цIобалде. Гьесул эбелалъул рахъалъан я вац, я яц рукIинчIо. ТIаде ячарай гIаданалъ ГIабдулкаримил эмен Улубил ГIусмание гьаруна цо вас ва лъабго яс. ГIабдулкарим гIемераб мехалъ хьихьана эбелалъул эбел Бахуца. ГIабдулкаримица бицунаан цIакъай чIужу йикIанин жиндие эбеллъи гьабурай Баху-баба. Гьединго гьес гIемер бицунаан жиндирго эмен Улубил ГIусманил кьварараб хасияталъул, ритIухъаб гIамалалъул.
КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалъ, 16 сон барав ГIабдулкарим ккана кIудияб Октябралъул революциялъул канал (КОР) бахъизе. Гьеб захIматаб хIалтIуда гьесда цадахъ рукIана ЧIиркъатIаса ХIасанов Набиги, Солиманов ХIадисги ва цогидалги. Цадахъ ккараб мехалъ, гьес бицунаан кигIан захIматаб куцалда ракъунги, къечонги, ругьунги, тIад нацI банги хIалтIи гьабурабали.
Гьеб захIматаб хIалтIиялдаса хадув рокъове вуссараб мехалъ, 18 сонил гIумруялъулъ вугев ГIабдулкарим, жиндиего бокьун гIарзаги кьун, ана рагъде. ТIоцеве гьев ккана Гуржиялъул Гори шагьаралде куцазе. Хадув витIана рагъде. Рагъда росарал бергьенлъабазухъ гьесие щвана гIемерал медалал ва орденал. Гьезда гьоркьоб буго БагIараб ЦIва ва Кенигсберг бахъиялъухъ орден. Рагъда бахъана цояб берги. ГIезегIан заманалъ госпиталалда вегун хадув гьев рокъове виччалев вукIана. Гьедин букIаниги, цояб бер гьечIев ГIабдулкарим рагъде ине хIадурулев вукIана. Амма тIадегIанаб командованиялъ ГIусманов рагъде виччачIо. Гьесда цадахъ рагъда рукIана районалъул ЛъаратIа росулъа ГIалиев СагIидбег ва Гебеков ХIажи.
Рагъдаса вуссун хадуб, 1947 соналда гьес лъадилъун ячана РахIмат. ТIоцее гьелъ гьаюна ГIабдулкаримие эбелалъул цIар лъурай Рузмай, хадурги гьаруна лъимал ва гIуна анцIгоял. РахIмат йикIана ЧIиркъатIа йикIарай цого-цо «БахIарчияй эбел» абун цIар щварай гIадан. 10 лъимер бугев эменги гIемер хIалтIизе ва хъизан-лъималазе бетIербахъи гьабизе кколаан. Аллагьас гьесие кьуна къадал гьаризе махщел, цояб бер беццав инвалид вукIаниги, ГIабдулкарим хьвадана Казахстаналде, Ростовалде, Калмыкиялде ва цогидалги бакIазде хIалтIи балагьун, лъималазе квен-тIехалъе, ретIел-хьиталъе гIарац балагьизе.
Жиндирго кIудияб хъизамалде тIаде гьесул вас ХIасание ккана кIудияб къварилъи: машинаялъ авария гьабун хвана гьесул кIиго ясги хъизанги. Нахъе хутIана кIиго вас ва гIисинал кIигьарудал ясал. Гьезулги кIудияб ургъел тIаде ккана рагъул I группаялъул инвалид ГIусманиде. ГIемераб гIакъуба бихьана ГIабдул­каримида. Амма цо къоялъги гьев чияр цIобалде ккун чIечIо ва жиндирго росуцоязе, гIагарлъиялъе гIе­мераб хIалтIи гьабуна.
Камил ХIадисов,
ЧIиркъатIа росу