Лъабнусгоязул цояв

Рохелги пашманлъиги цадахъаб байрамалда дандчIвай гьабизе буго аваданго, бадиб магIугун

 

Сугъралъ росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде ана 300-гIанасев чи. Гьезул бащдал гурони нахъги руссинчIо. ГьабсагIаталда нилъгун хутIун вуго 94 сонил ригьалде вахарав ХIажи ГIинчилов. Гьев, гIарзаги кьун, ана рагъде ва тIадги вуссана 1946 соналда. ХIалтIана жанисел ишазул органазда, прокуратураялда, батIи-батIиял магIишатиял идарабазда. 1971-1985 соназда вукIана Гъуниб райкомпартиялъул тIоцевесев секретарьлъун. Пенсиялде аралдаса гIемерал соназ гьабуна Росдал магIишаталъул министерствоялъул Ветераназул советалъул председателасул хIалтIи.
Гьал къоязда дун дандчIвана ХIажигун.

— ХIажи, 94 сонил ригьалде вахун вуго мун. Сунда тIад ургъизе тIамулев гьеб тарихалъ?
— Гьеб буго кIудияб тарих, рана гьелщинал сонал, дир кьерилазул хутIарав чиги гIемер гьечIо. Нилъер гIумру цо бакIалда чIун букIунаро, цоял уна, цогидал рачIуна, сундулго буго нух. Нахъе тараб тана, гьелъул хIисаб гьабун гурони ургъел гьабун ккезе жоги букIунаро. Ургъел букIуна букIинеселъул – щибдай-киндай ккелаян абун. Цо чиясда бихьизе гIураб дидаги бихьана ва дида бихьараб (рагъ) бихьугеги хадусел гIелазда.
— Дуца 15 соналъ гьабуна райкомпартиялъул тIоцевесев секре­тарасул хъулухъ. Абула мун ву­кIа­нин кьварараб хасияталъул, ки­наздасаго щулияб гIадлу-низам тIа­лаб гьабулев нухмалъулевин абун. БитIун бугищ гьеб?
— Буго. БукIине кколеб низамги чIезабичIеб, гIадлуги гьечIеб бакIалда хIалтIи лъугьунаро. ХIаким кьвараравги, ритIухъавги, гIадамазул унти-ургъел бичIчIу­левги гьечIони, хIалтIул хIасил бу­кIунаро. Дицаго мисал би­хьи­забичIони, кинха гьеб цогидаздаса тIалабги гьабилеб? Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, дица байбихьана дидасаго тIалаб гьабизе ва цинги цогидаздасаги. ХIалтIуде щолаан сагIаталъ цеве, хIалтIул къо лъугIун хадуб лъабго-ункъо сагIаталдасан гурони рокъовеги унароан. Дица чIезабичIо гIадамал къабул гьарулеб къо ва сагIат, хIажалъи ккедал дихъе, хасго росабалъа гIадамал, рачIине бегьулаан заман цIехечIого.
— Лъиениги балъголъи гуро ришватал роси гьаб заманалда цIакъго тIибитIараб, кибго дандчIвалеб хIу­жа букIин. Доб мехалъ кинаб ахIвал-хIал букIараб? Дуе ришват кьолев чиго кколаанищ?
— ХIинкъиялъги, дир гьелдехун бугеб бербалагьи лъаялъги ришватгун цониги чи дида аскIове киданиги вачIинчIо. Дица байбихьудасаго лъазабунги букIана, лъицаниги ришват босанин ялъуни кьунин абураб хабар рагIун хадуб, гьединав хъулухъчи хIалтIудаса вахъизе вугин. Гьеб чорокаб пишаялда данде нижеца балаан кутакаб рагъ. Гьелдаго цадахъ, ришватал кьеялъул хIужаби доб мехалъги цо-цо дандчIвалел рукIун ратаниги, гьабсагIаталда гIадинаб хIал букIинчIо.
— Доб заманалдаги гьабсагIатал­даги ругел нухмалъулезул хIал­тIул къагIидабазда гьоркьоб кIу­дияб батIалъи бихьулищ дуда?
— ЦIакъго кIудияб. ЦIаялъулги лъелги гIадинаб хIал бугин абуни, мекъи ккеларо. Доб мехалда кIудияб кIвар кьолаан гIодосанго кадраби куцаялде, тарбия кьеялде. ХIалтIуде тIамулаан хIалбихьиги, лъайги, гIадамазда гьоркьоб къадруги бугев, тIаде босараб хIалтIул жавабги кьун бажарулев чи. Киназдаго лъалаан нухмалъиялде мун тIамураб идараялъул хIалтIул даража борхизабун гурони гIодобе ккезе тезе дур кинабгIаги ихтияр гьечIеблъи. Нагагь гьедин ккани, мун цо къоялъниги хъулухъалда толареблъиги. Мисалалъе, цо колхозалда къойил бечIчIулеб рахьдал къадар чанго литралъ гIодобе ккани, партиялъул обкомалъул даражаялда бахъинабулаан кIудияб ахIи-хIур. Гьедин, тIаса гIодобе сундулъго букIана низам, тIалаб гьабулаан хIалтIул хIасил. ГьабсагIаталда бихьулеб буго кадраби ракIарулел рукIин гьезул лъай-бажариялда рекъон гуреб, цо бичIчIулареб къагIидаялда, ай лъай-хъваязда, гIарцул гучалда рекъон.
— КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьун букIин киб ва кида лъараб, кин ккарав рагъде?
— «Чапаев» ва «Тринадцатый» абулел рагъул кинобазухъ балагьун гурони, рагъ щиб жояли лъазе жеги гIурав чи вукIинчIо дун. Амма росулъ рукIана финазулгун букIараб рагъда, «ХIасан» хIоралда ккарал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъарал чагIи. РукIинесел рагъухъаби хIисабалда ниж куцалаан школалъул военруказги. Жеги росу тун къватIивехун щвечIев, микьабилеб классги лъугIун, каникулазда эбелалда аскIов (гьей йикIана ЧIарада районалъул гIорхъода бугеб колохъ дояркалъун) вугев дун ахIана росулъе. Хадусеб къоялъул рогьалида, тIадлъун кIудияб тIагъургун, тIадбан кIудияб ханжаргун, хIатIилицIго, 15 чIужугIадангун (киназдаго цебе къотIун лъаб-лъаб хIамаги) цадахъ, дун витIана МахIачхъалаялде, ханжу босизе. Нухда нижеда бичIчIана ва шагьаралде, колхозалъул петералде щведал, бицана рагъ ккун бугин. Босун ханжугун, сапаралъул 13-абилеб къоялъ ниж тIадруссун щвана росулъе. Гьеб заманалда байбихьана росулъа гIолохъаби армиялде рачине. ГьитIинго вугин абун, вачунарогоги вукIун, дица хъвана гIарза (гьеб хъвазе малъана Гъунив дандчIварав ГIумар МуртазагIалиевас (дир эменги гьесул эменги рукIана гьудулзаби). Гьелде щвезегIан дида лъазецин лъалароан гIарза щиб жоялицин ва дун вачана армиялде. Дида хадубго киналго классцоязги кьуна гIарзаби, гьелги ритIана армиялде. Дун ккана Бакуялда бугеб рагъулаб училищеялде.
— Кидаха бихьараб тIоцебесеб рагъ, киб лъараб гьелъул «тIа­гIам»?
— Училищеялъул курсалги лъугIун, разведкаялъул ротаялъул отделениялъул командир хIисабалда дун ккана Ингушетиялъул Малгобек шагьаралда аскIоб унеб букIараб рагъде.
— Бергьенлъиялъул къоялда киб дандчIвай гьабураб?
— Белоруссиялда вукIарав дун цIализе витIана Москваялде, тIолаб­го СССРалда цого-цо бугеб рагъулабгун финансалъулаб училищеялде. Гьеб къоялъ дун вукIана училищеялъул байрахъалда аскIов, посталда. Дежурствоялда вукIаго, байбихьана бицун божулареб кьвагьа-гIанхъи, ахIи-хIур. РакIалде ккана цоги щиб балагьдай бачIарабилан. Цинги вачIана офицер ва лъазабуна рагъ лъугIанин, нилъги бергьанин. Хадур ниж рачана къватIире, щвана гIаламалъ цIураб БагIараб Майданалде… бицун би­чIчIу­леб, бихьичIев божулеб жо гьеб гуро.
— Кинха нужеца кIодо гьабураб гьеб къо, кьунищ нужее «наркомасул» 100 грамм?
— Доб къоялъ кьуна лъикIаб квен, амма гьекъолеб жоялъул хабар букIинчIо. Гьеб гьечIониги, нижер рохиялъул, разилъиялъул, аваданлъиялъул рагIа-ракьан букIинчIо.
— Исана 74 нухалъ дуца дандчIвай гьабулеб буго Бергьенлъиялъул къоялда. Кинал планалгун, пикрабигун дандчIвазе ракIалда бугеб?
— Гьанже дир планал рухьарал руго сахлъиялда. Гьал дир махIабаз дихъ гIинтIамичIони, букIинаро къватIиве вахъинги. Амма рохелги пашманлъиги цадахъаб гьеб байрамалда дандчIвай гьабизе буго аваданго, бадиб магIугун….
— Киналго кьерилал-росуцоял, рагъул гIахьалчагIиги цереса ун, цохIо мунго хутIун вукIиналъ кинал хиялазде вачунев?
— Гьел ракIалдещолареб къого букIунаро, церечIола чIагоял дозул сипатал, унтула ракI, хасго дунго хутIараб заманалда…
ГIабаш ГIабашилов