РакIалдещвеязулъ чIаго вуго мун

 

 

Къого сон ана экстремизмалде ва уголовнияб хъачагълъиялде данде къеркьолеб управлениялъул нухмалъулезул цояв, полковник ГIакъилов Ахъбердилав чIва­рал­даса. Гьесул хIакъалъулъ гьаб гьитIинабго макъала хъвалалъул, ракIалде рачIана мунагьал чураяв Гъоркьа Бакълъухъа ЖабрагIил ХIасановасул кочIолъа гьадинал рагIаби:

 

ХутIуларо нахъе гьадинал чагIи,

Хола унтичIого чияр кверакьа.

Толаро ракьалда гьадинал чагIи,

Рукьбузе гурони щоларо хIалхьи.

Гьадинал чагIазе гIумру кьоларо,

ГIурдаде уна гьел къо бащалъукьго.

КъватIибе кIанцIула гьалдолеб хъазан,

Хъвала къоноялда къимат тIокIаб цIар

 

А. ГIакъилов гьавуна 1958 соналда ГIахьвахъ районалъул Лологъонилъ росулъ. Росдал школа лъугIидал, цIализе лъугьана МахIачхъалаялъул медучилищеялде. Гьенив цIалулаго жигараб гIахьаллъи гьабулаан училищеялъул жамгIияб гIумруялъулъ. Гьев вукIана милициялъул оперативияв кумекчилъун. Гьесул анищго букIана гIадлу-низам цIуниялъул органазда хIалтIизе. Ва ахир-къадги гьеб мурадги тIубана. ХIалтIана судалъул секретарьлъун, ГIахьвахъ раймилициялъул паспортазул столалъул начальниклъун. ЦIалана Оренбургалъул Юридикияб институталда ва хIалтIана Буйнакск шагьаралъул жанисел ишазул уголовнияб цIех-рехалъулаб отделалъул начальниклъун.

1998 соналда гьев тIамуна ДРялъул МВДялъул гIадамал рикъиялда данде къеркьолеб управлениялъул (УБПЛ) начальниклъун.

2001 соналда тIамуна ДРялъул МВДялъул терроризмалде ва экстремизмалде данде къеркьолеб управлениялъул начальниклъун (УБТЭ).

 

— ЛъикIав хIалтIухъан гуребги ГIакъилов вукIана лъикIав эменги. Эркенаб заман дагьаб гурони букIунароан гьесул. Гьебги лъималазе тарбия кьолаго тIамулаан. Рукъалъ вукIана гIагарал чагIазухъ. БукIинчIо живго бетIергьанаб дачацин. Рокьулаан чуял, спорт, гIемер цIалулаан художествияб литература. ГIакъилов вукIана гьудулзаби хирияв чи, — ян бицана хасал кIвар бугел ишазул рахъалъ кIудияв оперуполномоченийлъун хIалтIарав МухIамад Жаватхановас.

 

 

УОПалъул начальниклъун вукIарав А-Н. МагьдихIажиевас гьадин ракIалде щвезавулев вуго ГIакъилов:

ГIуцIун гьабулеб такъсирчилъиялде ва ришватчилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ управлениялъул бищунго лъикIав хIалтIухъан вукIана А. ГIакъилов. Гьесул хIаракаталдалъун бащдаб моцIалдаса цIикIкIараб заманалда жаниб тIатинабуна Гъизляр, Каспийск, Буйнакск, МахIачхъала шагьаразда ва Дербент районалда уголовниял ишал гьарураб ришватчилъиялда хурхараб 22 хIужа. ТамихIалде цIаразда гъорлъ вукIана анцIгоялдасаги цIикIкIун милициялъул хIалтIухъанги.

— Цо нухалда Буйнакск шагьаралда дандчIвазе кколеб букIана такъсирчагIазул кIиго къокъа. Гьединаб дандчIвай, гIемерисеб мехалда, лъугIулаан чIвай-хъвеялдалъун. Гьединлъидал, гьеб гьукъиялъе къватIире рахъине кколел органазул хIалтIухъабазе нухмалъи гьабизе тIадкъан букIана ГIакъиловасда. ГIезегIан гIакъилго тIобитIараб операциялъул хIасилалда, кIвана такъсирчагIазда гьоркьоб ккезе бегьулеб букIараб тунка-гIуси гьукъизе гуребги, гьезул 60 чи кквезеги. Гьезда гьоркьор ратана цIех-рехалъул органаз ралагьулел рукIаралги ва кIиго соналъ цеве туснахъалдаса лъутаравги, — ян бицана МВДялъул анлъабилеб управлениялъул кIудияв оперуполномоченийлъун хIалтIарав Мурад МукагIиловас.

 

 

— ГIакъилов вукIана бажари бугев, иш лъалев, къвакIарав чи. Гьес бетIерлъи гьабулеб букIараб экстремизмалде ва уголовияб хъачагълъиялде данде къеркьолеб управление гIуцIун букIана хIалбихьиялъе, Дагъистаналда букIараб хIалуцараб ахIвал-хIалги хIисабалде босун. Цогидал регионазда букIинчIеб гьеб гIуцIиялъ лъикIаб хIасилги кьуна. Амма гьеб, тIоцебесеб иргаялда, бараб букIана гьелъул нухмалъулесул бажариялда.

Ахъбердилав вукIана аваданав чи. Гьесие хасиятал рахъаллъун кколаан гIадатлъи, хIалтIулъ тIадегIанаб жавабчилъи. МВДялъул министрлъун вукIарав ГIадилгерей МухIамадтIагьировасги кидаго лъикIаб къимат кьолаан гьесие, — ян бицана полковник ГIабдулатIип ГIабдулатIиповас.

ХIалтIулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе ва тIокIлъабазе гIоло гьев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. Щвана гьесие кIиго Бихьинчилъиялъул орден, «ВатIаналда цере гьарурал хъулухъазе гIоло» орденалъул кIиабилеб даражаялъул медаль, гIемерал грамотаби, хасаб цIар тIад хъвараб ярагъ. Гьесул цIар кьун буго Лологъонилъ росдал школалъе, бюстал лъун руго Къамиш-хъутаналъул гимназиялда ва росдал школалда.

 

 

КIудиябросулъа МуртазагIалиевалъ ГIакъилов чIвайдал гьабураб назмуялда руго гьадинал рагIаби:

 

Зиргъун роцIараб къо, къалъараб заман,

Къалъуда кваназе рокъове унев.

Лъаларо, щиб ккараб, щай мун тохлъарав,

Тушманасде данде кватIун кин ккарав?

Чанги захIмат-кьалда чучичIеб дур черх

ЦохIо-цо гуллие чучилароан.

Гьебги лъан рачIана дол дуде данде,

Аскаралъе гIураб гулла-хер босун.

Дур чIухIараб гьумер, дур гьайбатаб черх,

Жегиги хъачагъал хIинкъулел дукьа.

ХутIараб замана сородилаго

Ине бугеб гьезул гьаб дунялалда.

ЦохIо эбел-инсуй, вацал-яцазе,

Хъизан-лъималазе камун хутIичIо.

Мун камуна тIолго Дагъистаналъе,

Мун камуна дурго гьудулзабазе.