«Абуге жегиги рагъ лъугIанилан»

 

   Гьеб хъарщи чIвалеб мехалда гьенире ун рукIана Дагъистаналъул чанго батIияб районалдаса чагIиги, ай доб хъорщода цIарал рикIарал рагъухъабазул гIага-божарал.

1942 соналда Малгобекалда гIагарлъухъ чIварал гьел араб бакI лъачIого тIагIараллъун рикIкIунаан гьанжелъагIан. Гъоркьиса августалда абуни, Моздокалъул «Поиск» абулеб къокъаялда гьел рагъухъабазул жаназабазул хутIелал ратун руго Малгобекалдаса рикIкIад гьечIого, Гъизляр росдал рагIалда.

Ракьул щибаб кесекалъе гIоло рагъ байбихьун буго гьениб 1942 соналъул хасалихъе. Гъизляр ва Малгобек росабазда гьоркьоб бакIалда фашистазулгун рагъ гьабулеб букIун буго гвардиялъул ичIабилеб кьвагьдохъабазул бригадаялъ. Малгобек цIунулеб букIун буго кьвагьдохъабазул тIоцебесеб батальоналъ. 1943 соналъул 3 январалда гьеб тIубанго бацIцIад гьабуна фашистаздаса. Гьенив Дагъистаналдаса 32 рагъухъанги чIван вуго.

Малгобек росдал бегавул Зубер Кусовас кьурал цIарал мемориалияб хъорщода тIад рикIизе квербакъиялъул суал поисковиказ дандбана Моздок районалъул бетIерасул заместитель НурмухIамад Будайчиевасда. Цинги гIуцIана оргкомитет. Гьелда гьоркьоре рачана бизнесмен Анатолий Юсупов, Расул ХIамзатовасул цIаралда гьениб рагьун бугеб «Дагъистан» абураб миллиябгун культурияб централъул нухмалъулев МухIамад Гьиматов, поисковиказул къокъаялъул нухмалъулев МахIмади Даулетов, «Дом быта» гIуцIиялъул директор Владимир Оганесов.

Гьел киназего цIакъ рекIее гIуна Малгобекалдасаги Дагъистаналдасаги рагъухъабазул цIарал даим гьаризе ккеялъул пикру. Мемориалиял хъарщал хIадуризе Анатолий Юсуповасе заказги кьун, памятник цIигьабулеб тадбиралде Малгобекалде рачIаян газетал-журналаздасан, телевидениялдасан Дагъистаналъул росабалъе, шагьаразде ахIи бана оргкомитеталъ.

Гьедин рачIарал дагъистаниязда гъорлъ рукIана, масала, Башир Тагиевасул лъималазул лъимал – Хив районалдасаги Зеленокумск шагьаралдасаги МухIамад, Рустам Тагиевал, ХIажирамазан АхIмадов. РачIана Дахадаев, ГIахъуша, Лак районаздаса дарги ва тумазул миллаталъул чагIиги.

Араб бакI лъачIого тIагIарал жидерго умумузул цIарал гьечIищ гьев 32 дагъистаниясда гъорлъали бихьизе Гъизилюрталдасаги бачIун букIана следопытазул къокъа – Султандибир, МухIамад, ГIусман, ХIамзат, ГIали, Сайдула ГIалиевал, ГIали Пахрудинов.

1942 соналдаса нахъе таманаб заман аниги, жеги-жеги цIехолел руго гIадамаз жидерго гIагаразул цIарал. Цевехун рехсарав МахIмади Даулетовасги бакIалъул поиско- виказги гIезегIан хIалтIи гьабулеб буго гьеб рахъалъ. Ахираб чанго соналда жаниб лъабнусго чиясул цIар тIатинабуна гьез. Гьав 32 дагъистаниясул цIар тIатинабиялъеги гьел даим гьариялъеги квербакъи МухIамад Гьиматовасги гьабуна.

Моздокалда бугеб Дагъистаналъул миллиябгун культурияб централъул вакил Сулейман Жахаевас бицана Малгобекалда чIваразда гьоркьоб цIар батарав цо тумасул къисматалъул хIакъалъулъ. Кули районалъул Хосрех росулъа СагIид ХIусенов ккола гьев.

ХIакъикъаталда абуни СагIид гьенив чIван гьечIо. Гьениса тIадги вус- сун, 2021 соналда хун вуго.

Хосрехалдаса ХIусайнил лъабго вас ун вуго рагъде – Рамазанги, СагIидги, Абачараги. Рамазан чIван вуго гьенив, гьелда хадубго цун СагIид чIваниланги бачIун буго кагъат.

МагIирукъги лъун, зигараялъ рачIарал чагIи кваназарулел рукIун руго ХIусайнил рокъор къаси мехалъ. Цо заманалда бецIлъукьан ваккун цо батIияв чиги вачIун вуго гьениве кваназе. Мун СагIидида цIакъ релълъарав вугилан гIадамаз абидал, жив вакъуца холев вугин, кваназе квалк- вал гьабугеян жаваб кьун буго гьес.

Ахирги рокъове тIадвуссарав СагIид ватула гьев. Кор боркьараб рагъулъ жиндир гьалмагъзабиги чIван, гьев агълъизавун, лъавудаса уна. ВорчIидал, сверухъ батула сихIкъотIи. Цинги бохдузда вахъун чIезеги бажаричIого, хIалица хъурщун, санчасталде щола гьев, лъукъараб кверги пилоткаялда гъорлъ жемун.

Сахлъун хадув рокъовеги виччала СагIид.

Сулейманица бицана цIакъ ракI лъикIав, разияв чи вукIанила гьев. Хадур гьесие гьаруна лъабго васги ясги, хIалтIулаан колхозалда. СагIидил махщел букIана кучIдул ахIизеги, кьурдизеги, махсаро гьабизеги. Гьесул анищ букIун буго живго вагъарал, жиндирго гьалмагъзаби къаникь щапарал бакIаздеги щвезе. Амма гьебги тIубачIого хун вуго.

СагIидил цогидав вац Абачараги тIад вуссана рагъдаса. Филологиял гIелмабазул докторлъун вахъана гьев.

Гьединал мисалал жеги рехсана гьенир.

Памятникалда цере умумулги ракIалде щвезарун, Моздокалъул имам Казбек Аскеровас хваразул рухIазе дугIаги гьабуна. Школлъималаз рагъулал кучIдулги ахIана.

Хадуб тIобитIана цоги тадбир. В. Оганесовасулги, М. Гьиматовасулги, В. Чупринилги квербакъиялдалъун гьениб гьабуна «Оборона Моздока» абураб радио-экспедиция.

 

Ф. Адилова, Моздок шагьаралъул собраниялъул депутат