Эбелалъул магIу лъукъараб гулла

 

Эбелалъул ракI. Эбелалъул пикраби. Эбелалъул гьими. Эбелалъул анищал. Гьеб кинабго цолъун лъугьараб эбелалъул магIу. БухIараб, цIорораб, хинаб, бохараб, пашманаб. Киса-кибего лъимералъул талихIалда цадахъ гьебгун сапаразда букIунеб магIу. Эбелан цIар бугей хIикматай хIурулгIиналъ магIуялде бикьула жиндирго ургъел, гьелъие бицуна эбелалъ жиндирго рекIел хIалалъул, пикрабиги гьелъие гьурщула, лъималазул рохелги гьелъие гIахьал гьабула, гьезул къварилъиялъулги бищун цебе эбелалъ магIуялъе бицуна.

Цо-цо магIуялъул къисмат цIакъ талихIаб букIуна. Гьелъул кваркьидакь парахалъи батула эбелалдаги лъималаздаги. Эбелалъул магIуялъ берцинал расенал рахъула гьеб талихIалда. Цинги лъалъала жиндирго къатIрабаз. Кинай эбелалъеха бокьилареб жиндирго магIуялъул талихIаб къиса букIине.

Гьединаб анищ букIана Буйнакскиялда гIумру гьабун йигей ГьаркIасуни росулъа ПатIиматилги. Жиндирго гIумруялъул гьудул Болъихъ районалъул РикIваниса Исрапилгун цадахъ, лъикIаб тарбия кьун, гIезаруна лъабго васги цо ясги: ГIубайдула, МахIач, Жунайдин ва Сумайя. Хъизамалда гIун вачIунев лъабавго васасдаса чIухIи букIунаан эбел-инсул. Щайгурелъул гьел гIолел рукIана ватIан бокьулеллъун, Дагъистаналъул гIадаталги гIамалалги цIунарал гIолилаллъун. Ва лъабавго васас тIаса бищана рагъулав хъулухъчиясул иш.

КIудияв вас ГIубайдулаца ва гьоркьохъев МахIачица лъугIизабуна Санкт-Петербургалда бугеб рагъулаб академия. КIиязго хъулухъ гьабулеб букIана Нижний Новгородалда танкабазул аскаразда. КIиялгоги рукIана ротабазул командирзабилъун.

Лъабабилев вас Жунайдиницаги тIаса бищана цIикIкIарал вацазул нух. Гьевги цIалулев вуго Оборонаялъул министерствоялъул, рагъулаб университеталда.

Цо хъизамалда — кIиго офицер. ВатIан цIунулезул кьеразулъ ругел васаздаса бохун букIунаан эбелалъул магIу. ПатIиматица балъгого бицунан гьелъие васазул талихIалъул къиса. Бугониги, цо кинабалиго хIинкъиги букIана гьелъул рекIелъ. Щаялиго рахIат хун лъугьунаан гьей зама-заманалдасан. Гьеб рекIел хIал лъалаан цохIо магIуялда.

Амма ПатIиматица аскIобегицин гIагарлъизе толеб букIун батиларо гьеб талихI къисматалъул ругъназ бигъинабилилан абураб пикру. Гьелда лъалеб букIун батиларо кватIичIого жиндир магIуялдаги тушманасул рекIкIаб гулла щвезе букIин.

Бигъинехъин бугеб талихIалъул байбихьилъун батана исанасеб соналъул 24 февраль. ГIолохъанал вацалофицерзабазухъе щвана ВатIаналъул ахIи. Гьелги гIахьаллъизе кколаан Украинаялда лъугьун бугеб ахIвалхIал роцIинабиялъе Россиялъул президентасул буюрухъалдалъун ватIаналъул солдатазул хасаб рагъулаб операциялда. ВатIаналъул ахIиялъе жаваб кьуна вацазги.

Украина. Ихдалил рогьел. Март. МоцIалъ цоцазда рихьун рукIинчIел вацал гьеб къоялъ къисматалъ данде гьаруна. Гьезда хьолбохъ эхетун букIана магIу, ПатIиматица жиндирго васал цIунизе битIараб. МагIуялдаго цадахъ букIана эбелалъул кинидахъ кечIги, ахирисеб нухалдаги вас МахIачида жиндир гьаракь рагIизе бугеб.

Гьалдолеб букIана Украинаялъул Изюм шагьаралда хIалуцараб гIумру. Гьалдолел рукIана эбелалъул пикраби. Гьалдолеб букIана эбелалъул рекIел тIиналдасан киналго бидурихьазулъе лъугьун, гьелъул би гьалдезабулеб бугеб магIу. Гьалдолеб букIана инсул ракI.

 

Ахирисеб дандчIвай. Жеги вацазда лъалеб букIинчIо гьеб ахирисеб букIин. ГIицIго гIумруялъул гьеб хIалуцин бичIчIулеб букIана эбелалъул кечIалдаги гьелъулго магIуялдаги.

Ва, гьале – эбелалъул магIуялда щвана рекIкIаб гулла. КIудияв вац ГIубайдулал кодоб абадиялъего берал къанщана МахIачица. Ва ахирисеб нухалда гьесул берал тIупана эбелалъул кечIалъ. ТIупарал беразде бортунго-бортун бачIунеб букIана эбелалъул лъукъараб магIу. Эбелалъул кинидахъ кечIалда гъоркь гIумруялъулгун къо-мех лъикI гьабуна тIадегIанлъиялъул ва борхалъиялъул тIогьазда жиндир багьадурлъиялъул цIва гвангъун хутIизе бугев Дагъистаналъул вас, дир миллатцояв ГIубайдулаев МахIачица.

Лъукъана гьенив ГIубайдулаги. Москваялда госпиталалде ккарав гьев мустахIикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. КенчIана гIагарал мугIрузул каранда бихьинчилъиялъул цоги гIаламат.

Абадияб сапаралде МахIач нухарегIизе рачIарал офицерзабаз абулеб букIана БахIарчиясул цIваялъеги цIаралъеги вихьизавун вугин гьевилан абун. Бицана гьез МахIачил бахIарчилъиялъул хIакъалъулъги. ЦIодорлъи гьабейилан гьарделел рагъулал гьалмагъзабиги тун, гьев ана хвалде данде ва рагъул корониса хвасар гьаруна жиндирго лъукъарал гьалмагъзаби.

МахIачил зигара бан, эбел-инсухъе кIалъана дивизиялъул командир П. Дорошенко.

— МахIачил ками нижее киназего захIмалъана. Гьесул тIокIцIарги букIана «Хъарчигъа» (ястреб). Дица гьесде ахIулаан «Дир Хъарчигъа» (Мой ястебренок), — илан. Камуна дие дир къвакIарав Хъарчигъа. Гьев ракIалде щванщинахъе, магIу гирун бачIуна бадиса. Гьесдаса чIухIизе бегьула Дагъистан. Гьединал лебалал васал гIемер руго Дагъистаналда, — ян абуна гьес.

Зигара балел гIемер рукIана гьел къояз. РакI-ракIалъ хадур гIодулаго, МахIачил рагъулал гьалмагъзаби кIалъан рачIиндал, гьесул эбел-инсуда, яцалда, вацазда, гIагарлъиялда бичIчIулеб букIана жидерго васасул хвалил унго-унгояб магIна.

Щвана дунги БахIарчиясул магIирокъое. Гьабуна эбелалда зигара. Бахиллъана гьелъул сабруялда. Гьелъул каранда бетIерги лъун, гьитIинай Сумайяги гъапуллъун ккун йигоан. Макьилъ гьимулей йикIана. Гьел лахIзатаз гьелда цебе тIамулеб букIун батила хирияв вацасул сипат. Рихьана эменги вацалги. Пашманаб гьезул балагьиялда цадахъго бихьулеб букIана ВатIаналъул ахIиялъе жаваб кьурал, гьелъул тIалабазе ритIухъал васаздаса бугеб чIухIиги. Гьезул нух тIаса бищарав Жунайдин вихьидалги, черхалда пархун цIа рекIараб гIадаб асар гьабуна. ВукIинесев офицерасул пикраби цIалулел рукIана дица. Гьевги хIадур вуго вацазул бахIарчилъи такрар гьабизе.

Эбелалъул лъукъараб магIу. Гьебги чIухIун букIана гьел къояз вацалбагьадурзабаздаса. Гулла щваниги, бид бецIцIаниги, галадичIеб гьелъ сабру гьарулеб букIана эбелалъул кечIалъе.

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА