БахIарчияб нух

 

 

ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъа, гьанжего-гьанже михъида хIур чIвалев, ГIабдурахIман ГIумаровасги хIукму гьабуна рагъде ине. Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана Бакуялъул кIиабилеб пехотаялъул училищеялда цIализе лъугьиналдаса.

 

   КIудияв сержант, взводалъул командир, 19 сон барав ГIумаровасе тIо­цебесеб рагъулаб лъадари щвана Орджоникидзе шагьаралда гIагарлъухъ. Орджоникидзе шагьар ва Гизел росу тушманасдаса эркен гьабурабго, гьезул отделение биххизабуна ва 26-абилеб мотострелковияб артиллериялъул дивизиягун цолъи­забуна. Гьенивги ГIабдурахIман гIарадаялъул отделениялъул командирлъун тIамуна. ЗахIматал, баща­лъи гьечIел рукIана Архонский районалъе гIоло ккарал рагъал. Гьениб ГIабдурахIманил взводалъул гIицIго лъабго чи чIаго хутIана.

КватIичIого ГIабдурахIман гIарадачагIазул взводалъул командирлъун тIамуна, ва гьев Нососевка росдае гIоло ккараб рагъде ккана.

   — Росу анцIгониги нухалда цоцахъе ккана. Гьезда кIвана нилъеразул цо къокъа ва гьезда гьоркьоб нижер дивизионги сверун кквезе. ТIубараб къоялъ къотIичIо рагъул гъугъай. Гьеб къоялъ тушманасул 8 танк бухIана ва гIемерал солдатал чIвана. Анкьго сордо-къоялъ халат бахъана горсверуда бащалъи гьечIеб рагъ. Амма росу кьечIо. ТIаде щвараб кумекалдалъун тушман нахъе вачахъизе кIвана. Гьеб росу цIунаразе БетIераб командованиялъул баркалаги щвана, — ян бицунаан ГIумаровас.

ГIабдурахIманица гIахьаллъи гьабуна Таманалъул чIинкIиллъи эркен гьабиялъул рагъулъ. Хадуб гьезул часть рехана Донбассалде, ва, Макеевка шагьар эркен гьабулаго, гьев захIматго лъукъула.

    Госпиталалдаса хадув Крымалде ккана. 1944 соналъул 11 апрелалда нилъер аскараз Крым эркен гьабизе цадахъаб гьужумалде байбихьана. 19-абилеб танказулаб дивизиялъе кумекалъе кьурал гIарадабазул цо взводалъе командирлъи гьабулеб букIана ГIабдурахIманица. Перекопалда, Сивашалда фашистазул оборонаги щущахъ бан, советиял аскараз Джанкой станциялдаги маххул нухдаги кверщел гьабуна. Эркен гьаруна Симферополь, Севастополь шагьарал. Гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло ГIумаровасе БетIерав командующиясул рахъалъан лъабго нухалъ баркала щвана. Гьенив рагъухъан коммунистазул партиялдеги восула.

РакIалдаса унароан ГIабдурахIманида Сапун мегIер бахъулаго ккарал рагъал. Тушбабаз цIакъго щула гьабун букIараб гьеб, цо чанго нухалъ тIатIалаго гьужумал гьаруниги, бахъизе кIолеб букIинчIо. Амма щибаб иргадулаб гьужумалъ фашистазул дандчIей чучлъизабулеб букIана. Ахир­ги рес къотIиялде ккарал немцал, мегIерги тун, нахъе къана.

Крым эркен гьабун хадув ГIабдурахIман гIахьаллъула Прибалтика, Румыния, Венгрия, Болгария, Чехословакия эркен гьариялъулъ, ва Эльба гIурул рагIалда ингилисазул армиягун дандчIваялдалъун лъугIана гьесул рагъулаб нух.

    КIудияб ВатIанияб рагъда ГIаб­дурахIман 6 нухалъ лъукъана. Гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло гьесие кьуна 8 Баркала, «БагIараб цIва», лъабабилеб даражаялъул Реццалъул орденал ва 7 медаль.

Рагъдасан вуссун хадув гьев хIалтIана учительлъун, КПССалъул ва ВЛКСМалъул райкомазда секретарьлъун, газеталъул редакторлъун, районалъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председательлъун ва гьабсагIаталда хIалтIулев вуго райисполкомалъул председателасул заместительлъун.

   Кив ва кинаб ишалда вугониги, гьесие хасиятаб букIана къуркьи гьечIолъи, пачалихъалъ тIадкъараб иш мисалияб къагIидаялъ ва ракIбацIцIадго тIубазаби. Гьес бихьизабуна жиндирго бажари, рагIуе ритIухълъи, жиндехунго ва гьудул-гьалмагъзабаздехун кIудияб жавабчилъи ва тIалабчилъи. Гьесул гIумруялъул ва захIматалъул нух ккола гIун бачIунеб гIелалъе инсан куцаялъул гьайбатаб ва гвангъараб мисаллъун.

ХIадурана Б. СултIановас