Ракьулъ батараб тарих

 

 

Гъизилюрт районалъул Языковка росдада гIагарлъухъ ратана 1942 соналда бортараб Су-2 самолёталъул хутIелал. Амма гьелъул лётчик щив вукIаравали якъинлъун гьечIо. Гьедин бицана гьал къоязда республикаялъул журналистазе кьураб пресс-конференциялда ХIайбула ГIумаровас. Гьев ккола «Поисковое движение России» абураб гIуцIиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев.

 

Акаевасул самолёталъул гIадаб къисмат ккеладай?

 

ХIайбула ГIумаровасда цадахъ журналистазулгун дандчIваялде рачIун рукIана самолёталъул кескал ракьулъа рахъизе квербакъарал Хасавюрталдаса ТОКСалъулалги – «Кавказ» абураб къокъаялдаса гIолилал. Гьездаго цадахъ жеги Ингушетиялдасагун Нижний Новгородалдаса поисковикалги гIахьаллъун руго гьеб ишалъулъ.

ХIайбула ГIумаровасул рагIа­баз­да рекъон, самолёталъул хутIелал кир ругелали Языковка росдал гIа­дамаз бицун буго гьезда. Лъабго къоялъ тракторалъги цадахъго гIолохъабазги лъабго метралъул гъварилъуде щвезегIан ракь бухъун гурони, гьезда тIадеги кколел рукIун гьечIо. Дагьабниги гъварилъуде раккидал, лъимги кIанцIун буго гьенибе. Гьелъги квалквал гьабун буго ТОКСалъулазе.

Гьединлъидал гIезегIан заман къваригIинехъин буго хIар­щу­да­саги кьавуялдасаги гьел рекелал рацIцIад гьаризе. Гьедин гьабизе гьабсагIаталда Хасавюрталде росун руго гьел. Цебе ккараб куцалда хIарщги кьавуги нахъе хъвагIани, тIаса номералги цогидаб хъвай-хъвагIайги ине бегьулин бицана ГIумаровас.   

Ратанщинал кескал дандрай цо­хIо ТОКСалъулазе захIмалъулин, амма къватIисан гьелъие кумек щвани, гьабизе кIолареб жоги гьеб гурин бицана ГIумаровас. Масала, Казаналда ругила гьединал махщалилал. 

Хадурккун самолёталъул хутIе­лал республикаялъул цониги музеялда лъезе бегьилин ГIумаровас аби­дал, журналисталъ гьикъана Юсуп Акаевасул самолёталъулго гIа­даб къисмат ккеладай гьелъул­гийилан. Анлъго соналъ цебе Керченский проливалъул тIиндаса бахъараб Совет Союзалъул Ба­хIар­чиясул Ил-2 Буйнакскиялъул музеялъул азбаралъуб туризе тун батун, ахIи бахъун букIана. Жидеца иш гьелде ккезе теларин рагIи кьуна ХIайбула ГIумаровас. РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановасги рахъкколила жидер тадбиразул.

 

ВатIаналде тIад руссин 

 

«Кавказ» гIуцIаралдаса сверулеб бугеб щуго соналда жаниб гьелда гъорлъе рачIунел, хадур цо-цо гIиллабазда бан (ясал – росабазе кьун, васал — цIализе ун) нахъе арал киналниги гIолилазул къадар 150-ялде бахана.

Гьезул цояв, Мурадица бицана, Ингушетиялдагун Волгоградалда, Севастополалда жидеда ратанила КIудияб ВатIанияб рагъул заманалъул рагъухъабазул жаназабиги, медальоналги, минабиги. ГIагарлъиялъул чагIи лъалел ругони, гьезухъе тIад руссинарулел руго гьел. Гъоркьиса тIад буссинабуна гьединаб ункъо медаль. Масала, гьезул кIигояб щвезабуна Бавту­гъаялдеги Калининаулалдеги.

«Поисковое движение России» абураб гIуцIиялъ рукъизе гъоркьиса БацIаде росун рачIана 1941 соналда Ленинград цIунулаго чIварав гьеб росулъа МухIамад Нуралаевасул рукьбиги. Гьесде щвелалде Краснодаралдаса ралагьун МухIамад Маркъуловасул рукьбиги рачIун рукIана Сугъралъе. Араб бакI лъачIого тIагIараллъун ри­кIкIунаан гьел.

«Севастополь фашистаздаса ба­цIцIад гьабулаго тIубанго тIа­гIинабун букIана 1941 соналда Дербенталда гIуцIараб Дагъистаналъул 345-абилеб стрелковияб дивизия. Гьединлъидал гьеб шагьар нижее цIакъго гIагараб буго, щибаб соналъул апрелалдагун августалда гьенир тIоритIулел ТОКСалъул тад­биразулъги гIахьаллъула ниж. Гьединго Волгоградалдеги гIемер щола. Гьенибги, Сталинградалъул рагъулъ, 5000-гIанасев дагъистанияв ракьулъ лъунин абурал баянал руго. Гьениб гьезие памятникги лъуна чанго соналъ цебе», — ян бицана ХI. ГIумаровас.

 

ЦIарал щвечIел БахIарзал

 

Рехсараб гIуцIиялъ цIех-рех гьа­булеб буго Совет Союзалъул Ба­хIарчи абураб цIаралъе рихьизарун рукIарал, амма гьеб щвечIел чагIазда сверухъги. Дагъистаналдаса гьединав 50-ниги чи лъалев вуго гьезда. ХIайбула ГIумаровас бицана ротаялъул командирлъун вукIарав жиндир гIагарав чиги вугила гьезда гьоркьов. Запорожская областалда вукъун рагIула гьев тIолабго ротагун цадахъ. Гьениб гьесул цIар лъураб къватIги бугила. Амма эмен гIараб цIаларав чи вукIиналъищали, кьун гьечIо гьесие гьеб цIар.

Совет Союзалъул БахIарчиясул цIаралъе вихьизавун вукIаниги, Хасавюрт районалъул ГIусманюрт росулъа Иляс Арслангереевасе хун хадуб кьун буго ВатIанияб рагъул тIоцебесеб даражаялъул орден. Панфиловцазул гьунар такрар гьабурав гIорхъаби цIунулев 18 рагъухъанасул цояв кколаан гьев. Гьезул 18 жаназаялда аскIоб батун буго фашистазул 83 жаназаги. 

Камил-къади ГIалиевасул цIарги рехсана ГIумаровас. Сербиялъулгун Босниялъул гIорхъода вукъун вуго гьев. Амма Совет Союзалъул БахIарчиясул цIаралъул бакIалда гьесие кьун буго БагIараб Байрахъа­лъул Орден.

ХIайбула ГIумаровасул рагIабазда рекъон, Совет Союзалъул БахIарчи Зулнукъар ГIаб­ду­рахIмановги гьеб бакIалдаса гIебеде вуго вукъун, амма гьениб гьечIо я зани, яги гьесул цIар хъвараб хъарщи. Гьесиеги лъагIалидасан (1946 соналда) гурони кьун гьечIо гьеб тIадегIанаб цIар. 

З. ХIажиева