Щивго кIочон гьечIо…

ЧIохъа ГIабдулажид

 

ГIумруялъ гIезегIан кIвекIаниги, жакъаги лъикIаб жаналда вуго ветеран

Гьеб букIинчIо нижер тIоцебесеб дандчIвай. Щибаб нухалъ Гъаза­лиев ГIабдулажидида мисалалъе бачине батулаан цебехун рагIичIеб, амма хадубккун тIад пикраби гьаризе тIамулеб лъугьа-бахъин. Цин гьес нилъ рачуна пачаясулаб Россиялде, цинги рикIкIадаб 1937 соналъул ракI гъанцIизабулел лахIзатазде. Гьел соназ ГIабдулажидил эмен, мунагьал чураяв ГIиса, кулакги гьавун, чIван вугилан бицуна…

ГIемерал соназ киса-кибего цадахъ букIанилан абизе бегьула ГIабдулажидида «тушманасул, кулакасул вас» абун лъураб тIокIцIар. Гьеб сабаблъун, гьесда дандчIвачIеб захIмалъиги бухIиги хутIунго батиларо.
ГIагараб росулъ букIараб минаги бахъун, гочине ккана шагьаралде. Щуго класс лъугIидал, инсул вацасда цадахъ витIана Грозныялде. Гьениб ФЗУги лъугIизабун, цIализе лъугьана фельдшерал хIадур гьарулеб школалде.
— Гьенив цIализеги спорталъеги лъикIав вукIана дун, — ян бицана ГIабдулажидица. — Цо нухалда мисалияв студент хIисабалда, лагералде витIулев вукIана, амма виччачIо кулакасул вас витIулеб бакI гьеб гуриланги абун. ХIисаб гьабе, кулакасул вас вугинги абун, Советияб армиялда хъулухъ гьабизецин виччачIо. ХIалтIизе витIана Буйнакскалде, санинструкторлъун. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьидал, ана дунги рагъулаб хъулухъалде.
Гьесул умумулги рукIана рагъулаб хъулухъалда рукIарал гIадамал: кIудияв инсуца, Дагъистаналъул рекIаразул полкалъул вакил хIисабалда, цIунулев вукIана Кавказалде вачIун вукIарав Александр Дюма. Цогидав кIудияв инсуца хъулухъ гьабуна Кавказалъулаб эскадроналда. Инсул вацал рукIана гIурусазул армиялъул офицерзабилъун. Гьез гIахьаллъи гьабуна тIоцебесеб дунялалъул рагъдаги.
КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда ГIабдулажидица гIахьаллъи гьабуна Каменск-Шахтинск, Ростов, Сталинград, Ворошиловград гIадал шагьаразда ккарал гIассиял рагъазулъ. 1947 соналде щвезегIан хъулухъ гьабуна гIорхъаби цIунулезул аскаразда. Гъазалиевасе кьуна рагъулав офицерасул чин, гьесул каранда улкаялъ рана шапакъатал: КIудияб ВатIанияб рагъул кIиабилеб даражаялъул орден, «Рагъулаб тIокIлъиялъе гIоло», «Кавказ цIуниялъе гIоло», «Бергьенлъиялъе гIоло» абурал медалал.
— Гьеб букIана 1942 сон, ихдалил заман, — ан бицана ветеранас. — Нижер рагъулал гьалмагъзабаз немцазде гьужумги гьабун, гьезухъа бахъана кванил нигIматазул цIураб склад. Гьениб батараб бечелъи нижее чанго моцIалъе гIуна. Амма гьеб гьарзалъигун ниж гIемераб заманалъ хутIичIо. Немцаз тIаде кIанцIун, гIисинал къокъабаздеги рикь-рикьизарун, нилъер рагъухъабазул къуват чучлъизабуна. Рохьахъ, хьуцIахъ тIиритIун арал ниж, лъазего лъачIого тушманас сверун ккуна ва асир гьаруна. ТIубараб километралъул манзил букIана нилъер асиразул, кьерда чIараб мехалъ. ТIоцебесеб къоялъго хIажат тIубазе цIоросаролъил хуриве арав дие рес щвана гьенив вахчизе ва асирлъудаса лъутизе. Дон гIурул цояб рахъалде вахана. Гьениб батичIо я немцазул, я нилъеразул кинабгIаги власть. ГIемерисел гIадамал рукIана гьекъон-кванан. Амма кватIичIого хIалакълъун тамахлъарав дун тIаде ккана советиял аскаразде. ГьебсагIаталъ гьезги жанив лъуна, — ян бицана ГIабдулажидица.
Гьевго гIадал, асирлъудаса лъутаразул вукIана щунусгогIан чи. Гьездаса гIуцIун букIана хасаб къоккараб мехалъ хIажатаб бакIалде битIизе хIадураб полк. ТIоцере рагъухъаби ритIана Тифлисалде, гьенисаги Азербайжаналъул Ханлар абулеб бакIалде. Амма щибаб къоялъ сурав босулаго рахIат толеб букIинчIо Гъазалиевасеги гьалмагъзабазеги. Цо талихIалъ дандчIварав ракьцоясул кумекалдалъун гьеб гIазабалдасаги ворчIана ГIабдулажид.
Гьелдаса хадув ккун вуго Грозныялде, Кубаналде, Харьковалде, Кривой Рогалде… 1943 соналда вукIана 37-абилеб дивизиялда гъорлъ. Гьениб бихьараб къоялъулги гIемер бицуна ветеранас. Ахирги, Болгария цIунизе унезда цадахъ витIун вуго.
1947 соналде щвезегIан рагъулаб хъулухъалда хутIарав ГIабдулажидида гIагараб ЧIохъ росулъе щвараб мехалда эбел ятана янгъизго. Гьесие бокьичIо фельдшерасул хIалтIуде тIадвуссине. Гьесул пикру буссун букIана гьеб заманалда магIарухъ хIалтIулеб букIараб профессор Геннадий Мовчанил экспедициялде. ГIабдулажидица байбихьана суратал рахъизе. Ва хадуб гьесул яцгIал, учительница Кибичева ГIайшатица гьеб хабар щвезабуна Мовчанихъе. Гьесги, гIемер кватIичIого, архитекторлъун вахъине бокьани Москваялде вачIаян ругьел битIун бачIана.
Мовчанил кумекалдалъун вахъанила жив скульпторлъунгиян бицана ветеранас. Гьес рана В. Ленинил, У. Буйнакскиясул, генерал-майор Б. Музруковасул, хирург А. Вишневскиясул, поэт Эфенди Капиевасул ва гIемерал цогидазулги памятникал. Гъазалиев ккола СССРалъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв художник. Щибаб соналъ гьес Москваялда кIодо гьабула кIудияб Бергьенлъиялъул къо — 9 май. ДандчIвала ветераналгун, жамгIиял хIаракатчагIигун, гьудул-гьалмагълъигун. Гьелин абуни ГIабдулажидил цIакъго гIемерал руго. Гьев вихьизе бегьула Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялда рукIунел батIи-батIиял дандчIваяздаги. Гъоркьисайин абуни ветеранас кIодогьабуна 95 сон тIубаялъул юбилейги.
ПатIимат Расулова