Унтула ракI, ссудула черх

 

    Сугъралъ росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде ана 300-ялдасаги цIи­кIкIун чи. Гьезул бащдал гурони тIадги руссинчIо. ГьабсагIаталда нилъгун вуго цо ветеран — 97 сонил ригьалде вахарав ХIажи ГIинчилов. Гьев рагъде ана 1941 соналда ва тIад вуссана 1946 соналда. ТIад вуссун хадув хIалтIана жанисел ишазул органазда, прокуратураялда, батIи-батIиял магIишатиял идарабазда. 1971-1985 соназда вукIана Гъуниб райкомпартиялъул тIоцевесев секретарьлъун. Пенсиялде аралдаса гIемерал соназ гьабуна Росдал магIишаталъул министерствоялъул Ветераназул советалъул председателасул хIалтIи. Бергьенлъиялъул къоялдаса хадув гьесухъе гьоболлъухъе щвана дун.

 

 

    — ХIажи, пачалихъалъ ветераназул гьабулеб тIалабалдаса, кьолеб пенсиялдаса рази вугищ мун?

 

    — Кутакалда вуго. ГIунгутIабиги гIезегIан ратила, амма ветераназдехун бугеб бербалагьи тIадеялдаса тIаде лъикIлъулеб буго. Киналъулго хIисаб гьабун, гьабсагIаталда дие щола 43 азаргогIанасеб гъурущ.

 

    — ГIолареб жо щибха бугеб?

    — ПатIимат… ПатIимат (ХIажил хъизан, 6 лъимадул эбел) гьечIолъи буго квеш ккараб жо. Сахлъиги дир ригьалда рекъараб букIинаха.

      — Киналго дур ригьцоял-росуцоял, рагъул гIахьалчагIиги цереса ун мунго цохIо хутIун вукIиналъ кинал пикраби гьарулел?

   — Гьел ракIалде щолареб къо букIунаро. Цере чIола чIагоял дозул сипатал, унтула ракI, хасго дунго хутIараб заманалда.

  — КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьун букIин киб ва кида дуда лъараб?

    — «Чапаев», «Тринадцатый» абурал рагъул кинабазухъ балагьун гурони, рагъ щибжояли жеги лъазе гIурав чи вукIинчIо дун. Амма росулъ рукIана финазулгун букIараб рагъда, «Хасан» хIоралда ккарал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъарал гIолохъаби. ГIемер гIенеккулаан гьез бицунелъухъ, рукIинесел рагъухъаби хIисабалда ниж куцалаан школалъул военруказ. Рагъ байбихьарал къояздаго байбихьана росулъа гIолохъаби армиялде рачине. ГьитIинго вугин абун вачунарого вукIун, гьелде щвезегIан гьеб щиб жоялицин лъаларев дица, гьалмагъас малъун военкоматалде кьуна гIарза ва дун витIана Бакуялъул рагъулаб училищеялде.

   — Кидаха бихьараб тIоцебесеб рагъ, киб лъараб гьелъул «тIа­гIам»?

    — Училищеялъул курсалги лъугIун, разведкаялъул ротаялъул отделениялъул командир хIисабалда дун ккана Ингушетиялъул Малгобек шагьаралда аскIоб унеб букIараб рагъде. Гьениб лъана гьелъул «тIагIамги».

   — Киб дандчIвараб Бергьенлъиялъул къо?

    — Белоруссиялда вукIарав дун цIализе витIана Москваялде, СССРалда цого-цо букIараб рагъулабгун финансазулаб училищеялде. Гьеб къоялъ дун вукIана училищеялъул байрахъалда аскIов, посталда. Дежурствоялда вукIаго байбихьана бицун божулареб ахIихIур, кьвагьа-гIанхъи. ВачIана офицер ва лъазабуна рагъ лъугIанин, нилъ бергьанин абун. Хадур ниж рачана къватIире, БагIараб Майданалде…

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ