Солдатасул кагъат

                                                                                                                                       I

…Дагьаб цебе Шамил районалъул Гьандихъ росдал школалъул ТОКСалъулаз босун бачIана мадугьалихъ росулъа рагъухъанасул лъаббокIонаб кагъат. Гьеб бугоан КIудияб ВатIанияб рагъул бищун захIматаб 1941 соналъул декабрь моцIалъ Исбагьиев МухIамадица фронталдаса хъвараб кагъат. Гьеб ккола тушман Москваялде гIагарлъараб ва Советияб пачалихъалъул тахшагьаралде тIаде хвалилаб хIинкъи щвараб заман.

 

Кагъат хъван бугоан цIакъ берцинаб гIажам-хатIалъ кIудияв эмен Къурбанчиясул цIаралда.

Гьениб бугоан рокъосезде салам, кIудияв инсул чорхол хIал, батIияб-цIияб росулъан хабар цIехон. Бихьулеб буго жиндирго дагь бицун, рокъосезул гьес гьабулеб бугеб тIалаб.

ГIадатияв солдатасул кагъат… Гьелда нахъа бихьула гIагараб ракьалде, росдаде, гIадамазде рокьи ва тушманасда тIад бергьенлъи босиялде бугеб ракIчIараб хьул.

…Дун цIакъ воххана гьанжеялдаса 79 соналъ цебе хъвараб, солдатасул кагъат батиялдаса ва рагьана «РакIалда щвеялъул тIехь». Гьениб хъван бугоан «Исбагьиев ГьитIинамухIамад, 1913 соналъ гьавурав, КъахIиб район, Къваниб росу. Хвана». Гьев гуро дов кагътил бетIергьан ва гьев кколев ватана нилъеца бицен гьабулев МухIамадил гьитIинав вац. Гьев хIакъикъаталдаги рагъдаса вуссун гьечIо.

«ВатIаналъул солдатал» абулеб тIехьалде балагьидал, гьениб бугоан хъван «Исбагьиев МухIамад, 1906 соналда гьавурав, хъулухъ гьабуна 451, 855, 650-аб. автобатальоналда», — абун.

Вагъун вуго Централияб I ва II Украинаялъулаб фронтазда шофер-красноармеец хIисабалда. Гьев ккола нилъеца бицен гьабулев МухIамад.

Нахъисеб къоялъ школалде ячIарай Гьандихъ гIумру гьабун йигей МухIамадил яс Исбагьиева ПатIиматица бицана инсул хIакъалъулъ.

«Школалда цIалилалде гьев цин цIалун вуго Къваниб росулъ гIалимчи, жиндирго кIудияв эмен Къурбанчиясда цеве. Хадуб Гьандихъ росдал мадрасаялда битIун лъугIизе 3 тIехь хутIараб мехалъ, гьениб мажгитги къан, цIализе ине ккун вуго жиндирго гIагарлъи бугеб Хунзахъе. ГIараб цIали цадахъ бачунеб букIун буго школалда цIалиялда цадахъ. КватIичIого дарс лъолев вукIарав мугIалим жанив лъун, гIараб цIали гьоркьоб къотIизе тезе ккун буго. ГIарабалъ лъикI хъвазе гуребги, цIалуеги хIадурлъи щварав вукIун вуго гьев. Гьелъ буго доб берцинаб хатIалъ кIудияв инсухъе хъвараб кагъатги.

…МухIамад киданиги хIалхьи-ялда вукIунев чи вукIинчIо. Гьесул анищ букIана Дагъистаналъул миллияб рекIаразул эскадроналде хъулухъ гьабизе ине. Гьев гьениве витIана. Амма букIана гьев рухIдаллъараб ва бокьилаанин ккараб цоги махщел – шоферлун вахъин. Гьедин хисана хъулухъ. Армиялъе къваригIун рукIана рагъулал шоферзаби. Дол 30-абилел соназул ахиралда магIарулаз, жакъа нилъеца летчикасул гIадаб хIурмат гьабулаан шоферасул. БукIинаребги кинха, гIасиял мугIрузул нухаздасан, горбода мусруги бухьун, машина бачунев шофер рикIкIунаан бахIарчилъун.

…Лъеберабилел соназда щай гурин, 50-абилел соназул байбихьуда нижер росулъе тIоцебе колхозалъул къайи баччулеб машина бачун вачIарав Аслангераев МухIамадил хIурматалда бертин гьабун букIана. Нахъисеб къоялъ ниж, гьитIинал чагIи, тIад рекIун мадугьалихъ бугеб росулъеги нахъеги рачиндал, нижер хIал кIолеб рохел букIинчIо.

…Исбагьиев МухIамад кколев вуго КъахIиб районалдаса, рагъ ккелалде, тIоцере рахъарал шоферзабазул цояв.

… Шоферлъун вахъун хадуб гьев гражданлъиялъул хIалтIуде виччала. Амма гIемераб заманалъ гьитIинаб ВатIаналда хIалтIизе гьесие щвечIо. КватIичIого байбихьараб КIудияб ВатIанияб рагъулъ бищунго къваригIараб махщел гьесул букIана.

Гьелдаса нахъе, ункъабго рагъул сон МухIамадил машинаялъул рулалда нахъа ана. Гьесул вас Шагьидас школалде рачIарал рагъулал документаздасан ва инсуца бицунеб букIараб хабаралдасан лъазе кIвана Исбагьиев МухIамадил хадусеб рагъул нухалъул хIакъалъулъ баян.

…Рагъул соназда гьесда бихьичIеб гIакъуба-къварилъиги хутIун гьечIо. БатIи-батIиял фронтазда бищунго захIматал рагъул участкабазде цIакъго къваригIунел бакIазде рехулаан гьел. Гьес абулаан машина бугила гьаваялдасанги ракьалдансаги ишан босулеб тIанкI. Чан нухалъ гьев хвечIого ворчIарав бомбаялъул тIирабаздаса. Пехота, самолетал ва танкал раккаралго окопазде жанире лъугьуна. Машинайин абун гIужлъун цебе хутIула. Гьедин 2 нухалъ бомбаялъул тIириялъ лъукъун госпиталазда вегана, амма машинаялдаса ватIалъичIо.

ГIемерисеб нухалъ жиндицаго тIад лъезе кколаан лъукъарал-чIварал рагъухъаби. Гьелъул хIал рагъ лъугIун хадуб гурони лъачIо черхалда. Амма цо ккараб гIажаибаб лъугьа-бахъин гIемер бицунаан гьес ва гьеб жиндие Аллагьасул талихI кканилан абулаан.

— ЧIварал рагъухъаби машинаялде аскIоре росизе кколаан цогидав кумекчиясгун цадахъ. Цойидасанго дагьаб рикIкIад бугеб машинаялде кьвагьун бачIана снаряд ва гьелда цIа рекIана. Ниж окопалъуре кIанцIана. Гьенисан хал гьабидал бихьана немцазул «Опель» машина, амма гьелъие къварилъи ккун бихьулеб букIинчIо. Ниж хехго, кьвагьулеб жоялда гъоркь, гьенире рекерана. Вугоан машинаялъул рулалда тIаде къуларав немцазул унтер. Бихьулеб букIана гьев захIматго лъукъун, хун вукIин. Нижеца гьев къватIиве вахъана, гIодов лъуна ва дун стартералда квалквадана. Цойидасанго машина бакана ва талихIалъ багъаризабизе кIвана. Гьеб мехалъги кьвагьулеб жо къотIулеб букIинчIо. Кьвагьулеб букIана нилъергоязги. БукIинарищха, гуллагIадин тIаде кьвагьун бачIунеб бугеб немцазул машинаялде. Нижедаса гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда кIигониги снаряд кьвагьана. Амма таваккал бергьана ва, бокьараб бахъаян, нилъеразулго рахъалде хъамуна.

Гьедин рорчIана нилъераз ккураб фронталъул мухъалде.

Нахъисеб къоялъ часталъул командирас, кверги бачун, кьерда чIарал рагъул гьалмагъзабазда цеве «За отвагу» абураб медалалъе вихьизавуна. Гьеб букIана дие кIудияб рохел ва ракIалдаса унареб лъугьа-бахъин, — ян.

Гьединал ишал фронталда гIемер кколел ратила. ГIемераб бараб буго живго рагъухъанасдаги, гьесул чорхол хIалалдаги, хIинкъунгутIиялдаги, вакIа-вахариялдагиян абулаан гьес.

Гьедин вагъулаго Берлиналде щваниги, МухIамад Исбагьиев гIицIго кIиго соналдасан гурони рокъове тIад вуссинчIо.

«Нилъецаго биххизабураб бакI нагIана батаязе цIидасан базеги ккана, гьел нилъер гьудулзаби лъугьаралъул», — ан абулаас гьес.

Гьел соназда гьесул гьитIинав вац Исбагьиев ГьитIинамухIамад япониязулгун рагъулъги гIахьаллъун, хвана.

ГьитIинабго Къваниб росулъа, гьедин, Къурбанчиевазул-Исбагьиевазул хъизамалъул кIиго гIолохъанчияс лъуна жидерго бутIа Советияб улка цIуниялъулъ.

                                                                                                                                   

                                                                                                                                     II

ХутIараб гIумру МухIамадил халкъалъе хъулухъалъе хIалтIулаго ана. Аслияб къагIидаялъ гьев хIалтIана Хунзахъ районазда гьоркьосеб УОСалда.

Халкъалъе бищун хIажатаб лъим бахъизе къваригIунел алатал росун гьев щвечIеб росу батиларо. Гьев витIулаан бищун захIматаб, машина бачине хIинкъараб нух бугеб росулъеги.

ЛъикIал рагIаби абулаан МухIамадил хIакъалъулъ цеве УОСалъул вукIарав нухмалъулев Атаев ХIажица, бетIерав инженер Шейхов ТIалхIатица.

Хадусеб заманалда, пенсиялде иналде цеве, гьев хIалтIана Хунзахъ «РТС-сельхозтехникаялда». Организациялъул нухмалъулев Малачиев ГIадуца абулаан МухIамадица жеги малъараб ишалъе тасамахIлъи гьабичIилан ва кIоларин, бажаруларин абичIилан. Гьедин абулареб хIалалъ машинаги чIезабун букIунаанин. Гьединал чагIи рукIана дол цересел лъадариялъул гIадамал. Гьелъие цо мисал. Доб заманалда гьесул машинаялда рекIаразда гьоркьоб ккана тунка-гIуси, хадуб цоцазда нус кьабиялде бахараб иш. МухIамадица гьеб бакIалда рагъарал рекъезаруна ва тIаса-гъоркьа лъугьинаруна, гьел больницаялде, КъахIире швезаруна. Гьелда релълъарал лъугьа-бахъинал гIезегIан ккана.

МухIамад Исбагьиевасул цIикIкIарасеб гIумру Хунзахъ ана. Хунздерица гьев рикIкIуна жидерго чилъун ва мунагьал чураясул хIакъалъулъ лъикIал гурел рагIабиги абуларо. Гьесул кIудияб хъизан – 3 вас ва 4 яс гьабсагIат Хунзахъ, ХIебда, Гьандихъ, Къваниб гIумру гьабун руго.

Ахиралде щвана КIудияб ВатIанияб рагъул цоги юбилей. Къо бахъанагIан рикIкIалъулеб буго нилъедаса рагъул тарих. Амма нус-нус сон аниги, лъугIизе гьечIо рагъул аслияб бакIлъи тIаде ккарал гIадатиял солдатазул бахIарчилъиялъулги, къвакIиялъулги, захIматалъулги хIакъалъулъ бицен. Заман анагIан хиралъулел руго гьезул цIарал. ГIолохъанаб гIелалъ тIалаб гьабулеб буго лъазе жидерго умумузул бахIарчиял цIаралги, хварал рукъараб бакIги, гьезул рагъул документалги, лъалкIги.

Рохизе бачIуна «Хвел гьечIеб полкалъул» кьеразухъ балагьунги. Гьеб буго гIун бачIунеб гIел. ГIадада холеб гьечIо гIисинал лъалкIчагIазул, юнармиялъул гIахьалчагIазул хIалтIи.

Нижер школалъул лъалкIчагIаз жакъа къоялде балагьун буго 18 росуцояв вукъараб бакI. Гьал соназда лъалаго цIикIкIана жидерго кIудиял умумузул хабаде щвезе арал гьезул лъималазул ва лъималазулгун лъималазул цIарал: ГIалиев ХIабиб (Белоруссия), Къурбанов ГIабдукъадир (Орлов область), ГIисаев МухIамад (Краснодар), ГIалиев ДибирасулмухIамад (Смоленск область), МутагIилов ГIабдурахIманхIажияв (Кировакан).

… Нижер школалъул ТОКСалъул музеялъе щвана цоги документ. Гьелъул щибалда бихьула улка хвасар гьабурав рагъухъанасул нух, къисмат ва гIумру. МухIамад Исбагьиевасул кагътицаги кквела гьезда гьоркьоб мустахIикъаб бакI.