Эбелин нусалъ абун, ясилан якьад кIалъан

ТалихI бокьун батани, шайтIан къезабизе ккола

 

Газетаздагун журналазда хIалтIулел чаг-мухбирзаби гIемер щвезе ккола бат-батIиял росабалъе, дандчIвазе ккола гIадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хIалт. Бокьаниги бокьичIониги командировкайин абун тIад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчIого тIураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукIарал гьалбадерил рокъове ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикIаланго заман ун букIаниги, гьесул васас дун цIакъ лъикI къабул гьавуна, кваназавуна ва хабарIал бицун хадуб вегизе хасаб рукъги бихьизабуна.

Амма гьеб киналдаго цадахъ бихьулеб ва бичIулеб букIана гьезул рокъоб парахатаб гуреб ахIвалIал букIин. Гьеб сордоялъ ялъуни нахъисеб къоялъ гьоболасул васасул лъадиги эбелги цоцада кIалъалелго рихьич, кигIанго хIал лъазе теларилан дида цересан берцинго хьваданиги. Рукъалъул къварилъи тIаде вачIарав гьоболасда цIакъго лъикI бихьулин абухъе, гьеб хIал халлъичIого хутIич дидаги. Амма дагьабищха букIунеб нусалдаги якьалдалдаги гьоркьоб кьал, дандеккунгут. ГIадада гурелъулха умумузулго аби бугеб, якьадги нусги – расаги гIункIгиян абураб. Гьеб ахIвалIалалде абизегIанасеб кIварго кьун букIинчIониги, нахъисеб къоялъ гьебго росдал школалде щведал, гьений учительницалъун хIалтIулей йикIарай гьоболасул васасул лъадуца дун батIаго вачана.

Учительницаялъул гьари

«Я вац, бегьулеб батани, дир цIарги бихьизабичIого хъвай газеталдасан якьадзаби кантIизе гIадаб макъала. БитIахъе цIадул корониб бугеб гIадин гьелегьун буго рокъоб ахIвалIал. Толаро хIалхьуда якьадалъ. Росасдаса, гьей угъраш сабаблъун, ятIалъизеги бокьун гьеч. Гьабулебщиналда тIад кIалъала, малъарула, цо щиб бугониги мекъи гьабуни, битIахъе бодаго суризаюла, халкъалдаги рагIизаюла. Васасги эбелалъул рахъккола. Дида гьев вичIула. Эбелалъул хIурмат рехулев чи гьев гуро. Амма дун хIалхьуда толаро. Гьей кантIиледухъ бегьуларищ газеталдасан чанго раг абизе, динияй гIаданилан чIарай чIужуги йигин, Аллагьас жужахIалъул тIинде ккад». Къокъго абуни, гьединаб калам букIана гьоболасул васасул лъадул.

Якьад кантIуледухъ газеталдасан калам гьабизе гIураб гIакълу ва гIелму бугев чиги дун гурелъул, киндай гьелъул мурад тIубалебилан вукIаго, ракIалде бачIана цо кидаялиго цIалун букIараб бицен.

Нусалъул гIамал хисун букIин бихьидал, якьадалъги дир ясилан гурони гьелда абуларо ва щиб лъикIлъи гьелъие гьабилебали лъаларого гьейги йикIуна ккара-ккаралъуб нус еццулей. ПалхIасил, бащдаб лъагIелгIанасеб заманалда жаниб, битIахъе эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб букIунеб гIадаб рокьи гьезулъги щулалъула.

ЗагьрурекIел тIинда

«Цебе заманалда Китаялда йикIун йиго пуланай яс. Росасе индал гьелде тIаде ккун буго росасул эбелалъеги хъулухъ гьабизе. Амма якьадалъ щибаб къойил тIадкъалеб гьир чIалгIарай ва бакIлъарай, гьелъул малълъари рихарай гIолилалда ракIалде ккун буго, якьад гъоб дунялалде йитIизе. Гьеб мурадгун щун йиго инсул гьудуласухъе – хурдуздасан загьру бахъулев местIерасухъе. Гьесда бицун буго жиндирго мурад ва гьарун буго, абураб гIарацги кьелин, инсул рухIалъе гIологIаги кумек гьабейилан.

Валлагь, гьабилин, щайин гьабуларебинги абун, местIер цин лъикIго ургъун вуго ва гьадин абун буго: «ГIенеккея, дир яс. Дица хIадур гьабураб загьруги кьун гьей хвани, гIадамал щаклъизе бегьула гьеб дур хIалтIи букIине бегьулеблъиялда. Гьединлъидал, дица хIадур гьабила цо чIахI-хер, дагь-дагьккун гьелъул чорхолъ унти ккезабулеб ва лъагIалидаса холеб. Гьеб мехалда дуде щивго щаклъизе гьечIо. Дица кьураб гьаб загьру, къатIра-къатIраккун дуца гьелъул кванилъе бай. 

Амма гьебго заманалда жаниб дуца гьелъ малъа-малъарабги гьабе, гьейгун берцингоги кIалъай, битIахъе дурго эбелалъул гIадин хIурматгун хъатирги цIуне».

ГIолилай гьеб шартIалда разилъула ва местIерас кьураб загьруги босун рокъое щола. Гьес малъухъе хьвадула ва зама-заманалдасан гьелъул кванилъе «харил мугьалги» ккезарулаго, цIакъ адабалда йикIуна.

Цо къоялъ гIолилай ячIуна местIерасухъе ва Аллагьасул цIар бахъун гьарула якьад хвасар гьайизе дару гьабейин, жинца кьураб загьруялъул хIасилалда гьей хвезе бокьун гьечIин, гьелдаса лъикIай якьадги дунялалдаго ятиларин кIалъала.

Михъилъеги гьимулаго местIерас гIолилалда абула расги ургъел гьабугейин, дица духъе кьураб жо загьру букIинчIин, цо гьадингояб, лъиего щибго пайда гьечIеб чIахI-хер букIанин. Загьруйин абуни букIанин дур рекIелъ ва дуцаго мунго хвасарги гьаюнин».

Ругьел битIана, хIасил ккана

Гьаб биценги хъван, ккараб ккун букIиниланги абун, дица ка-
гъат битIун букIана гьоболасул васасул лъадул цIаралда. Гьелдаса нахъе гьоркьоб лъикIаланго заманги ун букIана, дида гьеб лъугьа-бахъинги кIочон букIинарищха. Гьанже вахъун гьаб макъала хъваялъейин абуни ккана гьадинаб гIилла: гьал къоязда дир цIаралда редакциялде бачIана лъой гIаданалъул жаваб. Гьелда хъвалеб буго: «ХIурматияв, МухIамадхIабиб, дуца дихъе битIун бачIараб доб бицен цIалидал, битIахъе ццим бахъун лъугьун йикIана гьабищин батараб дие кьезе жавабиланги абун. Амма тIатIаюссун чанго нухалда цIалана ва щаяли лъаларо, дир ботIролъ пикраби ххенезе лъугьана. ХIакъикъаталдаги дун гIайибияйцин йигодайилан ккана ракIалде. Пуланаб къоялъ, якьадалъ цо щибалиго малъидал, валлагь гьабилаха, дир хирияй эбелиланги абун, дица гьелда баана. Гьей цин палгъан хутIана, гьалъие ккараб щибилан йикIун ятиларищха, хадуб, рекIеде ячIараб гIадинги лъугьун, дир кверазда къочаризе лъугьана. Ниж цоцадаги хурхун лъикI мехалда гIодана ва жинцаго малъараб гьабизе дунги течIого, дица гьабила, дир ясиланги абун, дида тIадкъараб гьабизе жийго лъугьана. Гьелдаса нахъе дир эбелилан дицаги, дир ясилан гьелъги гурони нижеца цоцазда абуларо. ХIакъикъаталдаги, диралдаса лъикIай якьадги дунялалдаго ятиларо. Унгоха, дир рекIее лъугьараб бигьалъи, унгоха, нижер рокъоб бугеб парахалъи. Мадулгьаллъи-къоноцин урхъун ралагьула нижер гьоркьоблъиялъухъ ва нижедаса талихIаб хъизан цоги бати щакаб буго. КIочон тезе бахъана. Дун ригьнаде аралдаса лъабго лъагIел бан букIаниги, БетIергьанас лъимер кьун букIинч. КватIичIогойин абуни, дир ясалъ тIубала моцI. Нижеда ракIалда буго, Аллагьас хъван батани, мавлид гьабизе. Бокьилаан, цадахъ хъизан-лъималгун гьоболлъухъе вачIине. Нилъ гьалбаллъидалха. Цоги, дуца дихъе битIун бачIараб кагъат дица ясбер гIадин нахъе цIунун буго. ИншаАллагь, яс ригьнаде кьолеб къо бихьани, бищун къиматаб сайгъат хIисабалда гьелъухъе кьела».