ГIабдурахIманил бакъ даим свинаро

Даниялов гьавуралдаса исана 110 сон тIубала

 

Гьале гьадинаб берцинаб, щивасул рекIелъ Данияловасул цIаралъ хинлъи бекьулеб цIарги ургъулаго, щвана дун гьесул памятникалъухъе. ЦIакъго гIедегIун йикIана, кватIизе гурин хIинкъун, таксицин ккуна. Амма аскIое гIагарлъанагIан, рекIел хIалуцин загIиплъана — тадбиралъулаб ахIвал-хIалго букIинчIо я сверухъ, яги дагьабги добегIан. Мекъицин кканадаян ракIалдеги ккун, цодагьалъ лъалхъана.
Дагъистан тIегьаялъулъ ва гьеб хадусел наслабазе цIунарав ГIабдурахIман Данияловасул памятникалде цере ракIарун ругоан дагьалго гIадамал. РукIана гьенир ГIабдурахIман лъалелги, гьесул гIагарлъиги, хIакимзабиги, гIадатиял гIадамалги… Цо заманалдасан памятникалда цере лъуна тIугьдул. Хадур гьаруна дагьа-макъалго кIалъаялги. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас бицана ГIабдурахIманил хIакъалъулъ ва цIалана Расул ХIамзатовас гьесде гьабураб кечI. МагIарул театралъул хIалтIухъаналъги рикIкIана Машидат Гъайирбеговалъ ГIабдурахIманиде гьабураб кечI. Цинги кIалъазе яхъана гьесул ясалъулги ясалъул яс. Гьелда лъугIана кIудияв инсан ракIалдещвезавиялъул цIакъго гьитIинаб дандеруссин. ЦерегIан рукIаразда гурони бицунеб жоги рагIулеб букIинчIо. Гьаб заманалда захIматаб иш гьечIищха микрофон щвей. Дидани ракIалдеккун букIана Дагъистаналъул букIинеселъе гIоло гIумруялда барахщичIев инсан кIодо гьавулеб миллатцоязулги дагъистаниязулги гьаракь паркалда киса-кибего рагIилилан. КIалъаяздаса хадуб лъазабуна миллияб музеялде рилълъине ругилан. Щвана гьенире. РекIее къваридаб асар гьабуна, гьесул букIараб кабинет бихьидал. Гьениб бугоан Данияловасул гIумруялъул, гьесул ишазул ва шапакъатазул, гьесул заманалъул хIакъалъулъ бицунеб хасаб бокIон. Нижее гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицана музеялъул хIалтIухъан, директорасул заместитель Заира Кильдаевалъ. Амма нижги гьенире нухарегIун, хIакимзаби цереса тIагIана. Гьел рачIунгIаги рукIанищан гьикъидал, цо щвезеги щун хеккого анин абуна.
Гьалеха лъугIана ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тIубаялда бан тIоритIизе ругел тадбиразул байбихьилъун бугеб тIоцебесеб дандеруссин.
БитIун бицани, дие гьеб бокьичIо. Гьеб букIана «Гьабунищ? Гьабуна» абизелъун тIобитIараб тадбир.
ГIайиб гьабуге, хIурматиял тадбир гIуцIарал. РакIбакъвачIого кинха хутIилеб, дандеруссин байбихьизе цо-кIиго минут хIутIидал, ячIана цо гIадан, памятникалда цебе бакI лъухьизе ва бацIцIине. Гьебги цIакъго хIакъираблъун бихьана. Заман щвана, хириял магIарулал, нилъерго миллаталъул чIухIилъун, борхалъилъун, тIадегIанлъилъун кколел гIадамазул адаб къадруялда ва букIине кколеб даражаялда тIобитIизе. ГьечIелдаса тIехIав лъикI василан абула магIарулаз, амма хадубккунги гьебго пикруялда нилъерго чи кIодо гьавизе ракIалда батани, гьедин «кIодо гьавиялдаса» гьавичIого лъикI инсан. Республикаялъул хIакимзаби кьижун ратани, кьижунищ рукIине кколел гъунисел ва хасго ругъеж?
Шамай Хъазанбиева