tg  rss

Бекараб хIарччда нахъа, пакъир Мусахъ ралагьун
 

ТIобитIанаха иргадулаб конференция. Конкурс, гургинаб стол, сессия, семинар, сваказегIан тIоритIана дуниял чIухIарал нилъер шагIирзаби кIодо гьарун ясли-ахазда, школазда, щибаб вузалда, киналго идарабазда, шагьаразда, районазда, росабалъ юбилеязда хурхун тадбирал. Абуна, ахIана, бицана, хъвана гьезул кIодолъиялъул, гIакъиллъиялъул, гьезул асаразул гъварилъиялъул, кIалдиб гьеб мацIалъул гьуинлъиялъул, пасихIлъиялъул, гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъе гьел асаразул бугеб кIваралъул… ЛъугIана! РагIа-ракьан гьечIеб ралъдал карачел гIадин, нилъеде тIаде гьулчун рачIарал байрамал лъугIана. Ралъад нахъе ана. Щибха хутIараб?

 

ХутIана бакъуца бухIараб, кьватI-кьватIараб ракъдаллъи ва довго хурив довго Муса. Анкьие кьураб добго цо сагIаталъ лъималазда рахьдал мацI малъулел мугIалимзаби. ТIубараб классалъе бихьизе щвараб цо-кIиго цIалул тIехьалде къулун цIалдохъаби. КъваригIарал жал гуро гьел нужер рахьдал мацIал, ЕГЭ кьуни гIун бугилан гьуя бачунел завучал. Зарал жиндие гьечIони, сундулго кIвар гьечIилан директорзаби. Нилъ нахъе ккарал чагIийищила рахьдал мацIалда гаргадизейилан бегавулзаби. Бицинарила, валлагь, магIарулалъ, аб жидер хIалтIи хIакимзабазда бихьизе ва бичIчIизе кколарищилан районазул нухмалъулел. Кибниги бицунареб ва къваригIунареб мацI жидер лъималазе щайила, жидеца ингилисгун китай мацI лъазабилилан улбул… Огь, бухIаяб дуниял!

 

…Лъиеха Расулицаги Фазуцаги тараб, дунялалда гъар-гъар базабураб жидерго шигIру?! Гьадинаб бечедаб, гIакъилаб, гъваридаб адабияталда малги бан, сундул кьучIалдаха нилъеца гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьезе бугеб? Тарбияго кьечIого, дунялалъул гьураз рахъ-рахъалде хъамулелищ тезе ругел нилъеца наслаби?

Гьеб адабият къваригIунебго батичIони, гьаб хIалалъ шагIирзабазул юбилеял гьариялъул магIна щиб? МагIарул мацIалде данде хIалтIи гьабулеб районалда Расулги, Фазуги, цогидалги кIодо гьариялдаса кIудияб кIигьумерчилъи бихьанищ нужеда? Юбилеялъул бакIалда киналго тадбирал магIарул мацIалда рачине хIукму гьабуни, Расулил рухIниги бохилаан. Рахьдал мацIалъе кьурал сагIталги тIаса рахъун, Фазул юбилей тIобитIулеб школалъул директорасда ракIалда щибдай букIунеб? ШагIиралъул хIурматалдайилан щуго сагIат щай анкьие кьолареб рахьдал мацI лъазабизе? Гьеб гурищ Фазуе сайигъат?

 

Москваялъ юбилеялде биччараб гIарцухъ Расулил рахьдал мацI гурищ кIодо гьабизе кколеб букIараб? Киналниги Дагъистаналъул халкъазул мацIаздаги, адабиятаздаги, маданиятаздаги гурищ квер чIвазе кколеб букIараб? Гьеб гIарцул гьитIинаб бутIа гIолаан Дагъистаналъул киналго цIалдохъабазе тIахьал ва мугIалимзабазе къваригIанщинаб чIезабизе.

 

Унгоги нилъ Расулилги Фазулги хIурматалда тадбирал тIоритIулел чагIи ратании, рачIа рахьдал мацIазе кумек гьабизе, магIарул районазда байбихьул классазда дарсал авар мацIазда кьезе, гьезие цIалул тIахьал чIезаризе, рес бугеб щинаб бакIалда магIарул мацI бицине, шагIирзабаз, хъвадарухъабаз, тарихчагIаз, гIалимзабаз нахъе тараб рухIияб бечелъиялдаса пайда босизе. Гурони, ахиралдаги нилъ хутIизе руго бакъуца бухIараб, кьватI-кьватIараб ракьалда, бекараб хIарччда нахъа, Муса хуриса вуссиналъухъ ралагьун.

 

КIигьумерчилъи буго кутакалда сурараб пиша.


 
 
 
 
 
Бекараб хIарччда нахъа, пакъир Мусахъ ралагьун
Прочитано 1061 раз Последнее изменение Понедельник, 07 ноября 2022 19:05
Другие материалы в этой категории: « Баркула, мугIалим!

1 Комментарий

  • Комментировать Магомедалиев магомедали Понедельник, 07 ноября 2022 20:10 написал Магомедалиев магомедали

    Унго унголъунги Ват1анги миллатги маг1арул халкъги, бол мац1ги бокьулел бегавулзаби , лъималазе лъай щвеялъул т1алабалда ругел директорзаби ва халкъалъул т1алабал т1ураялда т1ад х1алт1улел депутаталги ругони бегьулаан гьеб х1алт1и цебе гиризабизе. Гуро , ёхъ , гьединал жакъасеб заманалда ратин шакаб иш.
    Кинан бугониги , щиб халкъалда лъач1ого бикъизе рес щун бугелъул.
    Дица дирго пикруялдасан абулеб ва хъвалебги буго. Кир ратарал щинал , щибниги лъай ц1алиги гьеч1ел щинал , г1агарлъи - рокъ , тухум - кибил бугел, цо чамалиго раг1иги цин рекъон хурхинабизе пагьму гурел гогьмаби бергьраб гьагаб заман. Дир пикру. Фазулги ,
    Расулилги проза - поэзия щай гьединазе. Бикъизе х1укуматалъул проекталдаса г1арацги ва ц1ац1азе аргъанги бугони г1ола. Х1акимлъуда х1алт1улел г1агарал чаг1иги ругони , бугеб рах1ат. Х1алт1и гьабизе лъалел ниж, х1укумат гьабулелги ниж, х1укуматалъул проектал рит1ун, кибе рекъараб, сундуе х1ажаталъе риччазе лъалелги ниж.
    Нилъеда лъала Ват1ан бокьизе ккани , гьеб лъайзе кколеблъи . Дагъистанги , муг1рулги ,маг1арул мац1ги , гьелъул бечелъиги , гьелъул шиг1рабазул берцинлъиги , рекъон ккейги гьелда цалахъ гъварилъиги бич1ч1улеб г1ел гьеч1они, т1аг1ина , биина, билила нилъер тарих.
    Баху Шамиловна дие бокьун буго дуе баркала кьезе ,дуцан санайил гьарулел роц1еналги, дур цее яхъиналги гьеч1они хут1ила маг1арулал хуриса Муса вуссинег1ан. Г1айибги , гъвелги баге, дир гьаб буго кинабго дир пикру. Мунги юц1ани, буц1ц1араб интеллигенцмяги бугони щибдай ккела.

Оставить комментарий

Убедитесь, что Вы ввели всю требуемую информацию, в поля, помеченные звёздочкой (*). HTML код не допустим.

 

ХIакъикъаТ 

Республиканская общественно-политическая газета на аварском языке.

 

Исполняющий обязанности главного редактора:

Зульфия Багатаровна Гаджиева

_____________________________

 

in1  rss1

_____________________________

 

Рейтинг@Mail.ru

Яндекс.Метрика

 

СМИ

Учредитель сетевого издания ГБУ РД "Редакция республиканской газеты "Истина".
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
vozrastРегистрационный номер: Эл № ФС77-73996 от 19 октября 2018 года.

 

 

Фото

Настройка сайта

Цвет темы

Cyan Red Green Oranges Teal

Макет

Шир. Рам. Обрамл. Округл.
Изменение фонового рисунка
Вверх