«Рагъуй къали бухулел…»

Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечIев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего буго ургъел. Киназего бокьун буго рагъ лъугIизе, ургъелал кIочараб, берцинаб яшвалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьунелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечIо гьениб. ТIубараб дунялго Россиялде дандечIун бугебгIадаб сурат буго. Санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде.

Спорталъул рахъалъ дунялалда тIоритIулел кинал рукIаниги къецаздаса нилъер спортсменал махIрум гьарун руго. Гъурщил багьа квешго г1одобе ккана. Гьелда рекъон, хиралъана гIемерисеб къайи-цIаги. ГIадамал руго банкоматаздаса гIарац бахъулел. Рагъде васал арал улбул, ургъалица кваналеб керенгун, я регун макьу гуреб, я рахъун рахIат гуреб гIумруялда руго. Украинаялда рагъде ритIаразда гъорлъ дагьал гьечIо нилъер республикаялдаса гIолохъабиги.

Къокъго абуни, ахIвал-х1ал расги лъикIаб гьечIо. Киналго ралагьун чIун руго Россиялъулги Украинаялъул делегациялда гьоркьор тIоритIизе ругел кIалъа-бацаялъул хIасилазухъ. Гьезул тIоцебесеб дандчIвай биххана гьабин абун цIар лъезе лъалареб хIасилгун.

Жакъасеб номералда нижеца кьолеб буго Украинаялда унеб рагъуда тIасан магIарулазул гIелмиябгун творческияб интеллигенциялъул цо-цо вакилзабаз загьир гьарурал пикраби.

МухIамад МухIамадов, ДНЦялъул РАНалъул МацIазул ва адабияталъул институталъул грамматикиял цIех-рехал гьарулеб бутIаялъул нухмалъулев:

— ХIакъикъаталдаги киназего буго ургъел жакъа Украинаялда унеб рагъул. Умумузул аби буго рагъалъ вас гьавуларин абураб. Лъиениги бокьун букIинчIо жакъа гьелде иш бачIине. Амма рагъуе тIоцебе къали бухарал чагIи нилъеда лъала щалали. Гьеб ккола США. Украинаялъул гIакълу гIечIо гIурусазулгун питна-кьал жидее къваригIун гьечIин, нижги жахIалго тейин, СШАялъул бутIрузда абизе. Гьел ана гьезда хадур ва гьез абураб гIадахъ босана. Гьелъул хIасил жакъа нилъедаги бихьула.

МагIарулазул гьениб батIияб пикру кинабха букIинеб? Нилъ киналго Россиялъул гражданал ругелъул, жакъа цолъизе, гъункизе ккола ва киназго рагьун абизе ккола Украинаялда НАТОялъул блок хIажат гьечIин. НАТОялде гъорлъги ун, Россиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб бугеб гIурхъилъун хIажат гьечIо нилъее жакъа Украина. Нилъее къваригIун буго гьенив лъикIав мадугьал. Мадугьаллъун гуреб вацал гIадин рукIана гьезул халкъ 70 соналъ нилъгун. Амма СССР биххун хадуб биххана гьезул вацлъиги, баккун бачIана тушманлъиги, жахIда-хIусудги, хIалихьалъиги. Илбис лъугьана нилъеда гьоркьобе.

Гьеб гуребги, гьезда (Западалда) ракIалда букIана Украиналдаса хадуб Грузиялдаги НАТОялъул блокги лъун жидерго мурадал гIумруялде рахъинаризе. БежтIадерилги лъебелазулги гIорхъода НАТОялъул базаби рукIин нилъее, магIарулазе, расги лъикIаб жо гуро.

Жиндир заманалда Путиница цо гара-чIвариялда абун букIана, НАТОялда гъорлъе Россияги бачейин абидал, Буш (Джордж Буш — СШАялъул вукIарав президент) цIакъ квеш-квеш валагьанин жиндихъилан. Гьезие Россия НАТОялда гъорлъ къваригIун букIинчIо, гьезие къваригIун букIана Россиялъул ракьулъ бугеб бечелъи. Нилъер жеги гIемераб нартги, газги, цогидалги магIданал руго ракьулъ. Амма жидерго дора ругел т1абигIиял бечелъабазул сурсатги мукъсанлъун, гьанже гьезие къваригIун буго нилъер магIданазда тIад кверщел гьабизе.

Мурад Багилов, Гъуниб районалъул Къорода-КьотIа школалъул нухмалъулев:

— Цогидазего гIадин диеги ургъел буго Украинаялда жакъа рагъулел ругел нилъер ракьцоязул. Дица дарс кьурал гIолохъабазул чангоявги вуго жакъа гьеб рагъулъ.

Дица тIубанго рахъккола Владимир Путиница гьабураб хIукмуялъул. ХIатта абила, гьанжеялдаса анкьго соналъ цебего битIизе кколаан гьенибе аскар. Щайгурелъул, 2013 соналдаса нахъе нилъеда бихьана, гьанжеялдаса 80 соналъ цебе дирги дурги кIудаинсуца кьичIчIи бакъвазабун букIараб фашизм гьениб (Украинаялъул ракьалда) цIидасан тIегьан бачIараб куцалъул. ХIатта дол фашистал кIочон тарал жанаварал рукIун руго гьенир бандеразулазул къвам. Гьез чIвалел рукIана руччабиги лъималги, херал чагIиги, рухIулел рукIана рукъзал, гьабулеб букIана хъамалчилъи. Гьеб киналъего ахир лъезе заман щун букIана. Гьединлъидал Путиница гьеб гали тIамичIого рес букIинчIо.

Узухъда, дунгоги цеве чинал рарав, рагъулаб хъулухъалда вукIарав чи вукIиндал, дица абула бихьинчиясда тIадаб буго нилъерго ватIан цIунизе. Ярагъ кодобе босанищ, дудаго тIадаб налъи тIубазе ккола дуца, рагъулав хъулухъчи хIисабалда.

Аллагьас нилъер киналго гIолохъаби сах-саламат гьениса нахъруссагиян дугIа гьабила нилъеца киназго.

Украина сабаблъун санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде бакътIерхьул улкабаз. Австралиялда абун рагIула нилъер гьанибе жидеца тIокIаб кенгурудул гьан битIиларин абун. Гьанже гьезул кенгуруялъул гьанги кваназе щвечIого кинха дунги цогидавги вукIинев Къорода. Гьезул санкциял дие руго, умумуз абухъе, тIохде балеб цIад гIадинаб жо. Доллар бахунеб буго, бахайин абеха. Ахир лъие квеш кколебали бихьила. Россиялъул экономика накалтIе ккезабизе гьезда ракIалда батани, гьел жалго ккезе руго накалтIе. Нилъер тIабиг1ил бечелъабазул сурасат жеги гучаб буго.

Санкциял гIемерлъунин, доллар хиралъунин гьанив магIарухъ вугев дие щибниги къварилъи гьечIо. Дие харжги доллараздалъун бачIунаро, гьез санкциял гьарунин абун дица хуриб бекьараб нигIматалъе щибго заралги кколаро. Зарал гьелъ гьабизе бегьула миллионал, миллиардал долларазул нахърателги гьабун, къватIисел пачалихъазул банказда гIарацги цIунун ругел олигархазе. Дида кколеб буго, гьел рекIеда ратизе, гьелги гIадатиял гIадмазда релълъун дагьалниги «мискинлъизе» ургъараб галицин батилин гьеб Путинил абун.

Гьале, Украинаялда гьеб хIалуцин байбихьун анкь ана. Амма цохIо дора рагъулел ругел гIолохъабазухъ ракI унтун гурони, президентасул политикаялда дандечIун кIалъалев чи дида цадахъ хIалтIулезулги гьечIо. Нагагь къо ккани къватIиве вахъине хIадурав, хIалхьиялда вугев лъабгониги офицерги вуго дир сверухълъиялда. Гьелдеги иш бачIинареб батила, Аллагьас рагъги гIагараб заманалда лъугIила.

Шамиль ХIасанхIусенов, «МахIачхъалаялъул гIолилал» ДРОялъул нухмалъулев:

— 2014 соналъ Украинаялда пачалихъияб хиса-свериги гьабун тIалъиялде рачIана фашистазулаб идеологиялъул, гIурусчи цIакъ рихарал гIадамал. Гьелдаса нахъе буго гьениб ахIвал-хIал хIалуцунги. Гьелдаса нахъе рукIана Луганск ва Донецк республикабазда расги гIайиб гьечIел гIадамал (руччабигун лъимал) чIвалел. АнкьгогIан соналъ чIана нилъер пачалихъ сабру гьабун, лъугIилародай гьениб чIвай-хъвей абун, маслихIат гьабизеги чанцIулго къасд гьабуна. Амма лъугIичIо, лъугьинчIо маслигIатги. Гьединлъидал исана февралалда, Федерацилъул советалда дандги бан, ООНалъул резолюциялда бихьизабураб изнуялдаса пайдаги босун, президент Владимир Путиница хIукму гьабуна гьенибе аскар битIизе.

Жакъа гIемерав чияс, гIемераб жо хъвалеб буго социалиял гьиназда. ХIажат гьечIила нилъее санкциялги, къваригIун гьечIила рагъги, гьеб би тIей чIезабеян хитIабал гьарулел чагIи гIемерал руго. Дунги разияв вуго, доб гIурусазул кициялда абухъего, ччобораб рагъудаса, хIалакъаб букIаниги рекъелго лъикIин абураб каламалда. Рекъел, узухъда, хIажат буго.

Амма нилъер пачалихъалъул нухмалъулес абуна, жакъа Россиялъ гьединаб гали тIамун букIинчIебани, метер гьебго ярагъ СШАялъги, НАТОялда гъорлъ ругел цогидал пачалихъазги нилъеде (Россиялде) данде кьвагьизе букIанин абун. Гьебги хIисабалде босун, гьабичIого рес гьечIеб хIукуму букIанин Украинаялде аскар битIи. Гьесда божичIого рукIине гIилла жакъа дида бихьулеб гьечIо.

Санкциязухъаги хIинкъун жакъа нахъе кIанцIун чIезе нилъ бегьиларо. Щайгурелъул Украинаялда гьеб рагъ ккун букIинчIебаниги, Западалъ нилъее санкциял лъазаризе цогидал ресал ратулаан. Гьеб нилъеда бихьана ахираб заманалда, кIигьумерчилъиги, хIалихьалъиги гурони СШАялъ нилъеде гIаданлъиялъул рахъ хIалтIизабичIо. Гьезие бокьун буго нилъ квеш рукIине.

Пачалихъалъул жанисел гIунгутIаби руго, гьел кидаго рукIуна ва рукIинеги руго. Амма къватIисахун хIинкъи бугони, нилъги кьерун чIезе бегьуларо. Гьеб мисалалъ кидаго бетIералъ тIокIаллъун рукIана нилъер умумул. Нилъ бараб ахIулъги, ахIараб болъги киданиги нахъе кIанцIун чIечIо, гIаммав тушманасда данде рахъана ва бокьараб рагъулъ бахIарчилъиги бихьизабуна.

Нилъер гIорлохъабазда Аллагь гурхIаги, гьелги сах-саламатго жидерго эбел-инсухъе, хъизамалъухъе нахъруссине хъван батаги. Нилъеца киназго гьезие гьедин ккагиян дугIаги гьабила, ИншаАллагь. Гьанже бищун кIудияб хьул буго кIиябго пачалихъалда гьоркьор ракълилал кIалъа-бацаязул хIасил лъикIаб ккелин абураб. ТIоцебесеб дандчIвай гьез тIобитIана, 2 марталда цоги нухалда дандчIвазе руго. Хьул буго Украинаялъул рахъалдаса делегациялъул къукъаялъул рекIелъе гьеб къоялде иман тIинкIилин ва ишги ракълиде бачIинин абураб. Нилъее рагъ хIажат гьечIо, рекъел къваригIун буго. «Рагъалдаса рекъел лъикI» абун цIакъ берцинаб ва гIакъилаб кици буго умумузул. Киназего гьарула роцIцIараб зобги талихIаб гIумруги.

Мурад АхIмадов, «Гьудуллъи» ва Лачен» журналазул бетIерав редактор, публицист:

— Бокьараб рагъуда, кинаб гьеб батаниги, гьелда дандечIарав чи ккола дун. Гьединго, гIайиб гьечIел, кумек гьечIел гIолохъабигун ручччаби ва лъимал чIваялдеги. Гьеб киналдего дандечIарав чи вукIана дун кидаго, жакъаги дир пикру хисун гьечIо. Амма… Амма Донбассалда жакъа бугеб бада-гъудур, рагь-кьал халатбахъунеб бугелдаса микьго сон буго. Лъиениги, жибго Украинаялъеги гьелъул ургъел букIинчIо. ЧIвалел, холел руго щибго гIайиб гьечIел чагIи. Жакъа гьез «гIащтIичи» абун рокьукъаб тIокIцIар жинда рекIинабураб Россиялъ, гьеб микьабго соналъ Украинаялъе бикьана газ, ток, нарт ва гьеб гуреб, кванил нигIматаздалъунги хьезабуна гьезул халкъ. Амма Украинаялда гьеб бихьичIо, гьезда гьеб кIочон тана. Гьезул Россиялдехун букIана хIехьезе кIолареб рокьукълъиги ццимги.

Украинаялда лъугьунебги толелъулги хIакъикъат рагIа-ракьанде щун бичIчIуларезе бигьа букIуна батIи-батIиял рагIаби рехизе. Амма дида гъваридго бичIчIула ва лъала гьениб лъугьунеб жо. Щайгурелъул дица гьелда хадуб цебегоялдаса нахъе халккун бугелъул. Гьединлъидал дица абила, гьанже гьеб цебе букIараб Украина гуро. Гьеб буго Западалъе данде кколеб, гьезул зурмихъе кьурдулеб Антироссия. Гьелде сверана гьеб.

Дие бокьула Украина. Щайгурелъул дун гьенив гьавидал. Гьенив цIалана, гьенир руго дир гьудулзаби, дида лъала гьезул мацI. Гьединлъидал дие гьеб чияраблъун кколаро. Украинаялда руго дир рекIее гIагарал ва хириял чагIазул хабзал.

Дир кIудияв эмен вагъана гьеб ракьги цIунун, Днепр гIорда букIараб гучаб рагъулъ лъукъана гьев. КIудияй эбелалъ хIехьана Ленинградалъул блокадаялъул ракъи. Дир эбелалъул вац хвана Чернобылалда ккараб атомалъул балагьалдаса гIадамал цIунулаго унтиги ккун. Гьел киналго рукъун руго Украинаялда.

Амма жакъа гьеб тIубанго хисана. Гьез жидерго рокьукълъиялъул цIураб гьумер буссинабуна Россиялдехун. Рокьукълъиялъулги ццидалги цIурал къучIби рукIана гьез лъаг1алабаца цIезарулел.

Украинаги Россияги букIана цо халкъ, амма гьел цоцаздаса тIезаризе лъагIалабаз хIаракат бахъана хасал чагIаз. ТIоцебе гьелъие байбихьи лъуна 90-абилел соназ, гьелъул вукIарав президент Леонид Кучмаца. Гьевги, гьесда хадур рачIарал хутIарал президенталги рукIана гIурус мацIги рихарал, Россиялда хурханщинаб жоги жужахIалъул цIаг1анги къабул гьабуларел. Хадуб, къватIисел пачалихъаз байбихьана Украина яргъидалъун хьезабизе.

Жакъа рес букIанищ гьаб вахIшилъиги би тIейги нахъчIвазейин суал кьуни, дица абила, букIанин. ХIатта жиндир заманалда Ельцинцин г1одов ч1ана Ичкериялъул вакилзабигун кIалъа-бацаял гьаризе. Гьезул шартIазда разилъун, цо-цо жоялде берал къанщана гьесцин доб мехалъ. Амма жакъасеб Украинаялъул мурадал батIиял руго – Россиялъул сан гьабунгутIи. ГьабсагIат унеб рагъуде гьел рачIана ургъун, жидедаго ракIчIун.

Аллагьас кантIиги, гIакълуги, къуватги кьеги гIагараб заманалда гьеб балагь лъугIизабизе, би тIей чIезабизе. Рагъ нилъее къваригIун гьечIо.

Ашахан Юсупов