Сариралъул тахшагьар букIана ТIануси

Сариралъулги гьелъул тахшагьаралъулги хIакъалъулъ баянал ракIарулелъул, дица пайда босана бакIалъулал тарихчагIазул асараздаса ва гIарабазулгун персазул хъвай-хъвагIаяздаса.

 

Масала, гьезул цояб ккола IX гIасруялъул ахиралда, X гIасруялъул байбихьуда гIумру гьабун вукIарав персазул гIалимчи Абу ГIали АхIмад Ибн Рустил тIехь («Китаб ал алак ан-нафиса» — «Багьа тIокIал жавгьарал»).

Гьелда жаниб буго «Ас-Сарир» абураб хасаб бутIа.

 

Гьединго данде ккуна гьадинал асаралги — Абул-ХIасан ГIали ал-Масудил (хвана 956 соналда) «Мурудж аз-захаб ва мадаин ал-джавахир», гIарабазул тарихчагIи Халиф ибн Хаййат аль-Усфурил (хвана 854 соналда), Ибн аль-Асирил (1160-1234 сон) «Тарих аль-Камил», нилъерго гьаниса МухIаммадрафи абурав гIалимчиясул «Тарих Дагестан» абурал тIахьал.

Амма гьезул цонигиялда Сариралъул тахшагьар Хунзахъ букIанилан хъван батичIо.

Гьелдаго цадахъ разилъизе бегьула бакъбаккул рахъ лъазабиялда тIад чIарал гIалимзаби В. В. Бартольдил, В. М. Бейлисил, В. Ф. Минорскиясул, Т. М. Айтберовасул пикруялда. Гьез рикIкIуна Сариралъул тахшагьар Хунзахъ букIанин. Гьезул пикруялда рекъон, «Хунзахъ» ккола бакI бихьизабулеб рагIи, ай батIаго босун жибго Хунзахъ росу гуреб, чанго росу жанибе бачараб хунздерил тIалъи.

 

 

Гьеб тасдикъ гьабизе мисалалъе бачина ГIободаса тарихиял гIелмабазул доктор, профессор М. Шигьабудиновас загьир гьабураб пикру:

 

«Сариралъул тахшагьар гIицIго гьанжесеб Хунзахъ росдал ракьалда букIанин абураб пикру щулалъизабизе Хунзахъа Тимур Айтберовас гьарулел хIалбихьиял руго якъинлъи гьечIел.

 

Жибго «хунз» абураб къавмалъ гIумру гьабулеб гьеб ракь букIана доб мехалда батIи-батIиял тухумалги къавмалги жанире рачараб. ГьабсагIаталда гьенир ругел росабиги доб мехалда гьенир рукIинчIо.

 

 

Сариралъул кверщелги гIицIго цо къавмалъухъ яги цо тухумалде мугъчIвай гьабун гуро букIараб. Гьелъ мугъчIвай гьабулеб букIана къуваталдеги гьанжего гьанже баккун бачIунеб феодалияб гIуцIиялдеги (ихтияралде).

 

Гьединлъидал Сариралъул тIалъи кодосез жидеего чIезе бакIги тIаса бищун букIана санагIалъи ва тушманасдаса цIуна-къай гьабизе рес бугеб бакIалда. Гьединаблъун гьезда тIанусдерил габурлъиги ГIакаро мегIерги бихьун буго».

Машгьурав гIалимчи, профессор Амри ШихсагIидовасги рикIкIунаан цебегосеб биценалда рекъон, Хунзахъе рахъинегIан Авариялъул тIоцебесеб тахшагьарлъунги гьелъул ханзабазул чIей бугеб бакIлъунги ТIануси букIанилан.

Дидаги гьеб пикру битIараблъун бихьула ва тIаде жубала Сарир-Авария пачалихъалъе кьучI лъуралдаса нахъеги гьелдаса хадубги (XVII гIасруялъул ахиралде щвезегIан) ТIануси росу букIанин гьелъул тахшагьарилан. Гьелъие нугIлъи гьабула некIсиял хъвай-хъвагIаязги.

 

 

Масала, гьоркьохъел гIасрабазда (XIV) хъвараб МухIаммадрафил «Тарих Дагестан» тIехьалда бицунеб буго гьадин:

 

«Дагъистан букIана гьенир гIумру гьабулел гIадамазе гIатIидаб, чияр чиясда цебе къуватаб, ритIухъал гIадамаздалъун бечедаб улка. Гьенир рукIана чанги росаби, шагьарал ва лъабго мухъ: Авар, ГIодоблъи ва Зирихгеран… Авар мухъалда ат-ТIанус шагьаралда (гьеб ккола Дагъистаналда бищун къуватаздаса цояб) вукIана кутакав зулмучи, ццидалав, гIадамазул талихIкъинабулев Суракъат-нуцал абун тIаде жубалаан гьесул цIаралде. Жидерго тIадчагIазда гьедин абулеб гIадат буго гьезул.

 

Гьезул бетIергьанасе щолаан Дагъистаналъулго гIадамаз кьолеб магъало, Чаркас вилаяталдаса байбихьун Шамахи шагьаралде щвезегIан (ГIакаро абулеб бакIалда ругел чагIаз хутIизегIан). Магъало кьолаан гIарцудалъун, тIорщалидалъун, гIиядалъун, чIегIерхIайваназдалъун, ххамидалъун, пихъидалъун, ханаздалъун ва цогидал нигIматаздалъун.

 

Гьал мухъал хъвана некIсиял, басриял хъвай-хъвагIаяздаса. Гьезда тIад бихьизабун буго 930 сон. Гьенисаги босун дица цIидасан гьеб хъвана 1312 соналда».

ПалхIасил, дагIба базе бажарулареб хIужа буго гьеб – Х гIасруялда Сарир-Авариялъул тахшагьар ТIануси букIараблъи.

 

 

КIиабизе, «Тарих Дагестан» тIехьалъул лъабабилеб бутIаялда буго лъарагIазул Шамхалас лъагIа-лъагIалие тIад лъураб магъало 14 гIасруялдехун цIикIкIинабиялъул хIакъалъулъги. «…на общество Карахи наложено 500 овец, …на общество Хебелал наложено с каждого дома каждый четвертый год по овце; на Чамалал – 500 овец; на Тиндал – 20 быков; …на жителей Хунз – 700 баранов, 700 – кайлей пшеницы и 60 кайлей меда; на жителей Андиб – бык и 8 кусков войлока; на гору Гадариб и на Хиркис – половина того, что на вилайат Хунз…».

Бихьулеб буго лъагIалида жаниб лъарагI Шамхаласе гьедигIан кIудияб магъало кьезе цохIо Хунзахъ росдае захIмат букIунеблъи (тахшагьарлъун гьеб букIун батаницин).

Гьединлъидал абизе бегьула Хунзахъ абураб рагIул магIна цохIо росу гуреб, анцI-анцI росаби жанире рачараб Хунзахъ тIалъи букIанин.

 

 

Лъабабизе, «ЦIадаса ХIамзатил библиотекаялда батараб гIараб тIехьалъул тIанчил рагIалда хъван бугоан Суракъатги гьесул вац Кагьруманги кколин пиргIавназул наслуялъул чагIи, капурзаби, Чирюрталда аскIоб чIейги гьабун чIарал хазаразул чагIи. Гьез гьенир ран рукIанила жанибе нух щолареб хъалаги рорхатал сиялги, цинги гьениб махх, чаран, месед биунел рукIунаанила гьел. Хадув Суракъат вахъанила Авариялъул бетIерлъун, гьев вукIанила вахIшияв зулмучи; гьесул чIейги ТIанусиб букIана».

Бихьулеб букIахъе, гьанибги тасдикъ гьабулеб буго тахшагьар Хунзахъ гуреб, ТIануси букIараблъи.

 

 

Ункъабизе, профессор Амри ШихсагIидовас буссинабуна динияв хIаракатчи ва халкъалда шаригIат бичIчIизабулев вукIарав Харахьиса ТIайгибица (хвана 1697 сон) цогидаб бакIалдаса босун хъвараб тIехь.

1669 соналда Ибн аль-ХIажибал «аль-Кафийа» хъван бахъун хадуб, гьес ахиралда гьадин гъулбасунеб буго:

 

«…хъван бахъинабуна Харахьиса ГIумарил вас ТIайгибица, 1669 соналъул рузман сордоялъ… нижер устар Хунзахъа Мола МухIаммадил доба ТIануси Дугъри-ханасул вас МухIаммад-ханица бетIерлъи гьабулеб мехалда…».

Гьанибги буго нугIлъи гьабулеб цоги хIужа – ТIануси росулъ гIумру гьабун вукIин Авариялъул нухмалъулев МухIамад-хан, Дугъри-нуцаласул вас.

 

 

Щуабизе, тIанусдерил мажгиталъул къадалъ батана гьадинаб хъвай-хъвагIай гьабураб ганчIил къоно: «МухIаммад-нуцаласул вас Дугъри-нуцалица ханлъи гьабулеб заманалда, 1683 соналда, Чупаласул кумекалдалъун гьаб мажгит бана МухIаммадица, ГIамирица, ГIалица. Гьеб мехалда росдал къадилъун вукIана МухIаммад, ПирмухIамад-къадил вас».

Гьанибги рехсолеб буго Авариялъул бетIер Дугъри-нуцал гIумру гьабун Хунзахъ гурев, ТIануси вукIанилан.

НекIо заманалдаго батараб биценалда рекъон, щибаб 300-400 метрги гьоркьоб тун, цIурмал рараб квар цIан букIун буго ТIанусиса ГIакаро магIарде щвезегIан. Гьелги зваргъезарун лъазабулеб букIун буго Авар ханасда хIинкъи тIаде щолеб букIин.

 

Цониги бакIалда хъван батичIо ГIакаро магIарда Сарир-Авар ханасул чIей букIанилан.

Дагьабниги божизе бегьулеб жо буго гьениб хунздерил тIалъиялъул хъаравуллъиялъул хъала букIанин, хIинкъи тIаде бачIунеб букIин гьенир тIогьир цIаялги ракун лъазабулаанин абураб бицен.

Биценалда рекъон, ГIакаро магIарда кидаго вукIунаанила хъахIал чуязда рекIарав 40 рагъухъан. Авар ханасул къисматги гьезда бараб букIунаанила.

 

Гьениса щолел баяназул кIваралъухъ балагьун батила ГIакаро мегIерги, тIад магъалоги лъечIого, тун букIараб («Тарих Дагестан» абураб тIехьалда хъвавухъе, цого-цо ГIакаро кколаан Сариралъул ханас магъалоялдаса эркен гьабун тараб бакI).

ПалхIасил, гIараб, персазул ва нилъерго гьаниса тарихчагIазул хъвай-хъвагIаязда рекъон, Сарир пачалихъ баккараб заманалдаса байбихьун гьеб цебетIун хадубги (XVII гIасруялъул ахиралде щвезегIан) гьелъул аслияб политикияб центрлъун букIана Хунзахъ тIалъиялда бугеб ТIануси росу.

 

 

Редакциялъул рахъалдасан: гьаб суалалда тIасан жидерго пикраби загьир гьаризе бегьула цогидал тарихчагIазги.