ГурхIел-рахIмуялъулги гIорхъи букIуна

Шагьаралъул къватIазда гьардухъабаз гьабулеб «бизнесалъул» хIакъалъулъ лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьезие гIарац кьезе бегьуларин гьарулел малъа-хъваялги гIемер рагIула. КъватIазда гIарац бакIарулел гьардухъабазе кисинир ратарал гъурщал кьунин абун нилъги мискинлъиларо. Гьединаб «садакъаялъул» кумекалдалъун, хIалтIичIого, кIудияб гIакъуба бихьичIого бигьаяб гIумруялде гьардухъаби ругьун гьари гуреб тIокIаб пайда гьелдаса бихьуларо. Ахи­рал соназдаян абуни, къватIазда рукIунел гьардухъабаздаса гIемерго цIикIкIун руго Интернеталдаса гьардолел гIадамал. Исламалда рекъон, гьардухъанлъиялъул пишаялда нилъ тIад рекъезе бегьулищ? Гьереси бицун гьардолезе РФялъул законалда рекъон тамихI гьабулищ?

 

 

Чанго соналъ цебе социалиял гьи­назул кумекалдалъун унтарав чи сах гьавизе гIарац бакIарулеб букIун батани, гьанже гьеб къагIидаялдаса пайда босулеб буго гIарац къваригIарав бокьарав чияс. Къо бахъанагIан цIикIкIунел руго цIиял гурхIел-рахIмуялъул фондалги. Ун­тарал сах гьаризеги, кIудиял ва ре­сукъал хъизамазе кумек гьабизеги, тIабигIиял балагьаздалъун зарал кка­разеги, рукъ гьечIого хутIаразеги ва цогидалги санагIатазе гIарац гьару­леб буго гурхIел-рахIмуялъул фон­даз. Цо-цо мехалдайин абуни гIумру гьабиялъе цIакъго чара гьечIеб жо­ялъе гIологи гIарац гьарун хъвада­рулел руго гIадамал социалиял гьи­наздаса. ГIадамал ругьунлъулел руго гьардон бетIербахъи гьабизе. Гьеб гурхIел-рахIмуялъул лъикIаб ишги буссунеб буго хIиллачилъиялде.

 

 

 

Ралагьарал гурхIизаризе кIвани – гIарацги цIикIкIина

Гьаб макъала хъвазе ракIалде ккана, ахираб заманалда, къойилго гIадин гурхIел-рахIмуялъул фон­даз кумек гьарун социалиял гьиназ­да лъолел видео-роликал рихьидал. Кваназе рокъоб чадил кесекцин гьечIин, жал ракъуца холел ругин, Аллагьасе гIололъун кумек гьабеян, гIодилаго гьардолел ругоан гьитIинал лъималгун руччаби. ГIемерисел руч­чаби ругоан росас лъималгун ре­хун танин абун кумек гьарулел, цо­гидал — бетIергьанчи унтун вугин, хIалтIизе рахъине рес гьечIин абун. ЦохIо чIужугIаданалъухъа бажару­леб гьечIо щуго-анлъго бакъараб чехь гIорцIизегIан магIишат гьабизе. Гьезухъ ралагьидал ракIалде ккола – унго бихьиналгойищ гьечIел гьезул тухумалда гьедин лъималги рехун тун чIарав инсуда цо рагIи абизегоян.

 

ГурхIел-рахIмуялъул фондаз со­циалиял гьиназда лъолел видео- роликал руго цоял цояздаса «ку­такал», балагьарав чиясул ракI гурхIизабулел. Цереккунго рекIехъе лъазарурал «нижер рокъоб квине жо тIагIун буго», «нижер эбел ун­тун йиго», «Аллагьасе гIололъун кумек гьабе нижее» абун гIодилаго кIалъалел лъимал рихьидал, лъил­ха ракI гурхIилареб? Щай гьур­малги рахчизаричIого халкъалда рихьизе лъималазул видео бахъизе эбел-инсуца биччалеб? Интерне­талде раккизе рес бугел телефонал камурал лъимал къанагIат гурони гьечIо. ГIемерисел улбуз 8-9 сон ба­ралдаса нахъе сайгъат гьарулел руго лъималазе гьединал телефоналги. Классцояз рогьо базе рес бугогури эбел-инсуца гьардезе тIамулел лъи­малазда. Лъималазул психикаялъе бигьаяб жойищ гьеб?

 

 

 

Чияца хьихьизе ресги букIаго хIалтIунго щай?

ГьитIинго эбел-инсуца гьарде­зе тIамулел лъималазул психика­ялъулъ лъугьунел хиса-басиязул хIакъалъулъ бицана хъизамалъул психолог Рукъият Багамаевалъ:

 

«ТIоцебесеб иргаялда, гIемерлъимал ругеб хъизамалъул бетIер – инсуда бичIчIизе ккела гьел гьа­рураб гIолареблъи, хьихьизе ккани хIалтIизеги кколеблъи. Эбел-эмен унтарал ратани – гьеб батIияб иш буго, амма гьедин батаницин лъи­мал гьардезе тIами рекъараб гьечIо. Лъималазул букIинеселъул ургъел бугей эбелалъ, кигIанго захIматго бугониги жиндирго лъимер гIарцуе гIоло гIадамал гурхIуледухъ виде­оялда бахъизе рес гьечIо. Сахлъи бугони хIалтIизе хIаракат бахъила, унтун рес къотIун йигони — кумекги жинцаго гьарила. Гьарун ва гIакъуба бихьичIого щвараб гIарац рокъобе бачIунеб бихьараб лъимер хадуб­ккунги ругьунлъизе буго гьединаб къагIидаялде. Гьединал лъималазул психика, цогидал лъималазде дан­деккун, гIезегIанго батIияб букIуна. ЦIаличIого яги хIалтIичIого чияда гьарун гIарац щолеблъи бичIчIараб лъимер лъай ва хIалтIи балагьизе лъугьине гьечIо».

 

 

Социалиял гьиназул кумекалдалъун гIемерал ресукъал яги унтарал гIадамазе кумекалъе хIалай ратула гIадатиял гIадамал. Гьединаз цоги­дазе кумек гьабула бечелъи-мискин­лъиялъухъ балагьичIого, жидеего­цин хIалихъе гурони бетIербахъизе гIураб магIишат гьечIезцин гьабула гьарулев чиясе кумек. Вакъарасда лъикI лъалелъул чадил къимат. Са­дакъа бусурбанчиясе ахираталда батулеб лъикIаб гIамал бугин абула, амма гьардон щвараб садакъаялъ цо- цоял чияр «мугъзада раччун» бигьа­яб гIумруялде ругьунлъулел руго.

 

ГурхIел-рахIмуялъул фондазул социалиял гьурмазда цо-цо мехалда рихьула гIумру гьабиялъе цIакъго хIажалъи гьечIеб къайи-алат боси­зецин гIарац гьарулелги. Масала, цо пуланай чIужугIаданалъ гьарулеб бугоан жиндие ретIел чурулеб ма­шина босизе кумек гьабеян. Щуго лъимадул ретIел чурун хадуй гъолей гьечIин къварилъахъдулей йигоан гьей. Лъималазул инсуцаги жин­дие бигьалъи щибго кумек гьабу­леб гьечIила. ГIемерисезул гьелда ракI гурхIана эбел-эменги гьечIей гьей гъарималъе кумек гьабизе кке­лин абун. Цо-цо комментаторалин абуни гьелде гIайибал чIвалел ру­гоан, нилъер умумуз щуго гуреб анцI-анцIги гьабулеб букIанин лъи­мер, гьез ретIелги квераз чурулеб букIанин абун.

 

Социалиял гьиназдаги цо-цо ме­халда камуларо чияр къварилъиял­даса пайда босун гIарац бакIарулел хIиллачагIи. БатIи-батIиял гурхIел- рахIмуялъул фондазул социалиял гьурмаздаса кумек гьарулезул ви­део-роликал яги сураталги «рикъ­ун» Интернеталда тIибитIизабула, гIарац бакIаризе жидерго банкалъул картаялъул баяналги кьун. Гьеди­нал хIиллачагIаз чанго къоялда жа­ниб миллионалцин ракIарулел руго ва социалиял гьиназдаса кинабго информацияги бацIцIун тIагIунел руго. Гьединал хIиллачагIазда хадуб халкколел хасал къокъабиги руго со­циалиял гьиназда. Гьез малъулебги буго гурхIел-рахIмуялъул фондалъ­ул хIакъалъулъ киналго баянал лъа­зарун гурони лъиего кумек гьабизе гIедегIугеян. БацIцIадаб хIалтIул фондазги пуланав чиясул картаялъ­ул номералде гуреб, жибго фондалъ­ул хасаб картаялде бакIаризе кколин гIарацин рикIкIунеб буго гьез.

 

 

 

 

ЦIакъго рес къотIаразе

исламалъги изну кьола гьаризе

Исламалда садакъа гьаби цIакъ беццараб гIамал бугониги гьардухъ­анлъи инсанасул къадру гIодобегIан гьабулеб жолъун рикIкIунеб буго. Нилъер диналда бусурбанчия­сул къадру бацIцIад цIунизе, гьев гIодовегIан гьавулеб жоялдаса рикIкIад чIезавизе лъикIаблъун би­хьизабула.

 

КъватIазде рахъун гьардолел гIадамазе гIарац кьезе бегьулищин абураб суалалъе, ДРялъул муфтия­талъул фатвабазул отделалъ гьади­наб жаваб кьолеб буго:

 

«Жиндаго хIалтIизеги бажарулев ва рескъотIиялдаги гьечIев чиясе гьукъараб буго гьардезе. БатIалъи гьечIо гьес садакъа, кафарат яги за­кат гьарулеб бугоницин. Нагагь бе­чедав ва хIалтIун магIишат гьабизе бажарулев чиясе садакъа кьолеб бу­гони, гьесие лъикIаб буго гьелдаса инкар гьабизе. ГIагарлъиялъ яги гьу­дул-гьалмагълъиялъ кьураб садакъ­аялдаса абуни инкар гьабизе рекъа­раб гьечIо, гьес инкар гьабиялдалъун гьезда гьоркьоб ракI холеб бугони.

 

ГIарцудалъун кумек гьабеян гьари — аслияб куцалда гьукъараб жо буго, амма цIакъго рес къотIиялда вугев чиясе гIарцулаб кумек гьаризе изну буго.

 

Ресалда вугев ва хIалтIизеги бажа­рулев чияс гIарац гьарани гьев му­нагьалъукье ккола. Ресалда вугевин абула закат щоларев чи.

 

Мискинав чиясгицин цогидаз­да цеве живго гIодовегIан гьаву­леб къагIидаялда садакъа гьаризе лъикIаблъун бихьизабуларо исламал­да. Нухдаса жидерго къваригIелалъ унел гIадамазда аскIоре ун гьар- дейги лъикIаблъун рикIкIунаро. Са­дакъа кьеян гьардон гIадамал намус­лъизариги хIарамаб буго.

 

ЦIакъго рес къотIун ва ракъун ругони, жидедаго бугеб хIал гIадамазда бихьизабизе ва кумек гьабе­ян гьаризе ихтияр буго. Амма лъикIаблъун букIина гIадамазда цере инжитлъичIого гурхIел-рахIмуялъул фондазде ине».