Цолъиялъулъ буго гучги къуватги

 

 

  Республикаялъул халкъазе кIвар бугел хIукмаби гьаруна тIолалго дагъистаниязул вакилзаби гIахьаллъарал съездазда. Гьединал съездал тIоритIана 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шураялда, 1992 ва 2010 соназда МахIачхъалаялда. Дагъистаналъул халкъазул лъабабилеб съездалда кIалъалаго, Дагъистаналъул президентлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас абуна: «Дида битIараблъун бихьула «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб республикаялъулаб байрам тасдикъ гьаби. Гьелъ квербакъизе ккола нилъер мугIрузулаб улкаялъул бищун лъикIал гIадатал цIуниялъе», — ян.

 

  Президентасул пикру хIисабалде босана Дагъистаналъул халкъазул съездалъул резолюциялда. «Съездалъ абулеб буго «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб дагъистаниязего гIаммаб байрам тасдикъ гьабизе кколин абун. Нилъер тарихалда руго гIемерал лъугьа-бахъинал – гьезулъ бессун буго дагъистаниязул гIаммаб хасиятги тIолго халкъаздаса чIухIиги. Нилъер руго цогоял муруватиял къиматал хасиятал, гIаммаб тарих ва букIинесеб къисмат. Цолъиялъулъ буго Дагъистаналъул халкъазул гучги къуватги. Гьеб рикIкIине ккола нилъер халкъазул хазиналъун ва гьелдехун букIине ккола хасаб бербалагьиги», — ян хъван буго резолюциялда.

Гьелъул кьучIалда, 2011 соналдаса нахъе 15 сентябралда республикаялда кIодо гьабула Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо. Байрамлъун 15 сентябрь тIаса бищиялъе босана дагъистаниязул тарихалда кIудияб лъалкI тараб лъугьа-бахъин: 1741 соналъул 15 сентябралда ХицIиб майданалда Надир-шагьасул аскар щущахъ биххизаби.

Байрам кIодо гьабизе байбихьаралдаса ана анцIгоялдаса цIикIкIун сон. ГIадатлъун лъугьана гьеб къоялъ батIи-батIиял миллиял майданал тIоритIи ва гьениб дагъистаниязул бечедаб маданият цебелъей. ГIуцIула спорталъул къецал, ярмаркаби, школазда тIоритIула рагьарал дарсал, музеяздагун библиотекабазда – миллатазул чIухIилъун кколел лъугьа-бахъиназулги гIадамазулги суратазул выставкаби, шагьаразулги росабазулги аслиял майданазда ва клубазда – концертал ва культураялъул хIаракатчагIазул церерахъинал.

Халкъазул цолъи кIодо гьабулеб байрамкъоялъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна нижее дагъистанияз.

МухIамадхан МухIамадханов, ДФИЦалъул ИИАЭялъул этнографиялъул отделалъул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул доктор: «Щаклъи гьечIого абизе бегьула, 2011 соналъул анлъабилеб июлалда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо тасдикъ гьабиялъул Указалда гъоркь гъулбасулаго, МухIамадсалам МухIамадовасда гIемерал лъугьа-бахъинал церечIун ратилилан.

Нилъеда лъала, 1990-2000 соназда дагьал рукIинчIо Дагъистаналъул миллатазул цолъи чучлъизабиялъул мурадалда къеркьолезул къапилаби. РукIана гьезда гьоркьор машгьурав Имамасул цIар лъуралги, Бабаюрт-Хасавюрт мухъалда окопал рухъун яргъилаб оборона ккуралги; жидерго напсги хъулухъги хиралъиялъ гьалаг гьарурал ва 1998 соналъул 21 маялда МахIачхъалаялъул аслияб майданалда Пачалихъияб Советалъул мина ккун талавур гьабуралги, лъугIелго гьечIел чIвадарухъабиги, террористалги… Аллагьас рикIкIад гьареги нилъ гьединаздаса!

Тарих бечедаб улка буго нилъер Дагъистан. Гьеб тарихалда дагъистаниязул ВатIан цIуниялъе гIоло цолъи загьир гьабулел, рехсезе мустахIикъал, чIухIи тIадегIан гьабулел мисалал ва хIужаби гIемерал руго. Хасго 1741 соналъул сентябрь моцIалда Надир-шагь щущахъ виххизави.

Бихьухъего, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо хIисабалда 15 сентябрь байрамлъун лъазаби – гьелъулги цо магIна буго».

Пайзула Пайзулаев, тарихчи: «Дир пикруялда, 15 сентябралда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо кIодо гьабиялъ нилъер цересел умумузул тарих кIвар кьечIого хутIула. Аза-азар соназ Дагъистан букIана цогояб ва цолъараб халкълъун. Киданиги гьикъулароан, мун щиб миллаталъул чи кколеван абун; гьикъулаан, мун щиб росулъаян абун. Гьелде тIадеги, Северияб Кавказалъул тIолго республикабиги руго гIемермиллатазулал. Гьезул цонигиялда гьечIо, масала, Кабардино-Балкариялъул яги Гъарачай-Черкесиялъул халкъал цолъиялъул къо.

КинабгIаги хIажалъи букIинчIо Дагъистаналъул халкъазул кIиабилеб ва лъабабилеб съездал ахIиялъеги. 1920-абилел соназда ахIарал съездазда лъазабуна Дагъистаналъул автономия, Дагъистаналъул цолъи. Хадусел съездазда къабул гьарурал хIукмабазул республикаялъул халкъазе кинабгIаги лъикIлъи гьабичIо я цебетIей ккечIо».

Гюлнара Рамазанова, Белгород шагьаралъул школалъул библиотекарь: «Нижер хъизамалда адаб гьабула Дагъистаналъул халкъазул. Ниж ватIаналдаса рикIкIад гIумру гьабун ругониги, дир лъималазда лъала Дагъистаналда батIи-батIиял халкъаз гIумру гьабулеблъи. Амма нижеца гьел рикьуларо батIи-батIиял халкъазде: гьел киналго руго Дагъистаналъул халкъ.

Нилъеца адаб гьабизе ккола цогидаб халкъалъул тарихалъулги, маданияталъулги, адабияталъулги. Гьелъие квербакъилаан щибаб школалда 15 сентябралда хасаб дарс тIобитIани. Классалда щивав цIалдохъанасе кьезе бегьула гьадинаб тIадкъай: батIияб халкъалъул кечI лъазабизе, масала, даргияс – лезги мацIалда, магIарулас – лъарагI мацIалда ва гь.ц. Гьединаб тадбиралъ кумек гьабила нилъ цоцада лъикI ричIчIизе, цоцазул адаб гьабизе».

Умасалимат ХIасанова, Уздалросдал байбихьул школалъул учительница: «Дагъистаналъул халъазул цолъиялъул байрам кIодо гьабулаго, дир рекIелъ цIидасанги паркъула Дагъистаналъул цолъиги эркенлъиги цIунулаго къеркьараб нилъер бахIарчияб халкъалдаса чIухIиги. ВатIаналдеги эркенлъиялдеги рокьи бессун букIуна щивав бусурбанчиясул рекIелъ, щайгурелъул гьеб буго иманалъул аслияб бутIа».

ПатIимат ГIумарова, Буйнакск шагьаралдаса учительница: «Байрамкъоялъ нилъеда ракIалде щвезарула умумузул бахIарчиял ишал ва гьезул гъунки. Гьеб къоялъ гIуцIулел тадбираз нилъ жеги гъункизарула. Нилъер лъималазе щибаб халкъалъул гIадат-гIамал лъазабиялъе квербакъулеб байрам буго гьеб».

Кавсарат Сулейманова