Туристал гIемерлъи: лъикIищ, квешищ?

 

 

Ахираб кIиго соналда жаниб пандемия сабаблъун ругел гIорхъичIваяз къватIисел улкабазде хIухьбахъизе ине квекIен ккеялъ, нилъер республикаялде ранго ран рачIине байбихьана хIатталдаса ун гIемерал туристал. Цо-цояз гьелдасан жидеего хIалкIвараб пайда балагьулеб буго. Цогидазейин абуни рекIее къабуллъулеб гьечIо къватIиса рачIарал гьалбал нилъер гьанир гIемерлъи. Гьеб суалалда тIасан жамгIиял гьиназдаги боркьарал бахIсал унел руго нилъер ракьцоязда гьоркьор.

Гьелда бан нижер пикру ккана ракьцоязда гьоркьоб гьикъа-бакъи гьабизе:

 

СагIадула ХIайбулаев, ХIарико­ло росдал бегавул:

 

— Ма­гIа­рухъ гIум­ру гьабун ругел гIадамазе жидеего гIарац, магIишат гьабизе рес щвей гурого, щибго зарал дида бихьуларо. Масала, нижер ХIариколо росулъ буго гьалбал къабул гьарулеб ункъогIаги этно-рукъ. Цо чиясдаса сордо-къоялда жаниб, вегизавуралъухъги кваназавуралъухъги щола гIага-шагарго кIиазарго гъурущ. Гьелде тIадеги, жидерго хIан-нах, гьан, даруял хурдул, гьоцIо, урба — гьединал жалги ричулелги руго гьезие. Гьединал рацIцIадал, гъорлъ химикат гьечIел нигIматал гьезие цIакъ рокьула. Заралги пайдаги бараб буго нилъ гьелгун хIалтIиялда, нилъерго бугеб бербалагьиялда.

Дагъистаналъул тарих лъалел, лъай бугел гидалги дагь гурого гьечIо. Дида чанги рихьана магIна-гIин гьечIел жал рицунел гидал.     Туристазул нилъералде данде кколареб хьвада-чIвадиялъул гIайибги, узухъда, гидазда буго. Нилъеца рокъове гьобол вачунеб мехалъ абула гури, масала, рокъоб жаниб хъалиян цIазе бегьуларин. Нижер росулъе гьедин рачIарал гIадамал дида жеги рихьичIо. ХIариколоре рачIунел туристазул къадарги къойидаса къойиде цIикIкIунеб руго. Хунзахъе унаго нухдасан мугIрузул каранда бекьун бугеб гIадин, тIаса гъоркье балагьараб нижер росуги бихьун, интерес ккун рачIуна гIемерисел гьанире. Гьез гIажаиблъи гьабула, гьадинаб бакIалда кин нужеца яшав гьабулебилан. Нижеца гьалбадерие гьенир гьарун руго сверун къарал хал гьабиялъул площадкаби, гIодор чIезе беседкаби. Гьабихъеги рачун хьон, гIатI ххунеб къагIида ва гьединго росдал гIадат-гIамал, фольклор бихьизабула. Гьеб киналъулго бицунев кIиго гидги вуго росулъ. РачIуна батIи-батIиял блогерал. НТВялъул журналистас передачаги бахъун букIана жакъасеб нижер росдал ва гьалбал къабул гьариялъул хIакъалъулъ.

Мурад Багъилов, Къорода-Кьода гьоркьохъеб школалъул директор:

— Дагъис­та­налде ту­ристал ра­чIина­лъулъ цIикIкIу­нисеб къадаралъ пайда бугин тола дица. Ма­гIарухъ, хасго гьитIинал росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазе рес щвана гьезие кваназе, рега-рахъине бакIал гьарунниги, пихъ-мичI бичунниги жидеего бетIербахъи гьабизе.

Дандекколел шартIал чIезарун гьечIолъиялъ, цо-цо квалквалалги камулел гьечIо. Машинаби гIемер­лъун руго ва гьел чIезарулел хасал бакIал гьечIолъиялъ нухазда чIезарун тезе кколел руго. Хасго нижер гьаниб Къорода БецIкъварилъухъ гьел гIемерлъараб мехалъ квалквал, санагIатбахъи букIуна гьезул. Республикаялъул бюджеталъеги пайда букIинарищха.

Ункъо-щуго соналъ цере рукIа­ралдаса цере шартIал гIемерго лъикI­лъун руго. Амма гьел жеги щвалде щвезаризе ккола. Узухъда, Россиялъул цогидал шагьаразда, масала, Сочиялда, Анапаялда гIадал шартIал нилъер гьанир гьечIо. Республикаялъул бетIерасги районазул бутIрузги гьелда тIад хIалтIиги гьабулеб букIин бихьулеб буго дида. Туристазе цо ккураб багьа чIезабурал туризмалъул базаби дагь руго.

Дида кколаро, гьанире рачIарал гIадамазул ретIа-къайги рукIа-ра­хъинги берцинги бихьун, гьеб хадуб такрар гьабизе нилъер гIун бачIунеб гIел лъугьинилан. Щайин абуни, нилъеца гьитIинаб къоялдаса нахъе малъула ва мисал бихьизабула нилъер хьвада-чIвадиялъул. Рокъор ругел эбел-инсудаса, чIахIияздаса гурони, цо къоялъ рихьулел, къва­тIиса рачIарал гIадамаздаса мисал гьез босиларин кколаха дида. Лъабго-ункъо соналъ цебе гIадин, аят гьечIого, толо-гъолон рачIунезул къадарги гIемер дагьлъанин абизе бегьула. Цо-цо гьоркьо-гьоркьор, цадахъ гид гьечIого рачIарал, ялъуни цодагьав «бетIер гьечIев» гид цадахъ ккедал, камулел ратиларо гьединал хIужаби.

Рукъият Асадулаева, Хасавюрт район, ЦIияб ИчичIали росу:

— Туристал къабул гьаризе нилъ цодагьал гIедегIанин ккола. Гьелъие гъоркьбакI хIадуризе, хIухьбахъи гьабизе рачIарал гIадамазе ру­кIа-рахъиналъе чара гьечIого къва­ри­гIунел шартIал чIезаризе кколаан цин. Хасго кIвар бугеблъун ккола цIуна-къай гьабиялъул ва рацIцIа-ракъалъиялъул суал. Масала, туристал рукIуна лъикIа-лъикIал шар­тIазде, ресазде ругьунал чагIи. Жам­гIиял гьиназда чанги бихьана къватIиса рачIарал гIадамаз рацIцIа-ракъалъи гьечIолъиялъул рахъалъ бадирчIваял гьарулел.

Камулел гьечIо, дораса хъущтIун, гьанисан рортун, туристазе нилъер ракьалда къадар ккарал хIужабиги. Гьединлъидал, цIуна-къаялъул суалги щвалде щвезабун, камил гьабуни, лъикI букIинаан. Дагъистаналда хIинкъи цIикIкIараб хIал бугинги абун, гьанире рачIунел гьалбал нахъаса къотIизеги рес буго.

Гьединго, нагагь нилъее гIадатияб гуреб гьезул хьвада-чIвадиги берцин бихьизе рес буго гIолохъанаб гIелалда. Щайин абуни, гьеб буго сунцаго кверде росизе бегьулеб ригь. БетIер бекилалде бухьине кколин абухъе, гьелде кIвар кьезе ккола бищун цебе рокъоб эбел-инсуцаги, школалгун мадрасабазда мугIалимзабазги, мажгитазда дибирзабазги. ЛъикI букIина Дагъистаналъул гIорхъодаго гьезул ретIа-къаялъул хал-шалги гьабун, нилъер гьаниб данде кколебги кколаребги жо гьезие баян гьабуни. Гьелъулгун лъай-хъвай гьабунин абун, гъулбасинабизе ккола. Нагагь гIорхъичIваял хвезаруни, гьабизе хасаб гIадлу-тамихIги ургъизе ккола.

Марьям Шафиева, этно-блогер:

— Дир пикруялда, Дагъистан жеги хIадур гьечIо гьединаб къадаралда туристал къабул гьаризе. Гьелдасан хайир щолел цо-цо гIадамазе гурони, республикаялъе гьелъул щибниги пайдаги гьечIо. Щолеб кепкил гурого ургъел гьечIел цо-цо туризмалъул гIуцIабазул хIалтIухъабаз туристазул рукIа-рахъиналда хадуб халкколеб гьечIо, гьез тIекъал жал гьарулел рихьараб мехалъгицин руцIцIухIунги чIолел руго, жидеего щолеб хайир къотIичIого букIине. Гьелъ нилъер гIун бачIунеб гIелалъе кIудияб зарал гьабизеги рес буго.

ГIолел гьечIо профессионалиял гидал ва гьединалго туризмалъул гIуцIаби.

Дагъистаналъул гIадат-гIамалалде данде кколареб гьалбадерил рукIа-рахъиналъ нилъер гIун бачIунеб гIелалъе, хасго балугълъиялде рахинчIел лъималазе лъикIаб гье­чIеб мисал бихьизабулеб бугин ри­кIкIуна дица. Дирго гIумруялда бищун квешаллъун дица рикIкIуна 1990-абилел сонал. Гьаб ахираб заманалда кинабго лъикIаб рахъалдехун сверулеб буго. ГIемерлъулел руго бахча-хьвараб ретIа-къаялъул гIолилал. ЛъикIаб рахъалдехун сверун унеб жо, квешаб рахъалдехун гьетIилилан хIинкъун йиго дун. Амма гьебги туристазул гIайиб гуро. Киназдаго гуро лъалеб пуланаб бакIалъул рукIа-рахъиналъул низам. Руго киналъулго цIех-рехги гьабун, гьебги гIадахъ босун, турагентствабазул кумекалдалъун рачIунел туристал. Амма жалго лъикIал лъугьун рачIунелги камулел гьечIо.

Гъоркьиса ралъдал рагIалдаса лъималгун тира-сверун рачIунаго, толо-гъолорал рос-чIужу рихьана нижеда. ТIолабго черхалда татуировкабиги ругоан гьезул. Дир лъимал гIажаблъун хутIана гьел рихьидал. АскIоеги ун, бадибчIвай гьабизехъин букIана, амма дидасаги цеве цоги бихьинчи ккана. Рокъое щвейгун лъималазулгунги гара-чIвари гьабуна.

Эркенаб заман бугинги абун, ни­лъе­ца гьелде квер хьвагIун тезе бе­гьуларо. Дир пикруялда, гьеб иш мухъде бачине бегьула гьадинаб къагIидаялда: республикаялъу­л даражаялда, рукIа-рахъиналъул тIа­ла­бал жанире рачараб законги, гьел рехсараб мажмугIги бахъизе бегьула. Нагагь, гьалбадерица гIадлу хвезабулеб бугони, гьезда тIад гIакIаги къотIизе. Гьелъ кумек гьабилаан гьеб суал рукIалиде ккезабизе.

Ибрагьим ХIасанов, гид, Шамил районалъул Гьоориб росу:

— Туристал цIикIкIина­лъулъ, узухъ­да, лъикIал рахъал гIемер ру­го. Нижер росулъ хIалтIи щоларого ру­кIаразе хайир гьабизе рес щвана. ТIадежоялъе нухалгун кьоял­ги къачIалел руго. Лъабкъого соналда жаниб жамагIаталда гьабизе кIвечIеб, 100 метралъул халалъиялъул, хIинкъи бугеб, чанго чи гъоркье рехараб рагIал, рачIарал туристаз гIарацги биччан сверун къана.

ГIемерал хIукуматал руго туризмалъ бечед гьарурал. Гьединго, нилъер республикаялъул цебетIеялъеги гьелъул квербакъи гуреб жо гьечIо. Щивав республикаялде вачIарав туристас гьаниб тараб гъурущ буго нилъер бюджеталъеги халкъалъеги щолеб хайир.      

Цо-цо росабазул жамагIатазеги рекIее къабуллъулеб гьечIо туристал къабул гьаризе. Дида гьединалги ричIчIуларо. Нилъер ракьалда гьобол кидаго вукIана бищунго къимат тIадегIанав чи. Р. ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб тIехьалдаса цIалун букIана дица гьадинаб лъугьа-бахъин. Цо херав вукIун вуго нухлул рагIалда гIодовги чIун гIодулев. Мун щай гIодулевин гьесда гьикъидал, гьес жаваб гьабун буго жиндие БетIергьанас тамихI гьабунилан. Щиб сабаблъунин гьикъидал, херас жаваб гьабун буго, щиб гIилла бугебалиги лъаларин, амма жиндихъе лъабабилеб къоялъ гьобол вачIунев гьечIин. Гьединал гьобол-гьудул хи­риял наслабаз-нилъеца нилъер гьоболлъиялдаги, культураялдаги, некIсиял бакIаздаги рухIдаллъун рачIунел гIадамал нахъчIвазе бегьилищха. Щибаб миллаталъул букIуна жидерго ретIунеб ретIелги хьвада-чIвадиги. Гьезул доре щведал, жидер форма-хьит гурого ретIунгеян нилъеде тIаделъуларогури. Къойил нилъехъе рачIунел туристаз гIолилазе квешаб мисал бихьизабизе бегьулин абураб пикруялда дун разияв гьечIо.

 

МухIамад Манапов