Хиралъулеб къайиги чванта бицат гьабулел предпринимателалги

 

   «Дагъистаналъул правда» газеталъул конференц-залалда тIобитIараб данделъиялда бицана базараздагун тукабазда багьабазда сверухъ гьечIеб низамалъул, предпринимателазул хIалтIул хаслъабазул ва гьезие, лъугьун бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, пачалихъалъ гьабизе бугеб кумекалъул хIакъалъулъ. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халиловги регионалъул даран-базаралъул сетазул вакилзабиги.

Февралалъул ахиралдаса байбихьун къойидаса къойиде кинабго хиралъулеб буго. Гьелъие ккараб гIиллаги киназдаго лъала.

   — Нижеца щибаб къоялъ мониторинг гьабула багьабазул ва базараздагун тукабазда бугеб къайиялъул, гьоркьоса къотIи гьечIеб бухьен букIуна предпринимателазулгун. Кинабго хиралъулеб буго, хасго къватIисел улкабаздаса бачIараб къайи, амма ахIвал-хIал цIакъго хIалуцинабулеб буго жалго гIадамаз. Цояз базараздаса нигIматал, салоназдаса машинаби, даран-базаралъул центраздаса техника, тIагIел-алат лъугIизе бугин гьерсал тIиритIизарулел руго, цогидал гьеб киналдаго хадур рортулел руго. Мисалалъе, Россиялда кигIанги бугеб чакаралда сверухъ бахъинабуна ахIи-хIур, гьечIеб бакIалда рахинаруна багьаби, — ян абуна Н. Халиловас.

   Гьесул рагIабазда рекъон, санкциял лъазарурал пачалихъаздаса бачIунеб цо-цо продукция ва техника базараздаса лъугIизе буго. Амма нилъеда гьеб хъинтIизе гьечIо. Россиялда гIадамазе хIажатаб кинабго гIунги тIокI бугин абуна министрас.

   Низам Халиловас лъазабуна лъугьун бугеб ахIвал-хIалалдаса пайдаги босун, чунтби риццат гьарулел предпринимателазе кьварараб тамихI гьабизе бугилан.

— ГIорхъолъа рорчIун багьаби рахинариялъул хIужаби ратани, кIалъазе бегьула УФАСалде. Гьединал жавабчилъиялде цIазе руго, — ян абуна промышленносталъулгун дармил министрас.

   «Зеленое яблоко» супермаркетазул сеталъул директор Кизтанум ГIалиевалъ бицана февралалъул ахиралда жидер тукаби гIадамаз рацIцIад гьаризе байбихьанин ва гьелда бан цо-цо нигIматазда сверухъ гIорхъичIваялцин чIезаризе кканин.

  — Коронавирусалъул пандемиялъул тIоцебесеб карачел байбихьараб заманалдаго гIадинаб ахIвал-хIал букIана февралалъул ахиралдаги. Нахъраталиейинги абун гIемераб къайи унеб букIана гIадамаз босун. Щивго ургъулев вукIинчIо цебесеб нухалъго гIадин гьеб хвезе бегьулеблъиялда тIад. Кванил нигIматазул рахъалъ дефицит гьечIеблъи бичIчIизе ккола халкъалда. Гьеб мехалъ кIвезе буго багьабазда сверухъги низам чIезабизе. «Зеленое яблоко» супермеркетазулаб сеталъ багьаби чIезарула базаралъул хIисаб гьабун. Нижго лъикIал лъугьун багьаби рахинаризе нижеда кIоларо. Гьединаб къагIидаялда хIалтIулел ругони, тIоцебесеб иргаялда, жавабиял идарабаз тамихIалде цIала, кIиабизе, клиентазда рихуна», — ян абуна К. ГIалиевалъ.

  Гьединабго магIнаялъул кIалъай гьабуна «Эхнатон» супермаркетазул директорасул заместитель ГIумар МухIудиновасги. Гьес абуна даран-базаралда аслияв чи клиент вугила, ва жидер мурад гьесие учузго къайи бичиги кколила.

  — Нижеца жакъа тукабазда багьаби рахинарулел ругони, метер къайи лъие бичизе бугеб? ГIадамал учузаб балагьун цогидал бакIазде инарищ? Нижеда гьоркьобги къец букIунелъул. Гьединлъидал тукабазул хважаинзабаз ургъунго багьаби рахинарулин абураб жоялда нуж божуге, — ян абуна гьес.

  Данделъиялдаса хадуб ниж щвана цо-цо тукабазде ва хал-шал гьабуна гьенир ругел багьабазухъ. Пуланаб тукада нижеда «Дарман» продукция цIакъго хира гьабун батана. Мисалалъе, цебе 85 гъурщиде букIараб цо литр жанибе унеб рахьдал шишаялъул багьа бугоан 110 гъурщиде бахун. ГьебсагIатго ахIана рехсараб продукция къватIибе биччалеб «Гъизлярагрокомплекс» компаниялде. Гьелъул экономист Заира ХIажимухIамадовалъ гьадин бицана:

 — Гьоркьохъеб къагIидаялда босани, нижер продукция хиралъана ичIго-анцIго проценталъ. Нужеца рехсолеб тукада гьеб 110 гъурщиде щай бичулеб бугебали лъаларо ва гьелъул жаваб нижеца кьезе кколаро. Багьабазда сверухъ хIалтIи гьабулеб идара цоги буго.

— Рахь-хIан ккола Дагъистаналда хьихьулеб боцIуца кьолел нигIматал. Щай гьел цо-кIиго гуреб, ичIго проценталъ хиралъизе кколел?

  — Рахь жанибе тIолеб шиша нижее гьабула къватIисел улкабаздаса бачIунеб кагътил. Гьеб гIезегIан хиралъун буго. Кагъат Россиялда гIемер буго, амма рахь жанибе тIун гьеб чанго къоялъ цIунун бажарулеб даражаялъул гьаниб букIунаро. ХIисаб гьабеха, офисалъулабин абулеб А3 форматалъул кагъат 400 проценталъ хиралъараб заманалда рахь жаниб цIунулелъулги багьа бахинарищ. Нижее бокьун букIинчIо продукция хира гьабизе, амма лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ тIамуна, — ян абуна «Гъизлярагрокомплекс» компаниялъул экономисталъ.

  Гьединго ниж щвана урбеч гьабулеб «Дидо» предприятиялдеги дандчIвана гьелъул нухмалъулей Загьра ГIабдурахIмановагун. Гьелъ бицана арахисалъул, миндалалъул ва парсцIулакьодул гьабулеб урбеч дагьаб хиралъанин.

  — Гьел нигIматал нилъехъе рачIуна къватIисел улкабаздаса. Гъурщида данде доллар хиралъиялъ къватIиса бачIунеб киналъулго багьабиги «зодоре» рахунел руго. Щайила нужецагIаги багьаби рахинарулел ругелин абун кIалгьикъулелги ккола. БичIчIизе ккола нижги базаралда рекъон хIалтIизе кколеллъи. Дагъистаналда рукIунел нигIматазул продукция нижеца жеги хира гьабичIо. Амма багьаби цого бакIалда чIун хутIиялда щаклъи буго.

Темирхан ХIАСАНОВ