«Рагъуй къали бухулел…»

 

    Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечIев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего бокьун буго рагъ лъугIизе, ургъелал кIочараб, берцинаб яшавалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьу- нелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечIо гьениб. ГIемерисел пачалихъал Россиялде дандечIун ругеб гIадаб сурат буго. Санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде.

   Спорталъул рахъалъ дунялалда тIоритIулел кинал рукIаниги къецаздаса нилъер спортсменал махIрум гьарун руго. Доллар хиралъана. Гьелда рекъон, хиралъана гIемерисеб къайи-цIаги. ГIадамал руго банкоматаздаса гIарац бахъулел. Рагъде васал арал улбул ургъалида руго. Украинаялда рагъде ритIаразда гъорлъ дагьал гьечIо нилъер республикаялдаса гIо­лохъабиги.

   Къокъго абуни, ахIвал-х1ал расги лъикIаб гьечIо. Киналго ралагьун чIун руго Россиялъулги Украинаялъулги делегациязда гьоркьор тIоритIизе ругел кIалъа-басаялъул хIасилазухъ.

Жакъасеб номералда нижеца кьолеб буго Украинаялда унеб рагъуда тIасан магIарулазул гIелмиябгун творческияб интеллигенциялъул цоцо вакилзабаз загьир гьарурал пикраби.

МухIамад МухIамадов, ДНЦялъул РАНалъул МацIазул ва адабияталъул институталъул грамматикиял цIех-рехал гьарулеб бутIаялъул нухмалъулев:

   — ХIакъикъаталдаги киназего буго ургъел жакъа Украинаялда унеб рагъул. Умумузул аби буго рагъалъ вас гьавуларин абураб. Амма рагъуе тIоцебе къали бухарал чагIи нилъеда лъала щалали. Гьеб ккола США. Украинаялъул гIакълу гIечIо Россиялъулгун питна-кьал жидее къваригIун гьечIин, нижги жахIалго тейин, СШАялъул бутIрузда абизе. Гьел ана гьезда хадур ва гьез абураб гIадахъ босана. Гьелъул хIасил жакъа нилъедаги бихьулеб буго.

   Нилъер гьениб батIияб пикру кинабха букIинеб? Нилъ киналго Россиялъул гражданал ругелъул, жакъа цолъизе, гъункизе ккола ва киназго рагьун абизе ккола Украинаялда НАТОялъул блок хIажат гьечIин. НАТОялде гъорлъеги ун, Россиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб бугеб гIурхъилъун хIажат гьечIо нилъее жакъа Украина. Нилъее къваригIун буго гьенив лъикIав мадугьал. Мадугьаллъун гуреб вацал гIадин рукIана гьезул халкъ 70 соналъ нилъгун. Амма СССР биххун хадуб биххана гьезул вацлъиги, баккун бачIана тушманлъиги, жахIда-хIусудги, хIалихьалъиги.

  Гьеб гуребги, гьезда (Западалда) ракIалда букIана Украинаялдаса хадуб Грузиялдаги НАТОялъул блокги лъун жидерго мурадал гIумруялде рахъинаризе. Дагъистаналъул гIорхъода НАТОялъул блок нилъееги къабулаб жо гуро.

Жиндир заманалда Путиница цо гара-чIвариялда абун букIана, НАТОялда гъорлъе Россияги бачейин аби- дал, Буш (Джордж Буш — СШАялъул вукIарав президент) цIакъ квеш ва- лагьанин жиндихъилан. Гьезие Россия НАТОялда гъорлъ къваригIун букIинчIо, гьезие къваригIун букIана Россиялъул ракьулъ бугеб бечелъи. Нилъер жеги гIемераб нартги, газги, цогидал магIданалги руго ракьулъ. Амма жидерго дора ругел т1абигIиял бечелъабазул сурсатги мукъсанлъун, гьанже гьезие къваригIун буго нилъер магIданазда тIад кверщел гьабизе.

Мурад Багилов, Гъуниб районалъул Къорода-КьотIа школалъул нухмалъулев:

— Цогидазего гIадин, диеги ургъел буго Украинаялда жакъа рагъулел ругел нилъер ракьцоязул. Дица дарс кьурал гIолохъабазул чангоявги вуго жакъа гьеб рагъулъ.

   Дица тIубанго рахъккола Владимир Путиница гьабураб хIукмуялъул. ХIатта абила, гьанжеялдаса анкьго соналъ цебего битIизе кколаан гьенибе аскар. Щайгурелъул, 2014 соналдаса нахъе нилъеда бихьана, гьанжеялдаса 80 соналъ цебе дирги дурги кIудаинсуца кьичIчIи бакъвазабун букIараб фашизм гьениб (Украинаялъул ракьалда) цIидасан тIегьан бачIараб куцалъул. ХIатта дол фашистал кIочон тарал жанаварал рукIун руго гьенир бандеразулазул къавм. Гьез чIвалел рукIана руччабиги, лъималги, херал чагIиги, рухIулел рукIана рукъзал, гьабулеб букIана хъамалчилъи. Гьеб киналъего ахир лъезе заман щун букIана. Гьединлъидал Путиница гьеб гали тIамичIого рес букIинчIо.

Узухъда, дунгоги цеве чинал рарав, рагъулаб хъулухъалда вукIарав чи вукIиндал, дица абула бихьинчиясда тIадаб буго нилъерго ватIан цIунизе. Ярагъ кодобе босанищ, дудаго тIадаб налъи тIубазе ккола дуца, рагъулав хъулухъчи хIисабалда.

Аллагьас нилъер киналго гIолохъаби сах-саламат гьениса нахъруссагиян дугIа гьабила нилъеца киназго.

Украина сабаблъун санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде бакъ­ тIерхьул улкабаз. Австралиялда абун рагIула нилъер гьанибе жидеца тIокIаб кенгурудул гьан битIиларин абун. Гьанже гьезул кенгуруялъул гьанги кваназе щвечIого кинха дунги цогидавги вукIинев Къорода. Гьезул санкциял дие руго, умумуз абухъе, тIохде балеб цIад гIадинаб жо. Доллар бахунеб буго, бахайин абеха. Ахир лъие квеш кколебали бихьила. Россиялъул экономика накалтIе ккезабизе гьезда ракIалда батани, гьел жалго ккезе руго накалтIе. Нилъер тIабигIиял бечелъабазул сурасат жеги гучаб буго.

Санкциял гIемерлъунин, доллар хиралъунин гьанив магIарухъ вугев дие щибниги къварилъи гьечIо. Дие харжги доллараздалъун бачIунаро, гьез санкциял гьарунин абун дица хуриб бекьараб нигIматалъе щибго заралги кколаро.

Гьале, Украинаялда гьеб хIалуцин байбихьун анкь ана. Амма цохIо дора рагъулел ругел гIолохъабазухъ ракI унтун гурони, президентасул политикаялда дандечIун кIалъалев чи дида цадахъ хIалтIулезулги гьечIо. Нагагь къо ккани къватIиве вахъине хIадурав, хIалхьиялда вугев лъабгониги офицерги вуго дир сверухълъиялда. Гьелдеги иш бачIинареб батила, Аллагьас рагъги гIагараб заманалда лъугIила.

Шамил ХIасанхIусенов, «МахIачхъалаялъул гIолилал» ДРОялъул нухмалъулев:

— 2014 соналъ, Украинаялда пачалихъияб хиса-свериги гьабун, тIалъиялде рачIана фашистазулаб идеологиялъул, гIурус чи цIакъ рихарал гIадамал. Гьелдаса нахъе буго гьениб ахIвал-хIал хIалуцунги. Гьелдаса нахъе рукIана Луганск ва Донецк республикабазда расги гIайиб гьечIел гIадамал чIвалел. АнкьгогIан соналъ чIана нилъер пачалихъ сабру гьабун, лъугIилародай гьениб чIвай-хъвей абун, маслихIат гьабизеги чанцIулго къасд гьабуна. Амма лъугIичIо, лъугьинчIо маслигIатги. Гьединлъидал исана февралалда, Федерацилъул советалда дандги бан, ООНалъул резолюциялда бихьизабураб изнуялдаса пайдаги босун, президент Владимир Путиница хIукму гьабуна гьенибе аскар битIизе.

Жакъа гIемерав чияс гIемераб жо хъвалеб буго социалиял гьиназда. ХIажат гьечIила нилъее санкциялги, къваригIун гьечIила рагъги, гьеб би тIей чIезабеян хитIабал гьарулел чагIи гIемерал руго. Дунги разияв вуго, доб гIурусазул кициялда абухъего, ччобораб рагъудаса, хIалакъаб букIаниги рекъелго лъикIин абураб каламалда.

 Нилъер пачалихъалъул нухмалъулес абуна, жакъа Россиялъ гьединаб гали тIамун букIинчIебани, метер гьебго ярагъ СШАялъги, НАТОялда гъорлъ ругел цогидал пачалихъазги нилъеде (Россиялде) данде кьвагьи- зе букIанин абун. Гьебги хIисабалде босун, гьабичIого рес гьечIеб хIукму букIанин Украинаялде аскар битIи. Санкциязухъаги хIинкъун жакъа нахъе кIанцIун чIезе нилъ бегьи- ларо. Щайгурелъул Украинаялда гьеб рагъ ккун букIинчIебаниги, Западалъ нилъее санкциял лъазари­ зе цогидал ресал ратулаан. Гьеб нилъеда бихьана ахираб заманалда, кIигьумерчилъиги, хIалихьалъиги гурони СШАялъ нилъеде гIаданлъиялъул рахъ хIалтIизабичIо.

Нилъер гIолохъабазда Аллагь гурхIаги, гьелги сах-саламатго жидерго эбел-инсухъе, хъизамалъухъе нахъ руссине хъван батаги. Нилъеца киназго гьезие гьедин ккагиян дугIаги гьабила, ИншаАллагь. Гьанже бищун кIудияб хьул буго кIиябго пачалихъалда гьоркьор ракълилал кIалъа-басаязул хIасил лъикIаб ккелин абураб. ТIоцебесеб дандчIвай гьез тIобитIана, 2 марталда цоги нухалда дандчIвазе руго. Хьул буго Украинаялъул рахъалдаса делегациялъул къокъаги ракълиде бачIинин абураб. Нилъее рагъ хIажат гьечIо, рекъел къваригIун буго. «Рагъалдаса рекъел лъикI» абун цIакъ берцинаб ва гIакъилаб кици буго умумузул. Киназего гьарула роцIараб зобги талихIаб гIумруги.

 

Мурад АхIмадов, «Гьудуллъи» ва Лачен» журналазул бетIерав редактор, публицист:

   — Бокьараб рагъуда, кинаб гьеб батаниги, гьелда дандечIарав чи ккола дун. Гьединго, гIайиб гьечIел, кумек гьечIел гIолохъабигун ручччаби ва лъимал чIваялдеги. Гьеб киналдего дандечIарав чи вукIана дун кидаго, жакъаги дир пикру хисун гьечIо. Амма… Амма Донбассалда жакъа бугеб бада-гъудур, рагь-кьал халатбахъунеб бугелдаса микьго сон буго. Лъиениги, жибго Украинаялъеги гьелъул ургъел букIинчIо. ЧIвалел, холел руго щибго гIайиб гьечIел чагIи. Жакъа гьез «гIащтIичи» абун рокьукъаб тIокIцIар жинда рекIинабураб Россиялъ, гьеб микьабго соналъ Украинаялъе бикьана газ, ток, нарт ва гьеб гуреб, кванил нигIматаздалъунги хьезабуна гьезул халкъ. Амма Украинаялда гьеб бихьичIо, гьезда гьеб кIочон тана. Гьезул Россиялдехун букIана хIехьезе кIолареб рокьукълъиги ццимги.

   Украинаялда лъугьунебги толелъулги хIакъикъат рагIа-ракьанде щун бичIчIуларезе бигьа букIуна батIи-батIиял рагIаби рехизе. Амма дида гъваридго бичIчIула ва лъала гьениб лъугьунеб жо. Щайгурелъул дица гьелда хадуб цебегоялдаса нахъе халккун бугелъул. Гьединлъидал дица абила, гьанже гьеб цебе букIараб Украина гуро. Гьеб буго Западалъе данде кколеб, гьезул зурмихъе кьурдулеб Антироссия. Гьелде сверана гьеб.

   Дие бокьула Украина. Щайгурелъул дун гьенив гьавидал. Гьенив цIалана, гьенир руго дир гьудулза-би, дида лъала гьезул мацI. Гьединлъидал дие гьеб чияраблъун кколаро. Украинаялда руго дир рекIее гIагарал ва хириял чагIазул хабзал.

   Дир кIудияв эмен вагъана гьеб ракьги цIунун, Днепр гIорда бу­ кIараб гучаб рагъулъ лъукъана гьев. КIудияй эбелалъ хIехьана Ленинградалъул блокадаялъул ракъи. Дир эбелалъул вац хвана Чернобылалда ккараб атомалъул балагьалдаса гIадамал цIунулаго унтиги ккун. Гьел киналго рукъун руго Украинаялда.

   Амма жакъа гьеб тIубанго хисана. Гьез жидерго рокьукълъиялъул цIураб гьумер буссинабуна Россиялдехун. Рокьукълъиялъулги ццидалги цIурал къучIби рукIана гьез лъагIалабаз цIезарулел.

   Украинаги Россияги букIана цо халкъ, амма гьел цоцаздаса тIезаризе лъагIалабаз хIаракат бахъана хасал чагIаз. ТIоцебе гьелъие байбихьи лъу- на 90-абилел соназ, гьелъул вукIарав президент Леонид Кучмаца. Гьевги, гьесда хадур рачIарал хутIарал президенталги рукIана гIурус мацIги рихарал. Хадуб къватIисел пачалихъаз байбихьана Украина яргъидалъун хьезабизе.

  Жакъа рес букIанищ гьаб вахI­ шилъиги би тIейги нахъчIвазейин суал кьуни, дица абила, букIанин. Амма жакъасеб Украинаялъул мурадал батIиял руго – Россиялъул сан гьабунгутIи. ГьабсагIат унеб рагъуде гьел рачIана ургъун, жидедаго ракIчIун.

  Аллагьас кантIиги, гIакълуги, къу­ватги кьеги гIагараб заманалда гьеб балагь лъугIизабизе, би тIей чIезабизе.

Ашахан Юсупов