Каранда ралел гIаламатазе гIоло гуро…

Болъихъгун ЦIумада рагъ лъугIаралдаса 20 сон баялъул хIур­ма­талда кьолеб шапакъаталдаса инкар гьабуна журналист Алик ГIаб­дул­хIамидовас.
Гьес абулеб буго жинда цадахъ доб мехалъ рукIарал цониги пишацоясул цIар гьечIила шапакъат щолезул сияхIалда. Гьеб цо.
КIиабилеб бугони, жинда би­хьу­леб бугила гьел шапакъатал хIакимзабаз жидеего бокьарал ча­гIазе кьолел рукIинги. Гьезда гьоркьор ругила доб рагъулъ рукIарал ополченцалги, амма кьвагьулеб тун­кIил гьаракь рагIулеб бакIалде аскIорецин къачIезеги кьолел ру­ги­ла медал-киласал.
Гьанже Алик ГIабдулхIамидовасго гIадин, къого соналъ церего гьел шапакъатаздаса инкар гьабун букIана Болъихъ районалъул Гъагъалъ росдал ополченцазги. Медалазе гIоло гурин жидеца ярагъ кодобе босун букIарабин абун буго гьез Москваялдаса хIакимзабазда. Гье­лъул бакIалда, «Город-Герой» гIадин, «Се­ло-Герой» абураб статус кьезе лъикIаблъун бихьулеб букIана гъа­гъадерида. Амма росдае гьединаб цIар кьезе бихьизабун гьечIин къануналдаян, Москваялъ инкар гьабуна гьезие. 

Гьелда тIасан лъикIаб гара-чIвари ккана гьанжегIагар редакциялда гьо­боллъухъ рукIарал Гъагъалъа Юсуп Нажмудиновасулгун ва ЯхIя ЯхIяевасулгун.
1999 соналда ополчениялда рукIана гьел.
— Доб мехалъги гьел шапакъатал кьолел рукIараб куц бихьараб мехалъ, дица хIисаб гьабуна, КIудияб ВатIанияб рагъул шапакъаталгицин кьолел рукIанадай гьединабго инжитаб къагIидаялъилан, — илан байбихьана ЯхIяев ЯхIяца. — Щалго гурел чагIазе кьолел рукIана къого соналъ цере гьел.
— ГIанди-Гъагъалъан нижедаса байбихьун букIана ополчение гIу­цIизе. ЯхIя вукIана гьезул церехъабазул цоявлъун, — илан бицана Юсуп Нажмудиновас.
— ГIамм гьабун, чан чи вукIарав нужер кьеразулъ?
— 300-ялдасаги цIикIкIун чи вукIана. Дун доб мехалъ Астраханалда ву­кIарав чи, рагъул хабар лъарабго, хъата-масан нухда вахъун, кIи­абилеб къоялъго росулъе щвана. ЯхIя­ги нижги гIагарал чагIи ккола. КIу­диясул тIалаб-агъаз хIисабалда, дир инсуда гьарулеб букIана гьас, кIигояв вугониги гIелин нужер хъизамалдаса. Юсуп, щиб кканиги, ро­къоселги цIунун тейилан.
Гьеб мехалъ инсуца кIиго гранатаги кисиниб къазабун, вацал ругеб бакIалда гьезда хьолбохъ эхете­йилан, жиндаго цадахъ вачана дун. Эмен (мунагьал чурад) вукIана ополчениялъул штабалъул нухмалъулевлъун.

Шапакъатаз гуро борцунеб
ВатIан бокьи

— Юсуп, дида бицана мунагьал чураяв Расул ХIамзатовасги гьи­къун бугин нужеда шапакъатаздаса инкар щай гьабурабилан?
— БукIана гьединаб жо. Росдал жа­магIатги данделъун гьабураб хIукму букIана гьеб. Шапакъатал кьезе ругезул сияхIалда нижер щугоясе бихьизабун букIана «Бихьинчилъиялъе гIоло» орденги, лъабнусидасаги цIикIкIун чиясе «БахIарчилъиялъе гIоло» медальги кьезе.
Нижеца рихъ-рихъун рана сияхI тIад хъван рукIарал тIанчал. Доб мехалда ДРялъул хIукуматалъул шапакъатал кьолеб отделалъул нухмалъиялда йикIарай гIаданалъ рагьун абуна нижеда нуж гIадаллъунищила ругел гьездаса инкар гьабизе, нужеца росичIони, цере ккарал чагIазе щвезе ругила гьел.
МухIамадгIали МухIамадовасда цадахъ 1999 соналъул декабралда Москваялде Владимир Путинихъе унеб делегациялда гъорлъ рукIана мунагьал чураял Расулги дир эмен Нажмудинов Нажмудинги. Гъагъа­лъа чи вугищ самолёталдаян делегациялдаса цояс гьикъидал, жив вугилан дир инсуца абулеб рагIун буго Расулида. Цинги гьес гьев жиндаго аскIове ахIун вуго. Гьесги гьикъун буго инсуда щай нужеца шапакъатаздаса инкар гьабурабилан. Щайгурелъул каранда ралел орденазе гIоло гурин жал къватIире рахъун рукIарал, инсул росу тушманасдаса цIунизе гIоло рукIанилан жаваб кьун буго инсуцаги.
— Гьелда данде жиндиего хасиятаб къагIидаялъ жаваб кьун батила Расулицаги.
— Инсуца бицунаан Расулица данде гьабураб жавабалъулги. Амма дидаго ракIалда гьечIо гьеб жакъа гьаниб бицине. ЦIакъ берцинго, пасихIаб магIнаялъул жаваб букIанилан бицунаан инсуца, — ян ракIалде щвезабуна Юсуп Нажмудиновас.
Рокъове щвечIого рагъулъ щапарав росуцоявги, Интербригадаги, Ш. Басаевас Гъагъалъа жамагIатчагIазда гъолеб букIараб яхIги.
— Ополчениялда рукIаго ками кканищ нужер гIадамазе?
— Лъабгояв чIвана нижер гIоло­хъа­базул. Гьезул цояв ИсмагIил Исма­гIи­лов абурав вас, дунго гIадин, Астра­ханалдаса вачIунев вукIарав чи, росулъецин щвезе санагIат ккечIого, ана ополченцазда гъорлъе ва тIоцересел къоязго чIвана. Рокъове щвезе хъван букIун гьечIо гьесие. Гьесул бахIарай йикIун йиго Астраханалдаго ячарай. Чанго соналдасан гьесул хабаде щвезе ячIун йикIана гьей ясги ячун.
Лъукъаралги рукIана гIезегIан. Лъабго анкьгIанасеб заманаялъ цIу­на­на нижеца росу. Гьеб лъабабго анкьида жаниб цониги чи росу тун цо­гидаб бакIалде инчIо парахалъи рещтIинегIан. Нижедаго хьолбохъ эхетарал гIадин, руччабиги рукIана, росурагIалде ракIарун. Щибаб сордоялъ зикруги бачана гьез, хIажалъи ккани, ярагъ кодобе босизеги хIадурго рукIана.
Гьаниб цо хас гьабун бицин­чIо­го гIоларо нижерго доваса гIоло­хъанчияс гьабураб гьунаралъулги. Террористал рачIунеб рукIараб нух, сардилъ ун, жаниб минаги лъун, кьвагьизабуна гьес. Гьезул жидерго машинаги кьвагьун, анцIгоялдасаги цIикIкIун чи чIван вукIана. Гьелдалъун хъачагъазе нухги къотIана. Гьеб кIудияб бахIарчилъи букIана доб мехалъ.
— «Интербригада» абун рачIарал ополченцаз щибниги гIахьаллъи гьабун гьечIин гьеб рагъул­ъ, «ГIа­чIаб» абулеб бакIалда шашликIал режун, ихтилат кеп-гьабулел ру­кIун гурониян бицуна…
— Ихтилат гьабулелги рукIун ра­­тиларо гьел. Дир хIисабалда, гьел рукIана рагъулъе лъугьине тIад­ругезул буюрухъалъулъ балагьун чIун. Гьебги гьезие бокьараб лахI­заталда кьезе рес букIана. Гьединлъидал рагъудаса нахъегIан къан чIун «Интербригадаялъулал» рукIанин абураб пикру дица къабул гьабиларо. Болъихъе щвезегIан рачIаралъухъги баркалаялъе мустахIикъал руго гьел, — ан абуна ЯхIя ЯхIяевас.
— Гьумер битIун жалго боевикал рихьизе рес ккун букIанищ нужее?
— Нижер доваса чанго чи ун вукIана гьезулгун кIалъа-басаял гьаризе, — ян ракIалде щвезабуна Юсуп Нажмудиновас. — Боевиказул рахъалдаса цевехъан хIисабалда гьелгун гара-чIварун вугоан Ширвани Басаев (Шамилил вац).
Нужеда ниж щалали кIочонищин тараб, нилъ гIодоса эхедего рукIарал мадугьалзаби гурищин, яхI гъезе лъугьун вуго гьев. Гьезул мурад букIана нижеца нухги кьун, росу къотIун Муни кьодухъе ине — гьенисан ункъо районалде бикьулеб нухдаса цогидал росабалъги гъарачилъи бекьизе. Амма гьезул къасдал хIорго хутIана, нижеца гьезда лъазабуна нижер росуги къотIун нужеца гали цебехун лъоларилан.

ЧIаго хутIилин божи букIинчIо

— Дол минутаз нуж божун ру­кIанищ кумекги щвелин, гьелги нахъчIвазе кIвелин абураб пикруял­да?
— ЧIаго хутIилин абураб пикру нижер лъилниги букIун батиларо, — ян мукIурлъана ЯхIя ЯхIяев. – Хасго щокъробе щвезегIан ярагъги борчун, жанаваразда релълъараб куц-мухъгун рачIарал террористалги ри­хьулел рукIаго. Гьезда кIолаан, ни­жер росдада лалги тIамун, церехун ине. Гьедин гьабизе кIолеб къуват букIаралъул гьезул.
ЖамагIаталъ хIукму гьабуна ахиралде щвезегIан росу цIунизе. Амма гьеб цIакъ захIматаб хIукму букIана. Пикраби батIи-батIиял рукIана щивасул. Ахирги рачIана нилъго хунги гьезие нух кьеларилан абураб пикруялде. Гьедин букIаралъулха нилъер умумузул заманалдаги. Надир-Шагьасул, Тимурил заманалда гьедин цIунулел рукIаралъул нилъеца росаби.
— Гъоркьиса Болъихъ букIараб дандчIваялда Владимир Путиница ра­зи гьаричIищ?
— Рази гьаруна, щай гьаруларел? Жакъа бокьарас бокьараб абизе бегьила. Халкъалъул рукIа-рахъин лъикI гьечIин, харжал дагь ругин ва гьеб гуребги. Батила гьелда жанибги гьесул гIайиб. Амма нижгун дандчIвазе вачIарав гьесул гIа­датлъиялъ асир гьаричIогоги ху­тIичIо. Президент гIадин гурев, рос­дал годекIанив вугев жамагIатчи гIа­дин вукIана гьев нижгун хIалги рекъезабун. Гьеб гуребги, доб рагъдаса хадуб нижер районалда гIезегIан цебетIейги лъугьинчIищха – нухал рахъун, объектал ран, газ бачун.
— Гьанже, къого соналдасан, дол августалъул къоял кинаб асаргун ракIалде щолел нужеда?
— Къого соналъ цебе гуреб, гьеб кинабго сон-церекъад букIараб гIадин ккола. Гьаб жакъаги, нагагь гьединаб къо бачIани, бокьараб лахIзаталъ тушманасдаса ватIан цIунизе къва­тIире рахъунел гIолохъаби руго ни­лъер. Доб мехалда кколаан гьединал гIолохъаби цере рукIаниги, гьанже ратиларилан. Амма къого соналъ цебе ополчениялъул кьеразулъе ра­чIу­нел гIолохъаби рихьидал, нижер пикру хисана.
Чарамул ракI бугел васал руго ни­лъер ракьалда, гьеб буго жакъаги ниж божараб пикру.