Маданияталъги гьукъила такъсир

 

«Дир ВатIан — Россия!» абураб агитпрограммаялъул фестивалалъул гала-концерт букIана 19 сентябралда ГIалимпаша Салаватовасул цIаралда бугеб ЛъарагIазул театралда. Гьеб гIуцIун букIана Дагъистаналда ругел Россиялъул халкъазул гIадатазулги маданияталъулги кIалгIабазда терроризмалде данде гьабулеб хIалтIи бихьизабизелъун.

ХIасилал гьарулеб фестивалалде цебе гьелъул лъабго этап тIобитIана Дагъистаналъул ункъабго территориалияб округалда ругел муниципалиял районазда. Гьениса жюриялъ тIаса рищарал церерахъиналгун  гала-концерталда гIахьаллъана республикаялъул  районалдаса ва  шагьараздаса 21 коллектив. Берцинал декорациялгун, лъикIаб театралиб реквизитгун сценаялде рахъана музыкалиял, театралиял ва кьурдул коллективал.

Дагъистаналъул мустахIикъай артистка Жавгьарат ХIасан­хIу­се­новалъ, цIакъ асар гьабулеб хIа­лалъ цIалана, терроризмалда дандечIараб жиндирго кечI, Каз­бек районалъул халкъияб театралъул церерахъин букIана Фазу ГIалиевалъул «Кинидахъ кечI» асарги кьочIое босун хIадурараб. Къокъго абуни, ва­тIан цIуни, ватIанбокьиялда хурхараб лъикIаб хIадурлъигун гала-концерталда гIахьаллъана Хунзахъ, ЧIарада, Унсоколо ва Гумбет районазулги гьунарчагIи.

Фестивалалда кIалъаялгун це­рерахъана Дагъистаналъул культураялъул министралъул заместитель, Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор Марита Мугадова, Дагъистаналъул МВДялдаса, информациялъул ва жамгIиял бухьеназул отделалъул начальникасул заместитель Руслан Мамацаев. Гьез гIатIидго бицана тадбир тIобитIиялъул мурадалъул, терроралъул бугеб заралалъул ва хIинкъиялъул, культураялъул бутIаялдаги гьелда данде кIвар кьун гьабизе кколеб хIалтIиялъул хIакъалъулъ.

Фестивалалда гIахьаллъарал киназего концерталъул ахиралда кьуна Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъул дипломал.

«Дир ВатIан — Россия!» абураб фестивалалда гIахьаллъаразул ва балагьизе рачIаразул цIикIкIарасел рукIана гIолилал.

МухIамад Дудуев