Аралъул хIасил, бачIунелъул хIисаб   (3 сентябрь — терроризмалде данде киналго цолъун къеркьеялъул къо)

 

    Сентябрь буго цIакъ гьава-бакъ рекъа­раб, тIабигIаталъул берцинлъиялъ кинаб­го сипат загьир гьабулеб моцI. Гьелъул тIоцебесеб къоги ккола лъимал тIоцере шко­ лалде тIоритIулеб байрам. Гьедин буго гIе­ мерисезе, амма… Эбелалъул хьулазул, лъима- дул гьимиялъул, гьез тIолеб магIугун биялъул пикру, жидеца рещтIинабулеб балагьалъул махIниги ургъел гьечIезе гьеб байрамгицин буго вахIшиял жидерго ишал тIураялъе бугеб цоги сабаб.

   2004 соналъул 1 сентябралда, Лъаялъул къоялда, Северияб Осетиялъул Беслан шагьаралда террористаз ккуна 1000 цIалдохъан цIалулеб школа. Хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз 3 сентябралда тIоритIарал тадбиразул хIасилазда эркен гьабуна школа, амма гьелъул багьа букIана цIакъго тIадегIанаб – гьеб къоялда камуна 333 чи…

   Гьеб пашманаб лъугьа-бахъиналда бан 2005 соналда 3 сентябрь чIезабуна Терроризмалда данде къеркъеялъул мурадалда киналго цолъараб къолъун.

    Советияб заманалда цIакъго къанагIат ра­гIулел рукIарал «терроризм» ва «экстремизм» абурал раг1аби лъугьана кIудияб пачалихъалъул кьучI жагъаллъизе байбихьарал 80-абилел ва 90-абилел соназда. ТIоцересел терактал Дагъистаналда ккана 1996 соналда, Гъизляралда ва Каспийскиялда. Гьелдаса хадуб чан гьел рукIарал нилъер республикаялда, чан нухалъ тIоритIарал хасал операциял, чан чи чIварав, лъукъарав, кигIан магIугун би тIураб…

   Мадугьалихъ бугеб Чачан Республикаялда ккарал лъугьа-бахъиназдаги дагъистаниял гIезегIан гIахьаллъана, рикIкIадаб Сириялъул авлахъаздаги нилъер г1олохъабазда батана пашманаб къисмат.

 

    Жакъа нижергун гара-чIвари гьа­бизе разилъана 30 соналъ Советияб Армиялда (ВДВ) хъулухъ гьабурав кадетазул корпусалъул полковник, 49 орден-медалалъул кавалер, меду­ниверситеталъул культурияб цен­тралъул секторалъул заведующий, Дагъистаналъул халкъияв артист, Гъуниб районалъул Сугъралъ ро­сулъа ГIабдула ПатагIалиев.

 

— ГIабдула, мунагьал чураяв дур эмен ГIали (майор, «СССРалъул мустахIикъав чекист», Ленинил орденалъул ва гIемерал цогидал шапакъатазул кавалер вукIана Хьаргаби, Хунзахъ, Гъуниб районазул, Буйнакск шагьаралъул милициялъул начальниклъун), 35 соналъ хIалтIана жанисел ишазул органазда. Дуцаго 30 соналъ хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда. Абизе бегьулищ гьел ругин нужеца ВатIаналъе кьурал соналин абун?

 

   — Кутакалда лъикI бегьула. Гьеб буго нижее бокьун тIаса бищараб нух. ВатIан, халкъалъул парахалъи цIуни нижеца рикIкIунаан тIадаб налъилъун. Инсуца абулаан хIакъикъияв бихьинчияс армиялда хъулухъги гьабизе кколин, гьесулъ кидаго букIинеги кколин ВатIаналде рокьи ва къо ккедал гьеб цIунизе гъира. Гьес бачунаан цIумалъул мисал. Абулаан гьеб бугин киданиги нахъе къалареб, къуркьи гьечIеб, жиндилъ бахIарчилъи бессараб, чIаго бугебгIан заманалда жиндирго бусенги тIанчIиги кигIан къуватавги тушманасдаса цIунизе хIадурараб рухIчIаголъиян. Бихьинчиясе якъинаб мисаллъун рикIкIунаан инсуца цIум.

— Абула гьаб заманалда «ватIан», «патриотизм» абурал рагIабаз гIолохъанаб гIелалъе цIикIкIараб асар гьабуларин абун. Гьезда гьоркьов вугев чи хIисабалда, дур кинаб пикру бугеб гьеб рахъалъ?

   — Дагьал церегIан соназдаги дир букIана гьеб рахъалъ щаклъи. Нижер университеталда вуго 5500-гIанасев студент, гьелгун дандчIвалел батIи-батIиял данделъабазда ва дун гIахьаллъулел гIемерал тадбиразул хIисаб гьабидал, бихьулеб буго гьеб хIал дагьдагьккун хисулеб букIин. Квеш ккараб жо буго нилъер пачалихъалда ритIухълъи, киназего бащадаб куцалда хIалтIулеб законалъул къуват гIоларого, ришватчилъи, коррупция тIегьалеб букIин. Гьеб гIемер лъикI лъала гIолохъанаб гIелалдаги. Нилъер гIадамазул рукIа-рахъин дагьаб лъикIлъани, закон хIалтIиялъул низам борхани, хIакъаб жо, цIикIкIине буго гIадамазул гъираги, букIине буго патриотизмги, дагьлъизе буго пачалихъалъул гIуцIиялдаса рази гьечIезул къадарги.

 

— Армиялда хъулухъ гьабулаго захIматал ахIвал-хIалазде гIемер кканищ?

   — Афгъанистаналда гIемер ккана гьединал лъугьа-бахъинал. Лъабго нухалда лъукъана. 984 нухалъ кIанцIана парашютгун, 5500 метралъул борхалъудаса кIанцIиги бигьаяб масъала гуро. Дир хIисабалда, хIинкъуларев чи вукIунаро, амма аслияб жо буго гьеб квегъизе кIвей.

— 2004 соналда Хасавюрталда букIараб иргадулаб хасаб операциялда чIвана дур яцалъул вас Шамил, СОБРалъул капитан. Гьеб хIужжаялъ хисизабунищ гIумруялде бугеб бербалагьи?

   — Гьелъ тIамуна гIемераб жоял­да тIад ургъизе, хIисаб гьабизе. БотIролъа нахъего унароан сунде гIоло чIвалел ругел цIа гIадинал нилъер гIолохъаби, щай пачалихъалъ лъугIизаруларел гьал терро­ристалин абурал пикраби. Бокьани кIолелъул гьеб, ругелъул гьелъие ха­ сал хъулухъалги, хIажатаб сурсатги. Амма доб, Ельцинил заманалда гьеб лъиениги хIажат букIинчIо, инсанасул гIумруялъулги кинабгIаги къимат букIинчIо.

 

— 2013 соналъул 21 августалда цо вугев дур вас ХIажи ана Сириялде, 2016 соналъул 15 августалда чIвана дова…

 

    — ЧIвана киналго дир хьулалги… Дове гьев иналъе киналгIаги гIаламатал гьечIеб заманалдаго цо щибниги захIматаб, пашманаб лъугьине бегьиялъул асар букIана дир, амма киданиги ккун букIинчIо гьеб гьадинаб хIакъикъаталде сверилин абун. Доб мехалъ досул вукIана лъагIел барав вас, ГIабдурахIман. Дов ун лъабго моцIидаса васгун дое ана хъизанги, доба гьабуна жеги кIиго лъимерги.

 

— Дуца дуего гIемер кьун батила «щай» абураб суал. Щай арав, щиб гIиллаялдалъун, кибдай ва сундулъдай дир гIайиб ккана ва гь. ц. Жаваб батизе кIванищ?

   — КигIан гIемер суалал кьуниги, кигIан гIемер ургъаниги кIвечIо жаваб батизе. Щиб-кин абунги, эмен хIисабалда, дидаги гIайиб букIинарищха. Дун вукIана гьанив хIалтIулев, дов цIалана гьанив. ВукIана дир беразда цеве.

     Гьедин бугониги, дунгоги гIезегIан дунял бихьарав, гIадамазда гьоркьов вугев чи вугониги, дида кинго вичIчIизе кIун гьечIо дирго вас, лъазе кIун гьечIо гьев дове ине хIадурулев вукIиналъул гIаламатал. Васасул кутакалда махщел букIун буго кинабго бахчизе.

   ХIажица лъугIизабуна цIали, лъугIизабуна интернатура, щвана хи­рургасул махщел, кьуна Москваял­де, ординатуралде документал ва сентябралда ине вукIана гьениве цIализе. Документал кьезе иналде­ го байбихьана квартира къачIазе, гьесда лъикI лъалаан компьюте­рал ва гьел къачIан щолаан хъизам хьихьизе гIураб гIарац. Москваял­да гьесда дандчIван вуго гьанив цадахъ цIалулев вукIарав гьудул.

    Гьевги вукIана цIализеги лъикIав, гьунар бугев хирург. Москваялда цIалулаго вацгIалас гьев вачун вуго Сириялде ва дова ИГИЛалъ (Россиялда гьукъараб гIуцIи) тIамун вуго сахлъи цIуниялъул министрлъун. ХIажи вачIана гIебеде, лъугIизабуна ремонт, хьвадулаан шагьаралъул цо больницаялде дежурствабазде ва гьев Сириялде ун рагIулин абун вукIунаан тамашалъун, гьелдаса рази гьечIого. Сириялде ине хIадурулев чиясул гьединаб рагъа-рачари кинха бичIчIилеб? Гьеб заманалда гьесулги дов гьудуласулги интернеталдасан букIун буго бу­ хьен, жив вугин гьадинаб хъулухъалда, дуеги букIине бугин лъикIаб хIалтIи, харж, машина абун ХIажи ахIулев вукIун дове. Цо сордоялъ ана ХIажи дежурствоялде, вачIине кколаан радал, вачIинчIо. КIалъана, кьечIо жаваб, телефон хIалтIичIо тIубараб къоялъ. ГIодулаго къаси рокъое ячIана гьесул хъизан, жив Сириялда вугин абун доваса кIалъан вачIанинги абун…

 

— Рехун тун ВатIангун, эбел-эменгун ва гIага-божаралгун щиб балагьизе гIолохъанчи ине кколев Сириялде?

    — Гьеб суал дица кьуна досие. ТIоцебе букIинчIо чIванкъотIараб жо, амма лъабго моцIидасан жинцаго гьарана жив нахъе вачине тIалаб гьабейин. Гьес абуна гукка­нин жив, гьез бицунеб букIарабги гьаниб бугеб хIакъикъатги тIубанго батIияб бугин. Жидее рагIи кьун букIанин эркенаб гIумруги, «месе­дил мугIрулги», лъикIаб хIалтIигун машинаги чIезабизе. Гьеб кинабго батичIин гьаниб. Гьеб суалалда тIад хIалтIулев вукIана дун, щвана нилъ­ ер хасал идарабазде, гьенибги рагIи кьун букIана квербакъизе, амма доба хIалуцана ахIвал-хIал, суалги хутIана тIубачIого. Дове ун лъабго лъагIалидасан, Ракка шагьаралъул госпиталалда тохтурлъун хIалтIулев вукIарав ХIажи, цоги анцI-анцI ракълилал гIадамалго гIадин ккана Америкаялъул самолетазул бомба­ базда гъоркье ва гьениб батана хвел.

 

— Вас дове аралдаса ана 8 лъагIел. Дуда бичIчIизе кIванищ гьев иналъул (гьевго гIадин цогидалги) гIилла-магIна?

 

    — КигIан ургъаниги, лъица щиб бицаниги, дида гьеб бичIчIизе кIвечIо, киданиги бичIчIизеги батиларо. ВатIаналдаса (эбел-эмен, росу-ракь) хирияб жо щибго гьечIо инсанасе, ярагъ кодобе босизе ккола гьелда данде вагъизе гуреб, цохIо гьеб цIуниялъул мурадалда. Мисалалъе дир вас. Щиб букIараб гьесие камураб жо, лъица гьев толарого вукIарав?

 

— МоцIалъ цеве доваса гIебеде нужеда вачине кIун вуго ХIажил вас Г1абдурахIман. Лъица квербакъараб ва кинабдай букIина дора хутIаразул къисмат?

 

 — ГIебеде вачиналъул суал гIезегIан захIмалъана — кагътал хъвазе ккана Путинихъе гIунтIун. Ахиркъадги гьев ккана Россиялъ дораса рачарал лъималазул (23 вас ва яс) къокъаялда гьоркьове. Гьелъие квербакъана гIемераз, кумек гьабуна гIага-божараз, баркала буго лъимал цIуниялъул рахъалъ ДРялъул уполномоченнияй Марина Ежовалъе. КIиабилев васги кIвана курдазул лагералдаса нахъе вачине, гьабсагIаталда гьев вуго Дамаскалда, приюталда, хьул буго гIагараб заманалда гьевги кIвелин гIебеде вачине абураб. Дагьаб захIматаб масъала буго курдазул лагералда ругел ХIажил хъизан ва лъабабилеб лъимер гIебеде рачин. Гьелъие Путинихъе хъвазе буго хасаб кагъат, кIудияб хьулги буго тIубалин гьес нижер гьари абураб.

 

— Ахираб заманалда Афгъанистаналда кколел ругел лъугьа-бахъиназул нилъер улкаялъе хIинкъи бугин кколищ дуда?

 

    — Гъозда кутакалда лъала берци­наб хабар бицине, амма дун божуларо талибазда. Гъобаса буго кIудияб хIинкъи, кисанго гъоре ракIаризе руго нусго батIияб тайпаялъул террористал, гьел чIоларо берцинаб хIалалда, гьезие гIоларо Афгъанистан, дагь-дагьккун гьел къеркьезе руго нилъер улкаялде щвезеги. Доб мехалъ Сириялде гIадин гIемер нилъерал гъоре инаро, ахIвал-хIал батIияб бугелъул, амма ине бокьа­ралги камиларо. Дир пикруялда, махх гIадин гIорхъабиги къан Афгъанистан тезе ккола жибго жидеего (рукIа абе экономикиял бухьенал), щиб гьабунги нилъ лъугьине бегьуларо гьенире, гьезул багъа-бачариялда гьоркьоре.

 

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ