«Илбисалда» данде вакцина

 

      28 маялда Россиялъул тарихалъул музеялда тIобитIана информациялдалъун терроризмалда дандечIей кин гьабилебали бицараб гIелмиябгун практикияб конференция.

Гьеб тIобитIана ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ.

 

«ГЬАНЖЕ ТЕРРОР ШКОЛАЗДЕГИ ЩУН БУГО»

 

        «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовасул рагIабазда рекъон, цере террористазда гьоркьор гIемерисел рукIунаан 18- 35 соназде рахарал гIолилал. Гьанже абуни гьезда гъорлъ школлъималгицин ратулел руго.

      РакI гъанцIизабулеб гьеб пиша школаздеги щун буго. Гьединлъидал республикаялда терроризмалда тIад бергьенлъи босулеб бугин, гIодоре риччан чIей мекъаблъун рикIкIана М. МухIамадовас.

      Гьединабго пикру загьир гьабуна журналист ва политикиял гIелмабазул кандидат Ханжан Къурбановасги.

     «Цере гIолохъабазул бутIрул сверизарулаан мажгитазде, балъгоял квартирабазде ракIарулел гIадамаз. Гьанже гьеб хIалтIи социалиял сетаздасан гьабулеб буго.

       Терроралда дандечIей гьабизелъун гIуцIараб комиссиялда хIалтIулаго дида халлъана гьадинаб жо: батIи-батIиял идарабаздаса экстремизмалъул заралалъул бицараб хIатталдаса ун гIемераб материал бачIунаан нижехъе. Амма жалго гьел пособиязул, тIахьазул, макъалабазул авторал ратулаан тIубанго гьеб суалалдасаги халкъалдасаги рикIкIадал чагIи. ТIадежоялъе, гIемераб гIарацги харж гьабун, замазаманалдасан тIоритIулаан «гургинал столалги».

     Терроризмалъул хIинкъи дагьлъаралдаса щугониги сон буго. Амма дица гьанир рехсарал хIужжаби сабаблъун гуро гьеб хиса-баси ккараб.

      Гьеб ккола 2014 соналдаса байбихьун гIадлу-низам чIезабулел идарабаз гьеб рахъалъ тIобитIараб хIалтIул хIасил.

    Гьединго гIезегIан чагIи Сириялдеги ана. Диниял идарабазги бахъана кIвараб хIаракат», — ан бицана Х. Къурбановас.

     Гьесул рагIабазда рекъон, къваригIун букIана исламги хIалае ккун, цо-цо чагIаз бутIрул сверизарурал гIадамал кантIизаризе, гьезулъа «илбис» бачахъизе. Жакъа модаялда бугеб рагIиялдалъун абуни, гьелда данде вакцина хIажат букIана. Гьеб вакциналъун лъугьана Къуръаналъул аятал, гьезул хIакъикъияб магIна гьабизе бажари. Гьедин гIадамазда дагь-дагьккун бичIчIана жал мекъаб нухдасан инехъин рукIин.

     Динги хIалае ккун гьарулел рукIарал гIорхъолъа рорчIарал пишабазе нух къазехъин бугин ккараб мехалда, ракIалдаго гьечIого бачIунеб буго цойги балагь. Школлъималазда гьоркьор раккулел руго цадахъ цIалулелги, учительзабиги, мадугьалзабиги чIвазе хIадурарал цIалдохъаби. Гьебги рикIкIине бегьула экстремизмалъул къагIидабазул цояблъун. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула дагьал церегIан къоязда Шамилхъалаялда ккараб хIужжа – гьений жийго жинцаго гъанкъун ятана 7 классалъул цIалдохъан.

      Гьелъул тетрадалда ратана учитель кварида валин, завуч чIвалин гьарурал хъвай-хъвагIаялги Япониялъул мультикалдаса ясалъул сураталги. ГьабсагIаталда я психологазда, яги социологазда гьелъие къимат кьезе бажарулеб гьечIин абуна Ханжан Къурбановас.

     «Гьединлъидал гьединаб ахIвалхIалалъе хIукму нилъецаго къотIизе ккола. Масала, коронавирусалъул заманалда республикаялда холел рукIанщинал гIадамал лъала нилъеда. Гьеб мехалда хIажат букIана, щиб гьабунги, хъата-масан гIадамал хвасар гьаризе. Гьебго ахIвал-хIал буго гьанже школаздаги. Нилъеего къваригIун буго экстремизмалда данде нилъерго вакцина. Гурони, гIолилал камизе руго нилъее», — ян кIалъана Х. Къурбанов.

 

ИДЕОЛОГИЯ: ДИНИЯБИЩ, СВЕТИЯБИЩ?

      Республикаялъул 1700 школалда хIалтIулев 45 азарго учителасда цебе къойилго цIалула 400 азарго лъимер. Амма гьезул хIалтIи рагIа-ракьанде щвараб гьечIин, гьелъие цо-цо гIиллабиги ругин абуна социолог Загьид ГIабдулагъатовас.

      Гьес тIоритIарал социологиял цIех-рехаз бихьизабухъе, учительзабазул 90 проценталъ рикIкIунеб буго жидедехун пачалихъалъул бербалагьи лъикIаб гьечIин. Гьединго гьез жаваб кьун буго, эбел-инсуца гурони, жидеца лъималазе тарбия кьезе кколариланги. Социологасул рагIабазда рекъон, жеги цойиде бачIун гьечIо идеологиялъул суалги – динияб идеологияйищ, светиябищ лъималазе хIажат бугебин абураб.

     «Лъималазе асар гьабулеб гьечIо нуж Сириялде ине бегьуларин, нужее улбул рокьизе кколин гьарулел малъа-хъваяз. Гьезул пикрабазе асар гьабуледухъ гIуцIизе ккола нилъеца хIалтIи», — ян бицана З. ГIабдулагъатовас.

     2019 соналда школазда гьес гьарурал цогидал гьикъа-бакъиязул хIасилалги гьадинал руго. Масала, цIалдохъабазул 14, 5 ва учительзаба- зул 9 проценталъ жаваб кьуна РФялда гьукъараб терроралъул гIуцIиялда – ИГИЛалда – гъорлъ дагъистаниял рукIин битIун бугилан. Гьеб кутакалда рахIат хвезабулеб хIужжалъун рикIкIана ГIабдулагъатовас. Гьединго лъимал лъил мисалалдалъун куцазе кколелин абураб суалалъе гьез жаваб кьун буго КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул мисалалдаян. КIиабилеб бакIалда вуго имам Шамил, лъабабилеб бакIалда — советиял фильмазул героял.

        Амма гIицIго насраниязул диналъул хIакъалъулъ бицунеб СПАС телеканалалъ гурони советиял фильмал рихьизаруларин, экстремизмалда дандечIеялъе квербакъулел цо-цо предметалги школазда дагьлъизарун яги тIубанго кьолел гьечIин бицана социологас. Масала, КТНД.

       Гьединго З. ГIабдулагъатовас абуна пачалихъиял идарабаз кIвар буссинабизе ккелин гьадинал хIужжабаздеги.

      Светиялдасаги динияб лъай щвей лъикIаблъун бихьулеб буго цIалдохъабазул цо къадаралда. Гьезул 4,5 проценталъе гурони бокьун гьечIо жал жидерго учительзабазда релълъараллъун рукIине, 20 проценталдаса цо дагьалъ цIикIкIараб къадаралъе гурони бокьун гьечIо эбел-инсуда релълъараллъун лъугьине. Полициялда божилъиги гьечIо цIалдохъабазул 55 проценталъул. Учительзабазул цIакъго мукъсанаб къадаралъ гурони рикIкIунеб гьечIо лъимал патриоталлъун куцазе кколин.

       Гьединалго цIех-рехал тIоритIун ругоан республикаялъул беццазул библиотекаялъул директор ХIажи Малучиевасги.

        Масала, Россиялда гьарулел терактазда нахъа щал ругелин абураб суалалъе кьурал жавабал гьадинал руго: РФялъул гIорхъи бахун къватIир ругел радикалиял исламиял къокъаби (28, 2 процент), РФялда жанир ругел гьединалго къокъаби (16, 4), Америкаялъул хасал хъулухъал (7, 2), Россиялъул хасал хъулухъал (7, 0) ва гь. ц.

     КТОял тIоритIулеб мехалда боевикал тIагIинаризе кколин рикIкIунеб буго гIадамазул 43 проценталъ. Жанирги тIамун, суд гьабизе кколин абулеб буго 57 проценталъ.

 

МЕКЪИ ККАРАЗУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ КИНО

        Нугъай районалдаса Сириялде рагъизе арал ракьцоязул лъалкI цIехолаго, «Голос степи» газеталъул бетIерай редактор Эльмира Кожаевалъги гьелъул хIалтIухъабазги кIиго соналда жаниб данде гьабуна «Обманутые-2» абураб документалияб фильм бахъизе гIураб материал. Гьебги бихьизабуна конференциялъул байбихьуда.

     Кожаевалъ конференциялда бицана фильм бахъулелъул жал дандчIванила гIезегIан гIадамалгун, щванила кIиго батIияб пачалихъалде.

    ГIисинлъималгун цадахъ 2017 соналдаса нахъе жакъалъизегIан ал-Хол лагералда руго нилъер улкаялдаса руччаби. БитIараб буго, гьел мекъаб нухдасан ана. Амма гьабсагIаталда гьел улбул гьениса нахъе риччалел ратичIони, гьезул лъималниги ватIаналде рачиналъе хIалтIи гьабизе ккола.       Гьелъие гIоло бахъана нижеца гьаб фильмги. Нижер Нугъай районалдаса чанго хъизанги буго гьеб лагералда.

       Нижеца гьеб бихьизабуна районалъул гIадамазда, школлъималазда. Гьелдехун лъилниги тIаса-масагояб бербалагьиги бихьичIо.

        КватIичIого (ковидалъул хIинкъи дагьлъидал) Анкараялда тIобитIизе буго фильмалъул презентация. ГьанжегIагар гьеб буссинабуна турк мацIалдеги.

      Гьединго рагъулал конфликтал ругел бакъбаккул рахъалъул улкабазда (Иран, Ливия, Сирия) бихьизабизелъун фильм гIараб мацIалде буссинабизеги хIукму ккана», — ян бицана Э. Кожаевалъ.

Зульфия ХIажиева