Гьереси тIатараб мехалда…

Щивав чиясе гIадатаб ва ругьунаб ишлъун ккола хъизам-лъималазе гIоло хIалтIи, гьезул тIалаб-агъаз гьаби. Амма сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялъул магIна бичIчIулареб захIматаб заманалда рес буго бокьарав чи, хасго жеги михъида хIур хъвачIев гIолохъанчи, вихха-хочун лъугьине. Гьеле гьединал гIолилал ккола, диниялгун жамгIиял ишазул рахъалъ тIадегIанал мурадазул бицун, жидер аслияб гIилла балъго толел къокъабазул вакилзабаз гъураб къорикье. Ахир-къадги гьединал гIолилал лъугьуна магIна гьечIеб кьвагьа-гIанхъиялъул яги рагъул къурбаналлъун.

 

Гьединаб нух мекъаб букIин бичIчIизе ккани, хIажалъула гIакълуги гIумрудул хIалбихьиги. Гьересияб идеологиялъул «хIакъикъияб багьа» кватIун бичIчIана ЦIунтIа районалъул ХIамайкьахъ росулъа Арсен Къадировасдаги. Гьеб багьалъун лъугьана гIолохъанаб гIумрудул чанги сон туснахъалда байги, эбел-инсудасагун хъизамалдаса рикIкIада вукIинги, жинда вихьилалде гIун вачIарав васги. Террористазе квербакъи-кумек гьабиялъухъ Арсен туснахъалде витIана ва анлъгогIан соналъ гьенив вукIана.

 

Туснахъалде нух байбихьана гьадинаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб: «ХIамайкьахъ росдада гIагарлъухъ цIул бакIарулев вукIана дун. Тохлъукьего дир мугъзалъ речIчIана чIимих. Нахъехун валагьана – вуго цо чи диде гIагарлъулев. Гьев ватана дир цинагIал. Дагьалъ цеве гьев ун вукIана «рохьилазухъе». Гьес дихъа чед гьарана. Кинха кьечIого телеб? Кьуна. Гьелдаса нахъе балъго баччулаан рохьилазухъе квен», — ан ракIалде щвезабуна Арсеница.

 

Доб заманалда Арсенил букIана 19 сон. Гьес ячун йикIана лъади. «Дида бичIчIулаан, законалда рекъонкколареб иш гьабулеб бугеблъи. Амма дунго дидаго вихьулаан бахIарчилъун, лъикIаб иш гьабулев чилъун. Хадуб ккезе бегьулеб жоялъул пикруялде рачIунареб гIуж! ГIакълуялъухъ гIенеккулареб мех! ГIолохъанлъиялъ гьалаглъарав дунги», — ян бицана Къадировас.

 

Наккдалъ бахчун варани тIубаларелъул, тIатана Арсенил балъгояб хIаракатги. Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз ккуна гьев ва букIана суд. Судалъ хIукму гьабуна щуго лъагIелгун ункъо моцIалъ туснахъ гьавизе. ВитIана Татарстаналда бугеб кьварараб низамалъул колониялде.

 

Гьеб захIматаб заманалда гьесда аскIоб хутIана гIицIго хъизам: эбел-эмен, лъади. Туснахъалда кIиго моцI бараб мехалда гьавуна гьесие вас. Арсение гьеб хабаралъ къуват кьуна туснахъалъул гIазаб хIехьезе. Колониялда гьев ругьунлъана автослесарасул махщалие.

 

Гъоркьиса декабралда Арсен тIадвуссана туснахъалдаса. ТIоцебесеб нухалда вихьана жиндир анлъго сон балев васги. «Бокьун буго васасе тарбия кьезе, жеги лъимал гьаризе. Бокьун буго хIалтIизе ва эбел-инсуегун вацазе кумек гьабизе. Амма районалда, росулъ хIалтIи гьечIо. Район тун ине ресги гьечIо жеги. ЛъагIалидасан ракIалда буго МахIачхъалаялде ине – автослесарлъун яги ралал бакIазда хIалтIизе. ГьабсагIаталда рукъалъул магIишаталда вуго», — ян бицана Арсеница.

 

Гьесул буго 26 сон. Мекъаб нухде тIокIалъ ккеларин абулеб буго гьес. Чидар гIакълуялда рекъон гIумру гьабуни, инсан кколеб бакI бихьун бугелъулха. «Нужерго эбел-инсуца малъараб гьабе, гьезие кумекалъе рахъун чIа. ГIенеккуге батIи-батIиял дагIватчагIазул харбазухъ – гъазаватилан абун, берцинал маргьабиги рицун, махсараде ккола гьез. Гьеб буго гьереси – гулбузда цере лъезе къурбанал ралагьиялъул мурадалда гьабулеб вагIза. Цогидазул гъалатIаздаса гIакъилго пайда босе, нужецаго гьаруге гьел», — ан малъулеб буго Арсеница гIолилазда.

 

ЦIунтIа районалда гIемер рукIана, Арсен Къадиров гIадин, гьетIа-кIичIараб сухъмахъ тIаса бищарал гIолилал. Херав Муса Сиражудиновас абулеб буго, бищунго хIалуцараб заманлъун букIанила 2010-2015 сонал: «ГIемерал гIолилал ана Сириялде, дагьал ккечIо терактал гIуцIаразул кьеразулъеги. Масала, жеги ракIалда ватила Гъизляралда живго жинцаго кьвагьарав нижер росуцояв. Гьесулго кIиго вац чIвана хасал операциязда. ХутIарал рикь-рикьана ва рахъ-рахъалде ана. Гьедин биххана кIудияб хъизам.

 

Гьеб балагьаб идеологиялде гIолилал ругьунлъана Интернеталдасан. Цоясе гьеб гьуинлъана ва гьес цогидалги гъорлъе цIана – гьедин тIибитIана киса-кибего. Гьайгьай, социалияб рахъалъ ругел масъалабазги квербакъана гьелъие: гIолилазе хIалтIи щоларо, сунде машгъуллъилелали лъаларого хутIула. Шукру Аллагьасе, ахирал соназда кьвагьи къотIана, тIоритIулел гьечIо хасал операциялги. ГIадамалги сабруялда руго, хIинкъи дагьлъана. ГIолилалги гIакъиллъун руго – тIекъал пикрабазда хадур унаро гьел гьанже», — ян бицана гьес.

 

ЦIунтIа районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель ГIумар МухIамадовас гьадинаб баян кьуна: «Районалда ахIвал-хIал лъикIлъана, муниципалитеталъул терроралде данде къеркьолеб комиссиялъулги гIолилазул ишазул рахъалъ комитеталъулги цадахъаб хIаракаталъул хIасилалда. Гьезие кумекалъе ратула туснахъалдаса тIадруссарал гIолилалги. Цебеккун цIакъ хашго гIуцIун букIана гьединаб бичIчIикьеялъул хIалтIи. Гьединлъидал батила, араб гIасруялъул 90-абилел соназда гьарурал гIолилазда гьоркьов къанагIат гурони ватуларо терроризмалъул статьяялда рекъон туснахъалде ккечIого хутIарав яги теракталда чIвачIого ворчIарав. ГIолилазе кIудияб асар гьабула туснахъалдаса тIадруссарал гIолилазул мисалалъ».

 

Сураталда: Арсен Къадиров (квараниса) ва ГIумар МухIамадов, росдал администрациялъул бетIерасул заместитель (суратал авторасул)

 

ГIабдула Сулейманов