Заназда цIализе цIарал гурони, ЦIар ахIизе гьечIехъ унтула керен

— ГIумру, лахIзаталъ лъалхъе!
— Дир заман гьечIо. Киназулго гьари тIубазе кIоларо.
— Щай?
— Дуда рагIичIебищ гьаб хабар?
— Кинаб?
— Цоги лъикIав инсанас тана дуниял. Камуна гьесул гьимиги, сабруги, гIакълуги сверухъ ругезе. Диеги бокьун буго гьесухъ угьдизе. Те дун цодагьалъги дирго пикрабазда. Бокьун буго цоги, ахирисеб нухалда гьесул хIакъалъулъ гIадамазе бицине.

 

Диргун къо-лъикIги гьабун, ахирисеб сапаралде ана пагьму-гьунар бугев шагIир МухIамад ПатахIов. Гьев лъикI лъалаан магIарулазда гуревги. АскIор хIалтIулезда гьоркьоб гьесул букIараб къадруялъеги захIмалъун буго гьев ками. Гьебги гIодилеб буго дидаго цадахъ. Кидаялиго адабияталъул дунялалда гьелчелеб букIараб гьесул гIагараб Хунзахъ районги пашманго буго. Гьелъул адабияталъул гъотIол цоги гIаркьел бекана, додигIан, магIарул адабиятилан цIар бугеб шагIирзаби-хъвадарухъабаздалъун бечедаб улка бесдаллъулеб буго дагь-дагьккун.
МухIамадица ахIулеб бугин кколеб буго:
— Гуро, киданиги къине гьечIо магIарухъ адабияталъул ицц. ШагIирзаби-хъвадарухъаби холаро, гIицIго рухI уна гьезул, гьаб дунялги тун. Гьезул гьаракьалъе къин гьечIо. Абадияб дунялалде шагIирасдаго цадахъ унаро гьесул къалмикьа арал асарал. Гьес гьел ракьалдаго тола, гьале живги жиндир гьаракьиланги абун. Гьаниве щолаго, дидаги рагIулеб буго дирго ракьцоял шагIирзабазул шигIрабазул ахIи. Нужеда лъалебаниха, гIагараб росдал ракьул чохьониб дида щолеб бугеб лъикIаб макьу. Бугониги, гIащикълъун вуго гьениб, ракьалда букIаралъухъ. Цоги нухалда рикIкIинищ нужее дирго кечI. Лъала нужги, ракьалда тарал, дихъги урхъун ратулеллъи. Гьале гьадинаб букIана дир гIумру гьабулеб къагIида. Гьелъие къимат ракьалда тараз кьезе батила:

— Ракьалъ реэдаралъ жахIда бижичIо,
Бичас тIокI гьарурахъ урхъи гIорцIичIо,
РухIдаллъи гурони, хIалхъублъи лъачIо —
Лъаларо, лъаларо, лъикIищ гьеб, квешищ?

Рокьи дида лъана, ракIалъ малъараб,
Рикъзи дие гIуна, дида батараб,
Насиб алжанлъана, Аллагьас кьураб —
Лъаларо, лъаларо, лъикIищ гьеб, квешищ?

Гьалеха гьадин, дунялалда гьабуралда щибниги ракI бухIизе жо батичIо МухIамадида. ГIумруялъул гьединаб ахиралда бокьарав чи рухIдаллъизе бегьула унго-унголъунги.
АскIор хIалтIулел рукIанщиназе хирияв, гьезул рекIелгъеялъе гIоло махсара гIемерав, тIекълъиялда рекъоларев, унтиледухъ лъиданиги рагIи абичIев, дунялалъул магIишаталда хадув хапдечIев, цIар-рецц къваригIинчIев, щваралда гIейги гьабун, сабуралда вукIарав, бищунго лъикIал гIадамазул цояв, къисматалъ кьуралда разияв, гьебгун къацандизе ракIалдецин ккечIев – гьеле гьединав вукIана ПатахIов. Гьедин гурищха нилъеца гьесда абулеб букIараб.
— СихIкъотIун гIенеккун йиго дун, гIумруялъулъ бицунеб бугеб гьуинаб къисаялъухъ. Щай гьеб гьуинлъараб? Щайгурелъул гьелъулъ бессун букIана шагIирасул бацIцIадаб, роцIараб гIумру. Жакъа досул гIумруялъ рачунел пашманал сариназул гъасда кIусарай дихъе цIидасанги гьоболлъухъ рачIунел руго шагIирасул шигIраби. Ракьалда бугеб тIекълъи хIехьезе кIвечIев гьев лъутулев вуго лъимерлъиялъул улкаялде, рацIцIалъиялде ва роцIеналде:

— Дунго дидасаго тIурулев вуго,
ТIад вуссун нахъеги лъимерлъиялде,
Ралъдал цIамхIалаб лъим къватIибе пунхъун,
ЦIорораб иццалда урхъун хIохьбазе…

ШагIирасул ахирисеб сапаралъ чIей гьабуна гIагараб Сивухъ росдал рагIалда. Гьеб сапара­лъул ахирги жиб гIадаб берцинаб бугилан щурулеб буго гьесул гIумруялъ.
Хвалил рагIдукье ккечIо шагIирасул гIумру. Гьесул гIумруялъул бакъул чIораз къалъизабуна ахирисеб сапаралде нух.