Аллагьас борцина лагъас тараб лъалкI

…Лъала шагьаралда дий къадар щвани,
Машинаялъ ина дунги росулъе;
Амма росулъа чи къаникь лъолелъул,
КъварилъичIев дова хутIиларо чи.

…РекIел гъварилъуда бегараб рухIел,
БухIараб магIица гьурщула къватIиб.
Анищлъун хутIараб тIокIкIараб рокьи,
Зоноде бикьидал, бигьуна ургъел…