«Меседил мугьал» рищун кьуна магIарулазе

 

ЦIикIкIараб гIелалъул гIадамазда, хасго педагогазда ракIалда вати­ла Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялда авар мацIалъул дар­сал кьолев вукIарав МухIамад ГIабдулаев. Гьев гьавуна 1924 соналда ЦIумада районалъул Лъондода росулъ. Анкьго класс росдал школал­да лъугIизабурав гьев КIванада байбихьул школалде учительлъун хIалтIизе витIана.

 

 

 

Рагъул соназда росулъ 8-9 классал­ги къан, анкьго класс лъугIизабурал гIолилал районалъул росабалъе учительзабилъун хIалтIизе ритIун рукIана.

КIванада росдал школалда хIалтIул хIалбихьи щварав М. ГIабдулаев Лъондоде хIалтIизе вачана, цинги тIамуна Гьигьалъ байбихьул школалъул заведующийлъун, Лъон­дода росдал анкьгосонилаб школалъ­ул директорлъун.

 

Лъимерлъудасаго инвалид вукIана ГIабдулагьил МухIамад. Гьедин бу­гониги, гьев цIализе лъугьана Буй­накскиялъул педагогикияб учили­щеялде. Гьесие бигьаго букIинчIо рорхатал мугIрузда, рикIкIада бугеб районалдаса шагьаралде цIализе ине. Амма сундухъго балагьичIого, 1950 соналда гьес бергьенлъиялда лъугIизабуна Буйнакскиялъул педа­гогикияб училище ва цIализе лъугьа­на Дагъистаналъул учительзабазул институталъул филологияб факуль­теталде. Гьенив лъикI цIалулев М. ГIабдулаевасе щолаан Кировасулаб стипендияги.

ЛъикIал къиматазда институт лъугIизабурав Лъондодаса гIолохъанчи ДАССРалъул Халкъияб лъай кьеялъул министерствоялъ витIана Буйнакски­ялъул руччабазул педагогикияб учи­лищеялде авар мацIалъул преподава­тельлъун хIалтIизе.

 

Гьениб рагьана гьесул творче­скияб бажари буголъи ва гIелмияб пагьму. Гьесухъа бажарана гьенире цIализе лъугьунезул къабул гьари­ялъул экзаменал, районазде ун, гье­нирго росизе рес букIунеб хIалалда, пайдаяб иш гьабизе.

Араб гIасруялъул 50-60-абилел соназда мугIрузул районаздаса ясал дагьал гурони цIализе гьоркьохъел ва тIадегIанал цIалул идарабазде лъугьунел рукIинчIо. Чан нухалъ­дай М. ГIабдулаевас гьарун, цIалун эбел-эмен разилъизарурал жидерго ясал Буйнакскиялъул руччабазул педагогикияб училищеялде цIализе ритIизе.

 

Байбихьуда Буйнакскиялда, хадуб Избербашалда гьев хIалтIараб 25 со­налда жаниб гьеб цIалул идараялъ хIадур гьавуна гьоркьохъеб педаго­гикияб лъаялъул аза-азар учитель.

Педагог хIисабалда М. ГIабдулаев вукIана тIалаб бугев, кьварараб хIалалда хIалтIулев чи. Бицуна­ан, тIехьалде валагьичIого, гьесда рекIехъе лъалаанин диктанталъул текст ва гьедин цIалдохъабаздаги хъвазабулаанин. Зама-заманалдасан педагогас хIадурун, къватIире рич­чалаан учительзабазе ва педучили­щеязул преподавательзабазе цIалул тIахьал.

 

1964 соналда гьес лъугIизабуна В. И. Ленинил цIаралда бугеб Дагъи­станалъул пачалихъияб университе­талъул филологияб факультет.

Филологиял гIелмабазул канди­датал ЗайнулгIабид Къурбановасда ва МухIамад МуртазагIалиевасда цадахъ М. ГIабдулаевас хIадур гьа­буна ва басмаялда бахъана «Авар мацIалъул орфографиялъул сло­варь». Гьев ккола авар школазе къватIире риччарал цIалул тIахьазул авторги. Авар мацIалда тIад хIалтIарал гIалимзаби, мунагьал чу­раял Шигьабудин МикагIиловасда, Якъуб Сулеймановасда, Гульжа­гьан Мадиевалда ва МухIамад МуртазагIалиевасда цадахъ хIалтIун, хIадур гьаруна ва басмаялда рахъана байбихьул школалъул киналго клас­сазул, педагогикиял училищабазул авар мацIалъул учительзабазе куме­калъе цIалул тIахьал, программаби, методикиял пособиял.

 

Школазул ва педагогикиял учи­лищабазул цIалдохъабаз, ДГУ­ялъул Дагъистаналъулал мацIазул отделениялъул студентаз, авар мацIалъул учительзабаз, жидерго рахьдал мацI бокьулез ва цIунулез цIикIкIараб гъираялда къабул гьа­буна ГIабдулаевасул «Меседил му­гьал» тIехьги.

Араб гIасруялъул 70-абилел соназда МухIамад хIалтIана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал школалъул директорасул цIалул рахъалъ заместительлъунги.

 

ГIун бачIунеб гIелалъе гъваридаб лъай ва лъикIаб тарбия кьеялъулъ ро­сарал чIахIиял хIасилазе гIоло 1966 соналда ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указал­далъун М. ГIабдулаевасе кьуна «ДАС­СРалъул школазул мустахIикъав учи­тель» абураб хIурматияб цIар. 1970 соналда мустахIикълъана «Къадруяб захIматалъе гIоло» медалалъе. 1983 соналда РСФСРалъул Верховный Со­веталъул Президиумалъул указалда рекъон, педагогикияб хIалтIулъ ро­сарал бергьенлъабазухъ МухIамадие щвана «РСФСРалъул школазул мустахIикъав учитель» абураб цIарги.

Инсул нухдасанги ун, педагога­сул махщел тIаса бищана МухIамад ГIабдулаевасул ясал ХIабсатица ва ПатIинаца, вас ГIабдулагь ккола ми­наби ралев чи.

 

Тохлъукьегояб хвелалъ ГIабдулаев МухIамад нилъер кьеразулъа ватIа гьавуна, амма нилъгун руго гьес нахъе тарал лъикIал ишал, гьес тарбияги лъайги кьун гIезарурал кIиго-лъабго гIелалъул цIалдохъаби. Гьесул цIар лъун буго Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал цо къватIалдаги.