«Киназдаго рекIеда кIутIун буго МухIамадил хвел»

4 августалда лъабго моцI тIубана БежтIаса МухIамад ГIабдулхIамидов гIумруялдаса ватIалъаралдаса. «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» ма­шинаялъул шоферлъун 20 соналъ хIалтIарав гьесул 62 сон букIана.

 

 

«ГIисибикъинаб жойилан тун

батила инсуцаги гьеб унти»

МухIамадил яс Эмилияца гьа­дин ракIалде щвезабулеб буго эмен ками:

 

— Эмен БежтIаса эхеве МахIачхъалаялде вачIана унтаравги вачун. Амма живгоги цIа-кан бахун вукIана гьев. Гьединлъидал хал-шал гьабизе вачиндал, гьуърузда кIиябго рахъалдаса пневмония батана. Амма больницаялде вачине ккараб жо гьечIин, рокъовго сах гьавуниги бе­гьулин абуна тохтурзабаз. КигIан «Медицинаялъул хехаб кумек» ахIаниги, жал цIакъго захIматго ун­таразухъе гурони унарилан, гьелги рачIинчIо. Гьединлъидал кIвараб- лъараб гьабун, дицаго сах гьавизе байбихьана гьев. Медсестра ккола дунгоги. Тохтуралъ хъвараб рецеп­тги букIана.

 

ИчIабилеб къоялъ инсуе квеш лъугьана — хIухьел дагьлъун, гъан­къулев вукIана гьев. Гьеб мехалда киса-кибего ахIи базе лъугьана дун. ХIалица «Горячая линиялде» ахIун, бачIинабуна «Медицинаялъул хе­хаб кумекги». Радал ичIго тIубайдал ахIараб гьеб, къаси сордо бащалъу­лелъул гурони тIаде щвечIо.

 

Гьедин больницаялде хъамун ана гьев. Амма чанго сагIаталдасан ахIун бачIана эмен къадаралде щва­нилан.

 

 

Гьедин цIаканги бахун, щайдай гьев хIалтIулевгIаги вукIарав? Хасго МахIачхъалаялде щвезегIанги вачIун…

 

— Эбги цо нухалъищ вачIарав? Лъабго-ункъониги рейс гьабуна ин­суца гьедин унтун вукIана. Гьелъул хIакъалъулъ эбелалдецин кIалъан йикIана дун. Жинца чанцIулин гьес­да гьарараб рокъов чIайилан гьелъги абуна. ГIиси-бикъинаб жойилан тун батила инсуцаги гьеб унти. Доб ме­халда кутакалда гIемер чи унтана ни­жер росулъ. БитIун эмен хвараб къо­ялъ дир росги вукIана гьеб унтуца унтун захIматаб хIалалда. ХIалица витIана больницаялда вегизе.

 

БежтIа нижер эбел-инсул мина больницаялда аскIоб буго. Гьедин­лъидал бокьараб мехалда кодове щолев чи вукIиналъ, гIемер витIулев вукIун ватила гьев шагьаралде-на­хъеги.

 

 

-Гьединал захIматал унтарал­гун чанго сагIаталъ рекIун унеб бакIалде витIулеб мехалда жинде­ги бахинин гьеб вирусилан ккола­роандай инсуда?

 

— ТIоцебесеб нухалда гьедин ун­таравги вачун эхеве щведал, дир яцалъул азабаралъув машинаялъув­го кьижун вуго гьев, нужеде унти бахинилан хIинкъун вугин живи­лан. Жалго бетIергьанаб мина буго яцалъул. Гьединлъидал эмен гьенив чIолаан, машина лъезе санагIалъи букIунилан.

 

Нижер хъизаналъе гуребги, цоги­дал чагIазегицин захIмалъун буго гьев хвей. Лъиениги зарал букIинчIо гьесул. Зигара бан инстаграмалда лъураб гьесул сураталъухъ балагьун, кутакалда ракI лъикIав, разияв чия­сул гIадаб гьумер бугин нужер инсу­лин рукIана нижеда киналго.

 

Карантин лъун букIиналъ, ро­сулъе вачине ресги ккечIого, Гъизи­люрталда вукъана гьев, дирго ясалда аскIов. КIиго соналъ цее онкологи­ялъ унтун хвана гьейги.

 

 

-Гъоркь цогидал унтаби ру­гони, вирусалдаса рорчIизе захIмалъулин абулаха. БукIанищ инсул гьединаб гIузру?

 

— Бидул тIадецуй цIикIкIараб букIунаан гьесул. Амма унтидал, гьеб гIодобе ккана. Тохтурзабаз абу­на гьедин букIунин гьебилан.

 

 

«Гьанже гьеб кинабго

багъулеб буго дилъ»

 

МухIамад ккола ДРялъул культу­раялъул мустахIикъай хIалтIухъан Халисат ХIамидовалъул вацги. Гьев гьелдаса анлъго соналъ гьитIинав вукIана. Жеги лъагIел сверун букIун гьечIо гьезул кIудияй яц хIежалда хваралдасаги.

 

 

Гьадин байбихьана Халисатица нижергун гарачIвари:

 

— Дир рекIел тIегьлъун вукIарав вац МухIамадги камун, кутакалда жанисан чIунтун йиго дун. Росдал гIадамалги гьединго ругин аби­зе бегьула. ЦIакъ хирияв вукIана гьев гIадамазе. «Гамидов, ис» абун рукIунаан гьесда. БежтIадерил мацIалда вац абулеб магIна буго гьеб рагIул (ис).

 

Гьев хвараб мехалда МахIачхъалаялда йикIана дун. ТIоцебесеб больницаялда хвана гьев. Гьенибе дихъе ахIичIев чи хутIун ватила­ро, зигара бан. Ахиралда трубка чIегIерлъун бихьулеб букIана дида гьеб къоялъ.

 

 

МухIамад унтараб мехалда гье­сухъе тIаде-гъоркье инеги бегьуларо­го, цIакъ захIмалъун букIана. Гьесул ясазги абуна, дадал яц, мун ракIги унтарай, лъабкъойилъа соналги арай гIадан йигила, гьединлъидал цIуна- къай гьабейилан.

 

Амма гьесул ясаз инсуе кумек гьаричIеб бакI хутIун гьечIоан. Гьараниги щибха, 20 соналъ жив­го хIалтIараб хъулухъалдаса кумек щвечIеб мехалда… Ахирги «Горячая линиялдеги» ахIун гурони бачIинчIо гьезул машина. Амма кватIун бугин гьесие кумек гьабизеян абун буго тохтурас.

 

Гьаб БежтIа больницаялъул кол­лективалда гьоркьоса камурав чи цохIо дир вац вуго. Амма гьав чиги гьадин хванилан абун цохIо цIарниги бахъун гьечIоан гьеб боль­ницаялъе баркала кьун республи­каялъул нухмалъиялдаса рачIарал кагътазда.

 

 

-Халисат, ахирисеб нухалда кида дуда МухIамад вихьарав?

 

— Дун МахIачхъалаялде ахIун йикIана Хатимат МухIамадовалъ РГВКялдасан бихьизабулеб пере­дачаялда гIахьаллъизе. Рагъул гIахьалчагIазул хIакъалъулъ 9 ма­ялдехун хIадурулеб букIана гьеб. Нижер эменги КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран ккола. Гьесул би­цине ахIун йикIана. Гьединлъидал сапаралъ яхъиналде цее дун ваца­сухъе ана рамкаялда жаниб лъураб инсул сураталда хадуй. Бицана дие гьеб передачаялда бихьизабизе ца­дахъ босизе къваригIун бугилан. Гьеб мехалда инсул суратги дихъе кьун, МухIамадица дун тIойитIана жив кутакалда халккун чIун вукIине вугин гьеб передача къватIибе бачIиналъухъиланги абун. Гьесие цIакъ бокьулаан Хатиматил переда­ча. Нагагь дежурствоялда вугони­гицин, рокъове векерун вачIунаан гьелъухъ балагьизе.

 

Гьеле ахирисеб нухалда МухIамад вихьараб лахIзат. Амма передача би­хьизе къотIи букIун гьечIо гьев му­нагьал чурадида.

 

 

Гьеб къватIибе кьун рагIула 7 ма­ялда, МухIамад абуни, 4 маялда хва­на.

 

Дунни телевизоралъухъ балагьичIо, гьелде регIараб хIал букIинчIелъулха.

 

Гьанже гьеб кинабго багъулеб буго дилъ, кутакалда ракIхун буго гьесда хадуб. ГIамал берцинав чи вукIана гьев.

 

 

Нижер больницаялъул цеве вукIарав бетIерав тохтурас МухIамадие хъвараб характеристика цIалидал, гIодойги чIун, гIодана дунни. АнцIго соналъ цадахъ хIалтIарав чи лъикI лъаларищха гьесда.

 

Зигараялъ рачIанщиназ бицу­на «Скорыялда» унев чияс росулъ данде кканщинасе гьимулаго чIезабулаанила машина, рахайин тIаде, щвезарилин абун. Жиде-жидер хве­лал ккарал чагIаздагицин кутакал­да рекIеда кIутIун буго МухIамадил хвел.

 

Гьанже Аллагьасул къадаралда гьабизе жо гьечIо…