Турциялъул магIарулазул гъасда накъитал

(Байбихьи 24-аб. номералда)

 

Дагъистаналъул гIадал рорхатал мугIрул щвечIониги, щобаздегIан къараб, санагIатаб бакI бищун буго яшав гьабизе Турциялде гочарал нилъер миллатцояз. Гьенире щола­го цо нилъерго Казбек районалде, Буртунаялде рачIунеб гIадаб хIисаб букIуна. Цебесеб нухалъ, ай 2004 соналъ щведалго рекIелъе бортун букIана Гуней росдал тIабигIат, све­рухълъи. Гьелдаса нахъе ккараб бер­цинлъиялъул гьечIоан Шигьабудин гIураб Эседия росуги.

 

Шигьабудин Озден -жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан, «Дагъ­истан» журналалъул редактор. Къокъго абуни – сахав магIарулав, халкъалъе хIажатав, Турциялда гIолел магIарул наслабазул мете­риселъул пикру гьабун пайдаяб иш гьабулев лъикIав инсан. Аваразул интеллигенциялъул гьев лъаларев чи гIемер ватиларо. Дагъистанал­даса рачIунелги дораго ругелги магIарулазе годекIанлъун лъугьараб, Шигьабудинил азбаралъур рещтIана нижер къокъаги. Нижее салам кьезе рачIарал бакIалъулал магIарулазул саламатаб горсвери лъугьана. Ква­нил нигIматал хисун столалде рачIана магIарулазул цIваби гIадал цIарал хъварал, нилъерго мацI, та­рих цIуниялъе риччалел басмаби. Гьанир рукIун нилъеца цIалуларел, цIиял рахъарал ва цересел тIахьал ругоан Шигьабудинихъ. Гьезда тIаде цо чанго дицаги жубана (халкъияй шагIир Залму Батировалъ салам­гун гьесие сайгъаталъе ритIаралги рукIана тIахьал). Данделъараз лъай-хъвай гьабуна Шамил районалъул жакъасеб гIумру рагьулеб «ЦОЛЪИ» казияталъулгунцин.

 

 

Гьенисаги щвана Гунеялде, рихьа­на чIороголъарал чIахIиял минаби, тира-сверана, жамагIат гъункараб мехалъ чIухIун къачIарал къватIахъ, лъалхъана Дагъистан ракIалде щве­забулел суратазгун алатаз къачIараб ашбазалда. Гьениб бицана, жеги балугълъилалде эменгун цадахъ сапаралъ унаго Турциялде ккарав, Гунеялда вукъарав дир кIудияв ин­сул вацасул хIакъалъулъ. Гьидалъа МухIамадин абулеб букIун буго Гу­неялда гьесда. Лъана гьев махщел камилав маххул къебед, гIертIал гьарулев устар вукIараблъи, баян­лъана гьесул наслуялъул лъалкIал. Алжанул гIаркьел гIадаб гьайбатаб росулъ цIикIкIун руго чIунтулел ми­наби, лъугIулел руго магIарул мацI бицунел, кIудияб кIвар гьечIо гьеб цIуниялъулги.

 

ТIубан сапаралъул ва гьенир дандчIварал анцI-анцI магIарулазул хIакъалъулъ бицани, хабар цIакъго халалъила. Гьел гара-чIварияздаса рекIелъ хутIарал цо-цо пикраби ра­гьила.

 

 

Гуней росдал годекIанир

Дагъистаналда бизнес гьабизе хIалбихьарав КIаратIаса наслуялъул Карим: «Даран-базаралда гьоркьоб ритIухълъи гьечIо Дагъистаналда. ХIалбихьун букIана, амма цIакъ рекIекълъана. Гьобол-гьудулъи­ялъе лъикIал руго Дагъистаналъул магIарулал, цоги иш цадахъ гьабизе бегьулареблъи бичIчIана».

 

 

Шигьабудин Озден: « Дие бокьи­ларо дагъистаниял жидеда божизе бегьуларел гIадамал ругин абулеб рагIизе. Нижелъ эбел-инсуца куца­на магIарул чи лебалав, ритIухъав вукIине кколин. Киналго гьединал гьечIеб къагIидаха».

 

Турциялда дандеккун Дагъистан кин бихьулеб социалияб цебетIеялъул ва исламияб рахъалъин абураб дир суалалъе, Шигьабудиница гьадин жаваб кьуна: «Турция Европаялда­са нахъе ккун буго кIикъогониги соналъ, гьедигIанабгосеб заманалъ Турциялдаса нахъе ккун бугин абизе бегьула Дагъистанги. Рос­сиялъул хIукуматалъ халкъалъ­ул гIумру лъикIлъиялъе биччалеб гIарац, гьелъул кверщел кодобе щва­раз бикъулеб букIиналъулъ буго гIиллаги. Бикъа-хъами кибго батила, амма доба цIикIкIун бугин ккола. Исламалъул бицани, гьаниб щибаб росдал, шагьаралъул имамлъун вуго тIадегIанаб лъай щварав, халкъалъ­ул щибаб суалалъе жаваб кьун ба­жарулев чи. ХIукуматалъ харжги кьун тарал чи руго гьел. Мекъаб, хIукуматалъул политикаялде дан­де кколареб рагIи гьезул букIунаро. Бокьарав чиясе эркенго дин гьабизе рес буго, хIал гьабулев яги гьукъулев чиги гьечIо».

 

 

Турциялда ругел нилъер мил­латцоял гIажаиблъулел руго маж­гитаздеги хьвадун гIаракъи гьекъо­лел дагъистаниязда. Чанги батIияб тепси гIуцIараб бакIалда гIодой чIана дун гьел къоязда, амма ча­ялдаса къвакIараб гьекъолеб жо рикIкIадасан балагьунгицин бихьичIо. Нилъер гьаниб гьобол вачIингун гьабулеб «хIурмат» гьезда лъикI лъалеб бугоан.

 

 

Яшарил гьакида Бурса къотIун Анкараялде

РоцIцIараб зоб, камилго цIураб моцI, кваранихъе гIаздалал тIогьазул мугIрул, рохьаз сверун ккураб, ахазулъ щинкIараб некIсияб Бурса. ГIажаибаб асар хутIана гьеб шагьар къотIун унаго рекIелъ. Чан биги, магIуги, рекIкIги, пахрулъи­гиха бихьараб гьеб чIухIараб, Ана­толиялъул ракьалда тIибитIараб, гIусманиязул тIоцебесеб тахша­гьаралда. Бурсаялда гIумру гьабун ругел Кавказалъул наслаби цолъи­зарулеб гIуцIиялъул нухмалъулев­ги ватана нижее салам кьезе нухде вахъун. Гьесул гьариялда рекъон Дагъистаналдаса росарал хунжрул­ги щвезаруна Анатолиялъул кавка­зиязе рикьизе.

 

Нус-нус километралъул нух на­хулъа рас цIалебгIанги лъачIого тана нахъе. Рогьалил гIужде гIагарлъун батана заман Анкара­ялде щолаго. Асиятица бицунеб букIана жийго гIураб ватIан Зака­талаялъул. Гьениб яшав гьабулел аваразул гIумруялъул бицунаго, баянлъана миллияб рухIияб хази­на, умумузул ирс цIуниялъе гьениб нилъеразе кьоларел ресал, гьечIеб ихтияр. Гьеб кинабго бихьизе, бичIчIизе Дагъистаналдаса гьобол­лъухъ рачIунелги нагагь рукIунин абуна Асиятица.

 

 

Яшарилгун Асиятил гъанситухъ магIарулай Мелигьагун

БитIахъе бахиллъана сверухълъи­ялъухъ балагьун, тIоцересел бакъул чIораз Асиятил рагъиде ахIарай дун.

 

Унго-унгояб цIа бакулеб гъансито бугоан ункъабилеб тIалаялъул рагъ­ида. ЦIакъ ургъун, берцинлъигун санагIат рекъезабун ралел руго тур­каз гIемертIалаял минабиги.

 

Гьалбал рачIине кколин гIемераб рагъа-рашари бугоан нахъисеб къо­ялъ хважаинзабазул. Бугеб-гьечIеб нигIмат хIадуризе журана гьел. Ва­бабай, дунги гьобол, цоги щалдай рачIинаян ургъел чIвана, чIваниги цоги бакIалде гьезги йиччачIо. Дагъистаналдаса ячIарай журнали­сталъулгун лъай-хъвай гьабизелъун рикIкIадаб Кахраман-Мараш шагьа­ралдаса ячIуней Асиятил росасул гIагарай гIаданалда дандчIвазе ана ниж шагьаралде. АнцIгогIан сагIатги нухда бан, анлънусгогIан километр нухлулги нахъа тун, автобусалдаса рещтIуней, Европаялъул къагIидаялъ ретIа-къарай гIаданалъул гьурмада свакалъул асарго гуреб, цо паран­галъул гIадаб гьими бугоан.

 

 

-Асият, дуца таржамачилъи гьа­беха нижее, -ян шурана дица гьал­магъалъул гIинде, интеллигент гIадай Мелигьа йихьидал.

 

-Щибжоя? ЧIая мун гьай кIалъазегIан, -ян елъулаго балагьа­на Асият дида аскIое гIагарлъулей Мелигьахъ.

 

-Вай, ПатIимат, лъикI щварай! КигIан лъикI ячIарай! Дунги ячIана мун йихьизе.

 

 

Дун гьакIкIан хутIана гьей, Ша­милил заманалъго Турциялде го­чарал умумузул наслуялъул ясалъухъ балагьун. Жеги магIаруллъи бихьичIей, турк гурони мацIалъ цIаличIей, 30 соналъ Стамбулалъул чIахIиял музеязда хIалтIарай гIадан дида кIалъана бацIцIадаб магIарул мацIалъ.

 

Мелигьаца бицана Марашал­да гьабулеб, Турциялда бищунго лъикIаблъун рикIкIунеб дондур­маялъул (мороженное) шагьаралда гIагарлъухъ бугеб жидерго Ортотепе росулъ санайил тIобитIулеб оцбаялъул хIакъалъулъ. РакIалде щвезабу­на лъимерлъи, харабазул биценал:

 

-Мун нижер росулъе ячIине кко­ла, гьенир гIемерал магIарулал руго. Херал чагIаз цIакъ берцинго бицуна нилъерго мацI, гъозда гIемерал ки­ци-биценалги лъала. Дун гIумруялъ Истамбулалдаги йикIун лъалебги кIочана. Дун гьанже хIалхьиялда йиго, гIемер щола росулъе. Исана оц­бай дица гьабуна росулъ. Оцал щвечIо хурир разе, чуялъ бекьана. ЛъикIаб байрам букIуна, гIемер чи вачIуна, са­дакъа бикьула, батIи-батIиял къецал тIоритIула. АскIоб бугеб росулъаги ахIула гIадамал. Гьенирги магIарулал ругелъул. Гьедин, цоцахъе хьвадула ниж байрамкъояз…

 

 

Цониги магIарул кечI лъалищин абидал Мелигьаца, кочIол рагIабазе баянги кьолаго, цо чанго мухъ цIалана рекIехъе:

 

-Нижер гIагарай гIадан йикIана ШугIайнат абун. Гьелъухъ рокьи ккун букIун буго ГIалиасхIаб абурав васасул. Гьасиеги кьечIого, цогида­зеги инчIого йигей гIолилалъул би­цун гIолилас абун буго:

 

Ингишдерил рагъиде

Щун бихьула багIарбакъ,

Кодобеги щоларо,

Щобдасаги унаро, -ян. Ахир кьун йиго ШугIайнат ГIалиасхIабие, амма гъов аскаралде арав нахъ вуссун гьечIо.

Цоги, церегIанго соназ цо яс йикIун йиго нижерго росулъа васа­сухъ рокьи ккун, амма гъосие гъой къабуллъун гьечIо. ГIолилал дан­делъараб, цо гвай бугеб бакIалда гьелъ, васасе квешезего, ахIун буго:

Щвайги, гьудул, щвайги,

                               дуй чIужу щвайги,

Катан бацIцIунарей,

                               гъал битIуларей.

Щвайги, гьудул,

                               щвайги, дуй чIужу щвайги,

Гордил квенчIелалде

                               рахъу бахъуней,

Къвалазул рагIалалъ

                               къалал рацIцIуней.

Гьевго васасухъ балъго рокьи кка­рай цогидай ясалъ гьенибго ахIун буго:

Щвайги, гьудул, щвайги,

                                     дуй чIужу щвайги,

Гъанситу цIвакарай,

                                      цIилицI гургинай.

Щвайги, гьудул, щвайги,

                                      дуй чIужу щвайги,

Катан гъизуларей, гъал бетула­рей, -абун. Гъов васасги кIиабилеб кечI ахIарай яс ячун йиго чIужулъун.

Мелигьалгун дир накъитги гьоркьоб къотIизабун бугIун рукъ цIуна тIаде рачIарал гьалбадерил салам-ка­ламалъ. ЦIидасанги дун рещтIаралъуб данделъана, жеги гIемераб лъай-хъваял ккараб, магIарул годекIан.