Турциялъул магIарулазул гъасда накъитал

«Мун унтизе ресго гьечIин, парахат рокъой чIа», — янги абун, март моцI бащалъуде щвараб заманалда, самоизоляциялде йитIана дун нижер бетIерав редакторас. Гьалеха, лъабабилеб моцI гирулеб буго, тIегь-хералдеги юссун, Гьидалъ яхчун йигелдаса. ГIаламалдего рокъор чIаян ахIи балеб гьаб заманалда, щибаб цIияб номералде хъвазе цIиял-лъикIал харбалги кирха ратилел. Архивалда хъирщардулаго, тIаде ккана 2015 соналъ Турциялде гьабураб сапаралдаса цо-цо хъвай-хъвагIаязде, суратазде. Редколлегиялъул изнуялдалъун, дирго гьеб сапар нужееги рагьизе хIукму ккана, хириял цIалдолел. Халатккун цо-цо сапаралъ яхъинчIого чIезе кIолареб хасият буго дир. Турциялде щун йикIана дагьал церегIан соназ цее. Даран-базаралъ гуро, гьадинго, тира-сверизе. ГIарац базе бакI лъугIун ятилинги ккоге, хъвадарулеб къавмалъул цIикIкIараб гIарац киданиги букIунаро. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул гIадат буго нилъер миллат цIакъго бокьулел гIадамазе сайгъатал кьечIого толареб. Щаялиго дунги халлъула гьезда мех-мехалъ. ГIарцуца хIалтIи малъулелъул, дирги хиял ккана, автономиялъ конверталда жаниб лъун кьураб «баркалаялъухъ», жиндие лагълъи гьабизе кколеб къайи- цIа босичIого, пикрабазе цIилъи кьолеб цо сапар гьабизе. Щай Турциялде? Щайгурелъул, дораги гIемерал магIарулал рукIин рекIелъа унарого букIун. 2004 соналъ тIоцебе Турциялде бухьараб сапаралдаса дирго хъвай- хъвагIаязул хал гьабидал, цIакъ мукъсанал жал ратана. Дагьаб гIатIидго рагьизе бокьана, батIияб улкаялда ругел магIарулазул гIумруялде нуцIа. Гьелъие гьанже жамгIиял гьиназулги бергьун кIудияб кумек буго, чияр ракьалде къисматалъ рачарал магIарулазул наслуялъулгун гьудуллъи щулалъун гуребги, дирго гIагарлъи балагьизе квербакъана гьенир ругел гьудулзабаз. Сундулха бицинеб берцинаб Турциялдаса юссарай дица? Къокъго баян кьела – гьенир рукIарал данчIваязул, гIасраби хиса- ниги умумузул ракьалде хинлъи цIунарал наслабазул, гьеб киналъго гьабураб асаралъул.

 

 

Стамбул

Щунусгоялде гIагарун километр нухлулги нахъа тун, Анкараялдаса рахъун дида дандчIвазе Стамбулалъул аэропорталде щун ратана дир гьудулзаби Яшаргун Асият.

Яшар – Анкараялда бугеб магIарулазул жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан, Турциялда ругелщинал дагъистаниязул бухьен щула гьабиялъе хIаракат бахъулев, Ингишосагун ГIандиса умумузул вас. Асият – гьесул лъади, Бакуялъул университеталда филологияб лъайги щун, гьенибго гIелмияб хIалтIи цIунарай Къабакъчолиса магIарулай. Нилъер гIемерисезда гьей лъала мацIазул гIалимчIужу Асият ТIинаева хIисабалда.

Стамбулалда сордо базе рещтIана гIолохъанал рос-лъади Вулкан ва Делтахъ.

Вулкан – Яшарил яцалъул вас, магIарул мацI лъаларев вацIцIадав магIарулав, ралъдал транспорталъул инженер. Делта – туркай, турк мацIалъул мугIалим. БитIахъе хIайранлъана гьел гIолилаз чIахIиязул гьабулеб адаб, гьезул берцинаб яшав бихьун. Гьездаса разилъи загьир гьабулаго, ункъо-щуго магIарул рагIи малъана дицаги радалиде Вулканидагун Делтада.

 

 

Ялова

 Стамбулалде щварав магIарул чи Яловаялде ваккичIого чIей мекъи буго, гьенисаги ун аскIорго ругел магIарул росабалъ гьоболлъи бачIони, гьебги такъсир букIинарищха. Яшарил машинагун цадахъ, ралъдал кIудияб гамица щвезаруна, кIикъоялда анцIго километралъул манзилалъ гурони Стамбулалдаса батIа тIечIеб, Мармарул ралъдал рагIаллъуде щун тIибитIараб, щобазул каранда пара- халъараб, гьайбатаб некIсияб шагьаралде.

Машааллагь, анцIила цо соналъ цебего дир лъай-хъвай ккарай, Турциялда машгьурав, Дагъистаналда лъалев хъвадарухъан, шагIир, таржамачи ЖахIбар Барласил, нусиде яхарай эбел ячIана кавудахъ дандчIвазе. Жинцаго хьухьарал хинал щватабиги кьуна нижее сайгъаталъе. КъосинчIеб чIикIасезул мацI бугоан гьез бицунебги.

ЖахIбарил рокъоре ниж лъугьун мех балелде, партIан тIаде щвана Яловаялъул машгьурал «гIолохъаби», бакIалъулал аваразул жамагIатчагIи, миллаталъул хIубал Шигьабудин, Пахрудин ва Жагьид.

(Жагьид араб соналъ Аллагьасул къадаралде щвана. Алжан насиблъун батаги гьесие).

 — Нужер бицунеб берцинаб магIарул мацIалъ дир ракIалъе кьолеб бугеб рахIат, рохел, — ин яхъана Асият гьезие рецц-бакъ гьабизе.

— ВахI, ниж магIарулаллъидалха! — ян аваданго жаваб гьабуна хIурматияб ригьалде рахунел «гIолохъабазги». БахIсалде сверараб гара-чIвари ккана Дагъистаналдаги Турциялда- ги магIарулаз бицунеб гIурус, турк жубараб мацIалда тIасан.

 

Пахрудин:

— АнцIго сон баралдаса нахъе магIарулал ругеб бакIалдаса вахъун шагьаралда вуго дун, амма нилъерго мацI кидаго бицуна. Мисалалъе, гьанжеги нижеца рокъоб турк мацI бицунаро…

 Шигьабудин:

— Цебе гьедин букIанин абе, Пахрудин.

Пахрудин:

— Цебеги хадубги батIалъи гьечIо бицунев чиясе.

Жагьид:

— Я, вац, те! Нилъер лъималазда, лъималазул лъималазда лъалеб бугищ магIарул мацI бицине?

Пахрудин:

— Буго, дир наслуялда лъала… Валлагь, баркала, битIахъе паналъана гьезухъ балагьун. Махсаро- хочIалда чваххун бицунеб магIарул мацI.

ГIемерал соназ тIад хIалтIун, Дагъистаналъул тарихалъул, магIарул адабияталъулгун маданияталъул баянал ракIаризе хIаракат бахъулеб буго Барласица.

 

— Дица цIияб мина бан буго, гьениб букIине буго дир кIикъого сонил хIалтIи жанибе бачараб, нилъер тарихалъул, магIарулазул рухIияб бечелъиялъул хазина данде гьабураб кIудияб библиотека. ГIезегIан харжал гьаруна гьеб бакIарулаго, гIуцIулаго. ГIарац хIажатаб жо буго, амма щибаб жо гIарцуца борцине бегьуларо. Иншааллагь, гьеб нужедаги бихьила. Мурадги буго, Турциялда гIолел нилъер наслабазда Дагъистан лъай. Гьеб рахъалъ умумуз нижее гьаниб щибго ирс тун батичIо,- ян бицана гьес.

Шагьар бихьизе ячинчIого гьез гьобол телищха, тирана «МахIачхъала» паркалда, лъалхъана гьенир имам Шамил ва Расул ХIамзатов ракIалде щвеялъе лъурал бюстазда цере.

 

Къадекваназе ана, шагьаралъул мэриялда цебе бугеб, магIарулгун даргиязул би жубарай ГIабдулмукъсимил яс ПатIиматил ашбазалде. Гьенибги, цо-цоккун рачIун, саламатаб магIарул годекIан лъугьана. Ашбазалъул хважаиналъги лъим гIадин бицунеб бугоан магIарулгун дарги мацI. (Гьелъги салам битIана жиндир умумузул ватIан — КъулецIма ва Хважалмахьи росабазул жамагIатазде.)

БакI чияр бугониги, чагIи нилъерго ратана. БакIги чиярин кинха абилеб, сверухълъиялъго Дагъистан ракIалде щвезабулеб букIиндал.

 

Жиндир чIужу Мадиналгун лъай- хъвай гьабичIого бегьуларинги абун, ХIажимурадин абурав, черкесазулгун би жубарав вугониги, живго дагъистаниявлъун рикIкIунев, цо къаппарав бихьинчияс хъамуна рокъоре. Мадина ятана, Россиялдаса ячарай, черкесай. Кутакалда йоххана гьей гIурус мацIалъ кIалъазе лъалел ясал (Асиятги дунгиха) рачIиналдаса. ХIажимурад вугоан дунялалъул гIемерал фестивалазда гIахьаллъарав, Америкаялъулгун ИзрагIилалъул ракьалда Кавказалъул бакънал рачарав, искусствоялъул бутIаялда машгьурав махщелчи. Нижееги рачана аргъаналда, жинцаго гьарурал, пашманал бакънал. Гьел ругоан, Кавказалдаса гочун Турциялъул ракьалде рачIунел умумул ракIалде щун хъварал, бадиб магIу хулизабулел бакънал. Гьеб магIу данделъаразул цохIоязниги, бахчичIого, чваххизе тана.

Гьанже росабалъе щвезе инилан, ниж тIаде рахъиндал, ХIажимурадица, угьунги биччан, абуна:

 

— Валлагьги, нилъер Гуней росу турказул росдаде сверулеб буго, магIарулал гьенир цIакъ дагь руго, — ян.

АнцIго къоялъул сапаралъул ва гьенир дандчIварал анцI- анцI магIарулазул жакъа бицун лъугIиларо. Бищунго интересаб, Анкарагун Стамбулалда бихьа-рагIараб жо, гьенир магIарулаз цIунарал абиял, кици-биценал хадусел номераздаги кьела, ин ша Аллагь.