Рокьукълъиялъ рекIелъ кверщел гьабичIо

Дир кIодоэбел Ингердахъа ПатIиматил гIадамаздехун букIараб рокьиги рекIел бухIиги кидани­ги ракIалдаса унаро. Гьей гIадатияй мугIрул ясалда гьитIинаб къоялдаса бихьанщинаб къоялъул цо макъалаялдаса бицун хIалкIвеларо. Цониги цIакъав бахIарчиясда гьелда гIадин къварилъи би­хьун букIарабани, гIаданлъиялъул хасият цIунизе кIвелеб букIанадай абун ракIалде ккола.

 

Халатаб гIумруялда жаниб гIемераб гIакъубаги гIадамазул хиянатлъиги бихьана нижер бахIарчияй кIодода. Квешал ва жахIдаял гIадамал сабаблъун лъимерлъиги ракI бакъваялда ана гьелъул. ГIаданлъиги яхI-намусги рекIелъ цIунизе ккани, рекIелъе жахIдаги рокьукълъиги бич­чазе бегьуларин малъулаан гьелъ нижеда. Рокьиги рокьукълъиги — гьел кIиялго гIумруялъго ца­дахъ рукIунин абулаан нижеда кIодоца. Квешлъиялъ рекIелъ кверщел гьабизе гьукъизе кколин, рекIелъе лъугьизе гьеб тани, тIокIаб нахъ буссунарин абулаан гьелъ.

 

 

Нижер кIодоэбелалъул эмен ва кIудада рукIана Ингердахъ росулъго бечедал гIадамал. Эбел-ин­сул недегьаб бербалагьиялда гъоркь йикIарай гьитIинай ПатIиматида бичIчIулароан сверухъ лъу­гьунеб бугеб хиса-баси ва хIуригат бахъаралдаса нахъе жидер хъизаналъе кIудияб хIинкъи букIин. Хасалил бецIаб сардилъ бечедав чиян, «халкъалъ­ул тушманин» абун эмен вачине НКВДялъул гIадамал рачIиндал бичIчIана гьелда кинабго. Гьеб бецIаб сордо гIумруялъго «рогьинчIо» ПатIиматие. Гьелъул инсул рахъалдаса мацI гьабурал росуцо­яздеги, гьезул хъизанги щущахъ бан, къадал ва чIабар хутIизегIан рокъоса къайи бахъараздехун­ги рокьукълъи бихьизабичIо гьелъ, гIумруялъго гьел къватIирги чIвазаричIо. Кинабго хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасда бихьулеб бугин абун тана гьелъ. Гьелъул гIакъилал, херлъиялъ жанире рортарал беразухъ кидаго кунчIулеб букIунаан лъикIлъиги лъималаздехун бугеб рокьиги. Гьеди­най йикIана дир кIодоэбел.

 

 

Рагъдаса бачIараб чIегIераб хабар

Дир кIодоэбел ПатIимат 14 сон барай гIадан росасе кьуна. ЛъицагIаги гьикъичIо гьелда дуе гьев чи вокьулищан, гьикъулеб гIадатги букIинчIелъул. Гьелдаги лъалароан рокьи щибжо­яли. Эмен кулаклъун гьавун заман балелде гьел­де регIунги йикIинчIо гьей. Дир кIудада Умалат вукIана цIакъ ракI лъикIав чи. КIодоэбелалъеги гьев гIумруялъулго гьудуллъун, бищунго къима­тав ва вокьулев чилъун лъугьана.

Хъизан гьабун дагьабго заманалдаса Умалат ар­миялде ана. КватIичIого байбихьана Финляндиягун рагъ, хадуб фашисталгунги. ГIолохъанай лъадиян абуни гьес жиндирго бесдалэбелгун ва яцалгун тун йикIана. Умалатил эбел гьев кинида вугеб мехалда­го хвана. Гьанжего гьанже балугълъиялде яхуней ПатIимат цогидал росуцоялгун цадахъ колхозал­да хIалтIизе ккана. Цогидал чIахIияздаго гIадин, хIукуматалъул магъалоги тIад лъуна гьелда. Рагъ­ул фронталдаса гьелъухъе пашманаб хабар бачIана Умалат бахIарчиго хванин абун.

 

 

Умалат хванин чIегIераб хабар бачIаралдаса гIемераб заман инелде гьелда росасул бесдалэбелалъ абуна: «Умалатги фронталда чIвана, гьев тIад вуссунаро. Дурго инсул рокъое тIад юсса», — ян. Дир гъаримай кIодоэбелалъул ракI лъукъ­ана, амма щибго рагIи абичIого, инсул гъасде тIад юссана. Гьениса нахъе унелъулги гьелъ рос чIван вугин абурал къваридал пикраби жиндир­го ботIролъа рачахъулел рукIана. Гьев лъидагIаги хун вихьун гьечIелъулин абун хинал хьулаз хьи­хьун йикIана.

ПатIимат гIемер хIалтIана, данде рехун гIарац гIезабун жиндиего мина босана гьелъ. Эбелги жиндаго аскIое ячана гIумру гьабизе. Эмен кулак гьавун вачун аралдаса нахъе ПатIиматил эбел­ги унтун бусаде ккун йикIана. Гьелъие хIажат букIана ясалъул хъулухъги рокьиги.

 

 

Анкьго соналъ хваравлъун рикIкIарав кIодоэмен

Цо нухалда кIодоэбел росдал советалде ахIана. Халат бахъичIого налог кьезе кколин лъазабу­на гьелда. Гьелъул рокъоб букIинчIо гьеб налог кьезегIанасеб яги бичизе бегьулебгIанасеб жо. Кин букIаниги, гьелъ рагIи кьуна базаркъоялъ райцен­тралдеги ун гIарац балагьилин абун. Рокъое щва­рабго гьабилебги лъаларого, чараги къосун гьей гIек-гIекиялда гIодана. ПатIимат тIубараб къоялъ колхозалъул хурий хIалтIулаан жиндирго къвари­даб къисматалдеги хьандолаго. Къаси рукIкIунеб заманаялъ гурони рокъоеги щолароан. Цо нухалда колхозалъул хурийги хIалтIун рокъое щварай гьал­да рукъалъул рагъида цо ворхатав чи эхетун вихьа­на. Гьелда ракIалде ккана Жанбег вачIун ватилин налогал ракIаризеян. «Колхозалъул хурий нужее гIарац бищулей йигин дунан ккунищ вачIарав», — абун ракIалдеги ккун, ццинги къулчIулаго, цеехун йилълъана ПатIимат. Баччун букIараб харил къай­иги гIодоб лъун тун гьей рагьде лъугьана.

— Щиб, цIакъгойищ свакарай, ПатIимат? – ан рагIана гьелда гьелъие гIагараб гьаракь.

 

 

— Умалат! – абун гьаракьги биччан, тIун реха­раб тIегь кинигин лъавудаса йортун ана гьей. Хадусеб къоялъ росдацаго кIодо гьабуна Умалат вачIин. Рохалил гIорхъиго гьечIин ракIалде кко­леб букIана ПатIиматидаги.

ГIумру гьабизе бигьалъана. Нижер кIудадаеги кIодоеги гьаруна ункъо ясги кIиго васги. Гьанже гье­зулги руго жидерго лъималги, гьезулги лъималги.

Хадуб чанго соналдаса кIудадаца бицун буго кIодода, фронталдаса тIад вуссунелъул хьулго букIинчIин мун дихъ ялагьун чIун ятилин. Ругъ­нал сахлъизегIан гьес госпиталазда гIемераб за­ман бана. Живго унтун вукIин рокъосезда лъаза­бизе ресги щвечIо гьесие.

 

 

Жив «хваниги», хилиплъичIей лъадуде кагъат

Госпиталалдаса тIад вуссун, Хасавюрталде щва­рав Умалатида къотIнов дандчIван вуго росулъа мадугьал. Гьев вихьигун мадугьал хаган хутIула. Гьев киназго хваравлъун рикIкIунев вукIаралъул. Росулъ бугеб цIияб хабар цIехола. Гьес жиндир лъадул цIарго бахъинчIин абун, ракI хIинкъадго теркIезе лъугьана. Цощинаб, ПатIимат росасе ун йикIин жиндаса балъго гьабулеб батилин гье­син абурал пикрабаз рахIат толеб букIинчIо гье­сул. ЯхI гьабизего кIвечIого, жиндир ПатIимат дун хваравинги ккун росасегIаги ун ятилин абун цIехола гьес мадугьаласда. Гьел рагIаби рагIигун, мадугьал бадирчIваялгун Умалатиде вагъизе лъугьуна. Дур лъади мун чIваравлъиялдацин божичIого духъ ялагьун чIун йигин бицуна гьес. Умалатил ракI рохалица пархезабуна, амма пикра­базулъ щаклъиялъул гьуриги багъулеб букIана. Гьес рокъой тун йикIаралъул гьитIинай, 14 сон барай лъади. Бокьараз ракI лъукъизабизе яги мах­сараде кквезе рес букIана гьединай гIаданалъул. ПатIиматицайин абуни бахIарчиго къо хIехьана, магIишатги гьабуна, унтарай жиндирго эбелалъ­ул тIалабги гьабуна. Гьелъухъ кIудадаца кIудияб къиматги гьабулаан нижер кIодоэбелалъул.

Рагъдаса кIудадаца нижер кIодоэбелалъухъе битIараб кагъатги гьанжелъизегIанги цIунун хутIун буго:

 

 

ПатIиматихъе

БитIизин цо кагъат тIадмагIарухъе,

ТIогьол квацIиялда кодобе кьеян,

Хъвазинха саламал Дагъистаналде,

Дун кIочон ватани, ракIалде щвезе.

 

 

Дир багIараб месед, магIарухъ тана

МугIрул гIанса гIадин бакънал рачуней,

Дир чарчураб ритIучI, рагъил ракьанда

ЧIурулидул гьаркьихъ кьижун ятила.

 

 

Гьудул, гьаб рагъдаса дун вуссунаро,

Сурмияб тIе дуца, тIагъур хъахIаб ккве.

ТIамурги, гIоркьги ккун, цIадаб лъун бухIе,

ТIокIаб гьеб бачине дир чара гьечIо.

 

 

Дун тIад вуссинилан, хьул лъоге, гьудул,

Бохдул руго расун цIалкIу кинигин,

Гьанивго хваниги, хивалги гьечIо,

ХвелалдегIаги мун макьилъ йихьани.

 

 

Рехулел бомбаби, балеб гIарада,

ГIодосан кьвагьулел автомат-тункIал,

ВачIунев гьечIилан гIайибги чIваге,

ГIасияб рагъ буго гьаб Берлиналда.

 

 

Хариде, тIогьоде гьури пулебдай,

Пулеметалъ дида накъищ хъвалелде,

Форма ретIун тIаюс тIохал сверулей,

Сверун немцазги ккун дунги рохьазда.

 

 

Ругъналги унтулги дий хIалго гьечIо,

ХIалай бакIлъун руго хъахIилал берал,

ЧIухIдае хIурулгIин цIаюцIунаро,

ЦIан риччан гъалалгун гъасда ятила.

 

 

Боржун унеб хIанчIил хIатIида бухьун,

Салам битIаниги, жаваб бачIинчIо,

БукIайилан абе — кIвар гьабиларо,

КIицIул хвезегIаги рижун гьечIелъул.