Хисизабула гIакълуги, гIумруги, пикруги

Буйнакск районалъул Хъараниса Акаев Нажмудиница 28 соналъ хъулухъ гьабуна СССРалъул ва хадубккун Россиялъул балъгояб аскаралъул хасаб батальоналда. Гьев хIалтIана диверсантал хIадурулеб школалда инструкторлъунги, рагъулал цIалул идарабазда преподавательлъунги. КIиго лъагIелалъ Афгъанистаналда вукIарав гьесулгун гара-чIвари тIобитIана нижеца.

 

— Нажмудин, кин байбихьараб дур рагъулаб хъулухъ?
— 1965 соналда дица лъугIизабуна Орджоникидзеялда (Владикавказ) бугеб рагъулаб училище. ВитIана хIалтIизе. КIиго моцIидасан дица хъулухъ гьабулеб рагъулаб часталде вачIана маршал Москаленко. Ниж кьвагьдолеб бакIалде вачIана гьев. Дун кин кьвагьдолевали халги ккун, гьес дида абуна: «Дир вас, вилълъа дида цадахъ», — ан. Вачана округа­лъул командующиясухъе. «Иван Макарович, исана училищеги лъугIизабун вачIарав гьав гIо­лохъанав лейтенантасе щвана инспекциялда «щуйилаб». Гьале гьав тезе бегьула разведротаялъул командирлъун», — ан абуна маршалас командующиясда. Гьедин ккана дун Одессаялда букIараб хасаб батальоналде. Хадубккун микьго соналъ батальоналъул командирлъун вукIана, щвана капитанасул чинги. 
— Афгъанистаналде кида ккарав?
— 1980 соналда гьенибе битIана нижер батальонги. Дун гьеб заманалда вукIана хасаб командировкаялда. Батальоналъул командир чIвана дова. Гьеб мехалда нухма­лъиялъ дун ахIана ва досул бакIалде витIана. Кабулалде щведал, буюрухъ бачIана тIадвуссаян абураб. Кабулалде щведал дида абуна, тIадеялъул рагъулаб операция букIине бугин ва гьелъие хIажалъизе ругин мугIрузда хьвадун ругьунал аскариял. Нижер батальоналъул солдатал куцалаан Казбекалде, Эльбрусалде ва цогидалги мугIрузде ххаризеги мугIрузда рагъулал ишал гьаризеги. Щивав солдатасухъа цого хIалалда бажаризе кколаан авлахъалдагун мугIрузда цебелъураб масъала тIубазабун.  
— Нилъер солдатал Афгъаниста­нал­де ритIи битIараблъун ри­кIкIу­нищ дуца?
— Афгъанистаналда кIиго лъагIел бана дица. Исана 31 сон тIубала нилъер аскариял гьениса нахъе рачаралдаса. Рагъалъ инсанасул гIакълуги, гIумруги, пикруги хисизабула. Доб заманалда гьениб букIана жакъа Сириялда бугебго гIадинаб хIал. Гиндукуш мегIер буго ралъдал гьумералдаса анкьазарго метр борхалъи бугеб. Гьел мугIрузда лъезе къасд букIана НАТОялъ радарал. Гьелдалъун гьезда, хъатиниб гIадин, цебелъолаан Саратовалде щвезегIан нилъер мухъ. Дозда ракIалда букIана Кандагаралдасан Индиялъул океаналъул рагIалде маххул нухги бахъун, гьениб Америкаялъул рагъулаб база базе. Гьениса рехарал ракетаби бигьаго щвезе рукIана нилъер ракьалде. Гьелде данде гьабураб иш букIана советиял солдатал Афгъанистаналде ритIиги. Афгъанистаналъул нухмалъиялъ 5-6 нухалъ ахIун, унги рукIана гьенире нилъерал аскариял. 
— Солдатал куцазе хIажатал шартIал кин гIуцIун рукIарал?
— Самолеталъ яги вертолеталъ ниж рехулаан хIажатаб бакIалде. КIиабизе бугони, Сочиялда гIа­гар­лъухъ букIана гIатIидаб полигон. Гьениб хIадурулаан пуланаб ба­кIалъул макет-копия. Масала, гьениб букIана Турциялъул пуланаб провинциялъул копия: гьениб бугеб плотинаги, фугасалги, нижеца ра­хъизе кколел нухалги, ай цебелъураб масъала тIубалаго, щвезе кколеб щибаб пункт. Нижер батальоналда цебелъураб масъала букIана Турция­лъул Чаталжинский районалда ругел ядерниял фугасал кьвагьизе течIого, кодоре роси. Фугасал кьвагьани, кьвагьулаан гьениб гIагарда букIараб лъел сангар. Гьеб сангар биххараб мехалда, хIинкъи букIана Турция­лъул Европаялъул рахъалда бугеб ракь тIубанго лъелъ гъанкъиялъул. Нагагь рагъги байбихьун, нилъер аскар добе бачIани, гьебги лъелъ гъанкъизе букIана. Гьединлъидал нижеда цебелъураб масъала букIана, нагагь рагъ байбихьани, сордо-къоялъул болжалалда жаниб гьел фугасал Босфоргун Дарданеллги тун, Турция­лъул гIорхъодаса къватIире щвезари. Гьеб масъала тIубазе кколаан Одессаялдаса вертолеталъ Болгариялъулгун Турциялъул гIорхъоде рехизеян хIадурараб нижер десантазул батальоналъ. 
— Гьеб тIадкъаялъул аслияб мурад щиб букIараб, Турциялъул гIадамал цIунийищ, яги…
— Варшаваялъул къотIиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб дандечIей букIиндал, дозукьа къун чIезе бегьулароан. Доб заманалда букIараб Турциялъул армиялда бажарулароан тушманасде данде 3-4 сагIаталъ гурони дандечIей гьабун – солдатазул къадарги дагьаб букIана гьезул, армиялъул къуватги загIипаб букIана. НАТОялъул планазда бихьизабун букIин букIана, Варшаваялъул къотIиялъул пачалихъазухъа кIиго сордо-къоялъ гурони, жидеде дандечIун бажаруларин абун. Гьеб заманалда Босфор-Дарданеллалъулги, Гибралтаралъулги, Европаялъулаб бутIаялъулги иш лъугIулаан, дозул пикруялда рекъон.  
— Хасаб батальоналде рачунел рукIун ратила тIаса рищарал солдатал…
— Батальоналда хъулухъ гьабизе ритIун рачIунаан турказул мацIги лъалел, лъикIаб сахлъиги бугел гIолилал. Гьенир рукIана татаралги, лъарагIалги, турказул мацIалде гIагарал цогидал халкъазул вакилзабиги. Буйнакск районалъул магIарул росулъ гIурав вукIиналъ, дидаги лъалаан лъарагI мацI. 
15 маялъул радал сагIат микьгоялда рахъинеги гьарун, 40 километралъ Одессаялдаса рикIкIад бугеб бакIалда хьуцIил рагIалда рещтIинабуна нижер аскар. Гьениб цо бакIалда ракьулъ гIучIги къазабун, полкалъул командирас абуна: «Анисимов, гьаниб букIина дур штаб. Гьадаб рахъалда техника лъезе паркги гьабе, гьаб цояб рахъалда – чадралги чIвай. Гьале гьаниб базе буго кинабго инфраструктура гъорлъе бачараб рагъулаб городок. Анкьабилеб ноябралда нуж жанире лъугьине ккола цIирарал минабахъе», — ян. Анкьабилеб ноябралде гьеб хьуцIил рагIалда бан букIана ичIтIалаяб 20 минаги, дивизиялъегун полкалъе штабалги, солдатазе казармабиги, офицерзабазул мина, клуб, стадион, бассейн, школа, лъималазул ах ва цогидалги бакIал. Гвардейский абураб шагьаралъул тайпаялъул поселок бана рииялда жаниб! Гьединаб гуч букIана доб заманалда. 
— Дагьалъ цебе ккана кIудияб ахIи бахъинабураб лъугьа-бахъин: солдатас чIвана цадахъ рукIаразул чангояв. Гьединал хIужаби кколаанищ дол соназда?
— Доб заманалда кинабго тIалаб гьабулаан командирасухъа. Дида, мисалалъе, командир хIисабалда лъазе кколаан щивав солдатасул пикру, гIузру, рохел-пашманлъи. Рес рекъарабго, цIехолдулаан дун: ро­къо­сан кагътал рачIунищан, йокьулелъул хабар щолищан, эбел-инсул щиб хIал бугебин абун. 15 соналъ хIалтIана дун солдаталгун – цониги гьединаб хIужа ккечIо.
Доб заманалда офицерас малъараб гьабуларев, масала, дагъистанияв пуланаб заманаялъ витIулаан дагъи­станияв-офицер вугеб часталде. Гьесулгун гара-чIвариял гьарулаан. Цо-цо мехалда гIемерал дагъистаниял ругеб бакIалде унаан дун, гьелгун дандчIвазе, гьезул ахIвал-хIал цIехезе. Кколаан солдатазул мукIурлъунгутIиялъе гIилла цIе­хонгутIиялъул хIужабиги. Масала, шагьаралда тира-сверизе цогидал солдатал риччалел ругони, дагъистаниязе инкар гьабулаан. Гьелда бан камулароан солдатазулги офицерзабазулги дандечIей. Масала, цо нухалда дун ккана Белгородалда бугеб часталде. ДандчIвана киналго дагъистаниялгун. ЦIехана гьезда бугеб ахIвал-хIал. Гьенив вукIана Дагъистаналдаса 300-ялдаса цIикIкIун солдат. Гьезде гIайибги гьабулеб букIана командирзабазухъ гIенеккуларин абун. ХIасил-калам, рачана дица гьел киналго, дидаго тIаде жавабчилъиги босун, шагьаралде тира-сверизе. Гьабуна къотIи: пуланаб заманалда аслияб майданалда ракIареян абун. Бихьизабураб заманалда гьениве щвана дун. РачIун ратана солдаталги. Амма гьез гьабулеб бихьараб жоялъ гIадаллъизехъин вукIана. АскIосан унел руччаби толаро, ахIдолаан. Гьединаб хьвада-чIвадиялъул солдатал лъиеха бокьилеб увольнениялде ритIизе?
Ахираб заманалда батIи-батIияб къимат кьолеб буго Афгъанистаналъул рагъулъ советиял солдатал гIахьаллъиялъе. Доб заманалъул хIисаб гьабидал бичIчIулеб буго, гьеб тадбир пачалихъалъе кIудияб кIварги магIнаги бугеб иш букIараблъи.