Хаслихъе гъутIбуца тIамах рехула, дицани рехичIо рокьул хъабарча…

Гьедин хъвана Дагъистаналъул политикияв ва жамгIияв хIаракатчи, хъвадаризе гьунар бугев АхIмадпаша Зиявудиновас. Гьал къоязда гьесул тIубалаан 71 сон.

 

Гьесул гIагараб Казбек районалда гьал къоязда тIобитIана АхIмадпаша ракIалде щвезавиялъул районалъул захIматчагIазул ва поэтасул гьудул-гьалмагълъиялъул данделъи. Гьениб гIахьаллъи гьабуна А. Зиявудиновгун цадахъ цIаларал батIи-батIиял районаздаса рачIарал гьалмагъзабаз, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. Гьеб дандчIвай гьабиялъе багьаналъун ккана дагьаб цебегIан гьесда цадахъ университеталда цIаларав З. Ильясовас данде бакIарараб гьесул кучIдузул «ТIанхал гъуна хаслихъе» абураб тIехь къватIибе бачIин.

 

 

Данделъи рагьулаго, районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевас кIудияб къимат кьуна АхIмадпашаца, районалда батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулаго, гьарурал лъикIал ишазе, захIматчагIазе, гIолеб гIелалъе патриотикияб тарбия кьеялъулъ гьабураб хIалтIуе.

 

 

Зикрулагьица ракIалде щвезаруна республикаялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда хIалтIулаго, АхIмадпашаца республикаялда рахьдал мацIал лъазариялде кьолеб букIараб кIваралъул, гьесул гIаданлъиялъул ва гьунаралъул.

 

 

АхIмадпашал асаразул бицунаго А. МуртазагIалиевас кIвар бусинабуна магIарул адабияталда гьес кколеб бакIалде, лирикияб тема рагьизе, магIарул чIужугIаданалъул сипатал рихьизаризе авторас хIалтIизарулел камилал къагIидабазде.

 

 

Данделъиялда гьединго кIалъана районалъул депутатазул собраниялъул председатель Гирисхан Гирисханов, Гумбет районалъул Данухъ росдал школалъул директор МухIамад ГIалиев, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул редактор Мухтар Чупалаев, краевед Апанди Дадаев, Буртунай школалъул завуч Загьраъ ГIалиева, росуцояв НигIматула Имашов, Хасавюрт шагьаралъул бетIер Зайнудин Охъмазов.

 

 

АхIмадпаша Зиявудиновасул кучIдул цIалана Буртунай росдал школалъул цIалдохъан ХIусейнов Жамалдиница.