МагIарул газеталъул редакторал ракIалдещвезаруна

Жеги лъугIун гьечIо магIарулазул миллияб «ХIакъикъат» газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIаралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIулел тадбирал.

 

Долдаса нахъе ана кIиго сон. Гьаб иргадулаб тадбирги сайгъат гьабун букIана газеталъе редакторлъи гьабурал Дагъистаналъул халкъияв шагIир Заид ХIажиевасе ва журналист ХIамид Темирхановасе. Гьел кIиялгоги кколаан Хунзахъ районалдаса.

 

 

Дандеруссин тIобитIана МахIачхъалаялъул №5 школалда. Гьеб рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас.

 

 

Тадбиралъул байбихьуда бихьизабуна «ХIакъикъат» газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ бицунеб видеофильм. Гьениб гьединго бицана 102 соналда жаниб газеталъе нухмалъи гьабураб 14 бетIерав редакторасул ва цIияв тарав редактор ГIумахан ГIумахановасул хIакъалъулъги. МагIарул адабияталъул байрамлъун лъугьараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана ХIамид Темирхановасул гIагарай гIадан Анжела Аслановаги. Гьелъ цIалдохъабазе бицана кIудияв инсул ва гьес нахъа тараб творчествияб нухлул хIакъалъулъ.

Тахшагьаралъул №№5, 11, 34 школазул цIалдохъабаз рикIкIана ва ахIана Заид ХIажиевасул кучIдул. Гьединго гьез цоги нухалда ракIалдещвезаруна жидедаго лъалел цогидал магIарул шагIирзабазул кучIдулги.

ГIали Камаловас ва «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Илясовас цIалдохъабазда бичIчIизабуна магIарул мацIги, гIадаталги, гIамалалги цIунизе ккей.

 

 

— Миллаталъул букIинесеб буго нужеда кодоб. Гьелъул кIул кодосел хважаинзабазда лъалеб гьечIо миллаталъул аслулъун кколеб рахьдал мацI. Хасго шагьаралъул лъималаз квер хьвагIулеб буго гьелда. Гьединаб бербалагьи жакъа нилъерго мацIалдехун бугони, гьеб тIагIине буго. МацI тIагIани, тIагIуна наслу, турула гьелъул кьалбал. Гьединлъидал нужеда тIадабги буго мацI лъазабизе. Жакъа нужеца рикIкIунел кучIдулги гьел рикIкIине нужер бугеб махщелги бихьараб мехалда, божула ниж нужеца мацI цIунизе букIиналда- гьединаб букIана кIалъаязул магIна.

 

 

Абизе ккола гьеб букIанин цIикIкIараб гIелалъ бачIунеб гIелалъе мацIги цIарги цIунейилан гьабун толеб васигат.

 

 

КIалъазе яхъарай №5 школалъул учитель Зара Пашаевалъги бицана гьабсагIаталда шагьаразул школазда рахьдал мацIал малъиялъул ва лъималаз гьел лъазариялъулъ дандчIвалел ругел захIмалъабазул хIакъалъулъ.Тадбиралъул ахиралда букIана кьурди-хъатги. Дандеруссиналъул киналго гIахьалчагIазе кьуна баркалаялъул кагъталги.