Дир гIумруялъулъ «ХIакъикъат»

 

Бищун дагьаб 70 соналъ цIалулеб буго дица магIарул газета. Гьелъулгун гьудуллъи букIинчIебани цIакъ мукъсанаб букIинаан дир гIумруялъул магIна, дагьаб букIинаан гIакълу-лъай, букIинароан гIемерав чиясулгун пайдаяб хурхен, гара-чIвари.

 

Дун гьитIинаб мехалдасаго, магIарул газеталдеги къулун, гьеб цIалулев ватана дида эменги. Гьес газета цIалулаго цо-цо макъалаялдаса жиндирго разилъиги лъазабулаан, хъвалелъул ритIухълъиялъе ва мацIалъул пасихIлъиялъе къиматги кьолаан. КIудияб къимат кьолаан, газеталдасан тIоцере магIарул халкъалъухъе щолел рукIарал, ЦIадаса ХIамзатил кучIдузе, цересел адабияталда машгьураллъун рукIарал гIадамазул асаразе. Школалда учительлъун хIалтIулел соназ гьес, кIвараб хIалтIи гьабулаан, доб мехалъ хъвавухъе, газеталъул абоначагIи цIикIкIиналъе, лъималазе газета бокьиялъе. Хъизамалда гьоркьобги лъикI хъвараб макъала рагIун цIалулаан яги цIализе лъимал тIамулаан. Гьеб ахIвал-хIалалда нижее, лъималазе, газета бокьичIого рес букIинчIо.

 

 

ГIемераб пайдаяб хIалтIи гьабуна газеталъ магIарул мацI — болмацI бечед гьабиялъеги. Цо-цо росабалъ хIалтIизарулел рукIарал рагIаби хисун гIемерал магIарулал гIаммаб газеталъул мацIалъ гаргадизе лъугьана. Масала, нижер БакьайчIи росулъ «речIчIухъ лъугьине» абун гурони, «гугаризе» абураб рагIи хIалтIизабулароан, гьанже гьабула. Газеталъ нижер росдал гIадамазул гаргаралъулъ хисизаруна: «хъинтIулел гIучIал — спичкIаби» «рахчирукъ гьабизе – рахчирукъ хIазе», «торгIокьабгIи гьабизе – торгIо хIазе», «казият хъвазе – газеталъе подписка гьабизе», «абоначи – подписчик», «балугълъиялъул шагьадатнаме – аттестат зрелости», «лъимер гьабиялъул шагьадатнаме – свидетельство о рождении» ва гIемерал цогидалги.

 

 

«ХIакъикъат» газеталъул асаралда гъоркь хисана магIарулазул магIишат, гIамал-хасият, гIумруялдехун бербалагьи. МагIарул газеталъ кьунин абизе бегьула дие магIарул мацIалъул батIи-батIиял кьерал кунчIулеб нур. Дие рокьизаруна магIарулал, гьезул гьунарал, бахIарчилъи, яхIбуголъи, магIарул гIадат-гIамал. Дица, дипломал гьечIониги, газеталъул кумекалдалъун лъугIизаруна гIемерал университетал: магIарул мацIалъул университет, ватIан бокьиялъул университет, магIарул гIамалалъул, ракIбацIцIалъиялъул университет, магIарул гIадан хиралъиялъул университет ва гIемерал цогидалги. «ХIакъикъат» букIана ва буго дир бищун хирияб мугIалимлъунги, тохтурлъунги, хIатта тIагIамаб квен гьабизе малъулеб богогьанцин.

 

 

«ХIакъикъаталъ» вахъинавуна дун журналистлъунги, политиклъунги ва гIемерал рахъал хасияталъулъ рессарав чилъунги. Газеталъул хIалтIухъабазда гъорлъ ратана дида унго-унгоял гьудулзабиги. Гьезулгун бахIсалда, гьуинаб хабаралда вукIиналъги гIемераб жо лъана. Дир ракIжубарал гьудулзабилъун, гIумруялъул нухда дун витIун ккеялъе кумек гьабураллъун рихьула мунагьал чураял МухIамад Шамхалов, ХIажи ГIарипов, ГIабдулмажид Хачалов, Хочо ХIамзатов, ХIусен ХIажиев, МухIамад МахIатIов, МухIамад Пазлудинов ва цогидалги. Киналго рехсон хIалкIвеларо. Кумек ккана МухIамад ГIабдулхIалимовасул, ГIали Камаловасул, МухIамадкамил Гьиматовасул, МухIамад ПатахIовасул ва гIемерал цогидазулги. Абизе бегьула «ХIакъикъат» газеталъул ва цересел цIаразда гъоркь рахъарал магIарул газеталъул тIолалго мухбирзаби, киналго хIалтIухъаби кIочон толарел, лъикIал гьудулзабилъун рукIанин ва ругин.

 

 

Суал бачIине бегьула, дуе газеталъ гьебгощинаб лъикIлъи кьун батани, дуца гьелъие щиб кьурабилан абураб. Дица гьелъие гIемераб пайда кьунин абуни, дунго дицаго вецциялда релълъина. Амма хIаракат бахъулаан гьеб хъвазеги, гьелде макъалаби ритIизеги. Макъалаги босун редакциялде унелъул рекIелъ кIудияб роххелги букIунаан. Газеталъул гьудулзабазда лъала газеталда лъураб дир мукъсанаб букIаниги бутIа. Гьелъул бицинарин.

 

 

ГIемерал соназ газеталъе нухмалъи гьабуралъухъ Камалов ГIалие баркалаги загьир гьабун, ГIумаханов ГIумахан бетIерлъуде ккедал, хьул буго: магIарул халкъалъул газета халкъалъул мурадал цIунулеблъун ва миллатазда гьоркьоб гьудуллъи цIунизе къеркьолеблъун, мацIги, мацIалъул бацIцIалъиги, пасихIлъиги, рухIиял, къадруял, къиматал рахъал цIунулеблъунги хутIилилан. Пачалихъ, светияб букIаниги, гIемерисеб халкъ Аллагьасда божулеллъидал ругел, араб гIасруялъул сурараб гIамал – атеизмги рехун тун, диналда божулезул мурадал цIунулеблъун букIинилан. ХIакимзабаз халкъалъул мурадал хIисабалде росуларел хIужаби дандчIвани, хьул буго газета халкъалъул рахъалда букIинин абураб. ХIакимзаби ритIухъал ругони, гьезул рахъкквейги газеталда тIадаблъун бихьизе ккела. Газеталъ мухбирзабазулгун хурхен щула гьабизе ккела. Мухбирзаби газеталдаса рикIкIад гьаризе цIакъ бигьаяб иш буго, макъала бахъичIого тани гIола. РакI унтичIев мухбирас къалам кодобе босуларо, гьесул ракIунти бичIчIизе хIаракат бахъизе ккела. Аби буго «гъанкъулев хвасар гьави живго гъанкъулесул иш бугин» абураб. МагIарул мацIги загIиплъун, хъвадарулел чагIиги лъугIун, хъваниги цIализе чиги щвечIого газета къаялде ккезеги рес бугелъул, газеталъ депутатазда гьоркьоб хIалтIи гьабун, школазда магIарул мацI цIунулеб хIал гьабизе ккела, магIарул газеталъе журналистал хIадуриялде, магIарул мацIалъул мугIалимзаби рахъунеб бакIазде кIвар кьезе ккела. Нилъералго гьитIинаб гIунгутIиялъе гIоло какулеб, чияразе кигIан кIудияб гIунгутIи бугониги наку чIвалеб хIал миллаталъул букIине бегьиларо. Газета жамгIияталъулгун, жамагIатазулгун хIалтIи гьабулеб идара кколелъул, кIочон тезе бегьиларо газеталъул халкъалъе тарбия кьеялъул кIвар ва халкъалъ жидецаго газета хъваледухъ хIалтIи гIуцIизе ккела. Жидее газеталъ пайда кьолеб бугони, гьелдаса инкар гьабулел чагIи дагьал рукIина.

 

 

Газета, халкъалъул мурадал тIадчагIазухъеги щвезабулеб, тIадчагIазул мурадал халкъалъухъеги щвезабулеб гьоркьохъанлъун букIине ккела. ЦIодорал тIадчагIаз жидерго гъалатIал рахчизе газетал тIамуларо, ритIухъаб критика гьабунилан барщаруларо. Халкъалъул мурадалги, тIадчагIи хIакъир гьарулареб, хIакъал мисалалгун хIужаби рачун бихьизабулеб, хIакимасул гъалатI ккун батани кантIизарулеб, ургъунго биччараб такъсир батани законалъул цIал кьабулеб букIине ккела.

 

 

ГIумахан ГIумахановасеги гьарула Аллагь разилъи, хIалтIулъ икъбал. Ригь арав, 80-йилъе вахунев чиги вугелъул, малъарунилан гIайибги гьабуге.