Хвалилгун дандчIвай ва тIоцебесеб пашманлъи

 

Лъимерлъи дир талихIаб букIана. Инсуцаги дун бищун гьитIинав вугилан гогьдаризе гьавулаан.

 

Гьесда данде рагIи абизе кIолев чиги хъизамалда цо дун гурони вукIинчIо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цIураб, вугев цIакъав василан абураб жо гурони гIинда чIвалареб, талихIаб гIумру букIана дир. Цо заманалдаса дие гьавуна гьитIинав вац. Гьев вукIана цIакъго чIагояб, тирияб, цо бакIалда чIезе кIолареб лъимер. РакIалда буго дун гьевгун васандулев вукIараб мех. Ниж рохун рукIарал куц гьес тIоцересел галаби тIамигун, тIоцересел рагIаби абигун…

 

 

РакIалда гьечIеб балагь тIаде бачIинегIан. Эбелги, унтарав чиясе хехаб кумек гьабизе аскIоб бугеб росулъе ине ккун, гьитIинав вас тола рокъов, дир яцалда аскIов. Цо параялъ гьелъ тIаса бер босидал, чайник1алъул кварги цIан, гьалараб лъим уна дир вацасде тIаде. КигIан дару-сабаб гьабуниги, гIемераб мехалъ кIолеб букIинчIо ругънал сах гьаризе. ГьабсагIаталдаги рекIелъ къан буго, эбелалъ уколал гьарулаго, гьесул букIараб гIоди…

 

 

Дица гьарулаан эбелалда уколал гьаругейин, гьесда унтулеб бугин. ГьабичIони дагьабги цIакъ унтула, дир василан, абулаан эбелалъ. Гьанже бичIчIана дида досул цIа-кан гIодобе биччазабизе кIоларого дол рукIараллъи. Хасалил сордо… РогьинегIан цо лахIзаталъ чIечIого гIодилеб лъимер… Гьесде тIаде къулун гьабизе жо тIагIарай эбел… РакIалда буго цо квачараб хасалил сордо. Эменги вукIинчIо рокъов – жиндирго къваригIелалъ районалдейищ, шагьаралдейищали ун вук1аравали. Дун ворчIизавуна гIодиялъ. Валагьана юргъаналда гъоркьан. Эбел йигоан гIодулев гьитIинав вац веэдун, гьевгун квалквадилей. Гьев гIодове вуссинародаян берцинал, хIеренал, недегьал рагIаби гьесда абулей. Цо заманалдаса эбелалъул гьаракь тIагIана, вацасул гьаракь дагьабги кIодолъана. Валагьидал, эбел йиго досда гьумерги цвизабун, нижеда рагIичIого букIине, гIодилей. Щаялиго дун хIинкъана вагъаризе.

 

 

Дида кколеб букIана, жийго йихьарайлъи лъани, эбел дагьайги цIакъ гIодилилан. Кин кьижун ккаравали лъаларо, ворчIидал рокъов щивго ватичIо. Вацал-яцалги кирениги ун ратилаха. Эбелги боцIи-панз тIубазе унаан радал. ЦохIо дир гьитIинав вац вугоан бусада вегун. Дун вилълъана гьесда аскIове. ЧIахIиял беразул дир берцинав вацасул бакIалда дида батана батIияб лъимер. Жанире рортун арал берал… кIаркьабазул бакIалдаги хутIараб жого гьечIоан… херав чиясул гIадал ракъварал кIутIбузда тIогьилаб гъат… хехго босулеб хIухьел… каранда хъир-хъириги бугоан. Дица хIалбихьана гьесие ракI-макI гьабун цо жо абизе, гьев дидехун вуссунев вукIинчIо. Къасиялде вуссана эмен. Эбелгун щурун цо жо бицунел рукIана гIемераб мехалъ. Канлъиги ссун букIана. Боркьараб печги, хинаб рукъги, унтараб лъимералде къуларал эбел-эменги. Гъасда цIадухъа бачIараб загIипаб канлъиялъ гьурмал рукIана гьезул лъаларедухъ хисизарун. Радал дун ворчIидал рукъ буго гIадамазул цIун. Киналго, къацандилел гьечIониги, цоцазухъ гIенеккичIого, цояз цоял къотIизарун руго гаргадилел. Дида щибго бичIчIизе кIолеб гьечIо, чияр гьаркьал руго гIаданир рагъилел. Эбел-эменги гьечIо рихьулеб бакIалда. ГьитIинав вац вегун вукIараб бакIги буго бакIа-бахарун…

 

 

Азбаралъув эменги цоги чиги ругоан кIудиял лълъурдузул дегIен хъолел. Гьурмалги ругоан гьезул кьерхун, дида бичIчIулеб букIана цо лъикIаб гуреб жо ккун букIин, амма щиб гьебали лъазе гIураб бичIчIи ва дунял бихьи букIинчIо жеги. Цо дагьаб добегIан цIадуда кIудияб росдал хьаг рекъезабулел ругоан кIигоял. ЦIаги бакун дагIнил гьан цIеде ккезабуна росулъа кIудияв чияс. Дирго гIелбащадалгун, ракъарал ниж рукIана гьеб хьагида сверун лъугьун, кидадай гьан белъинаян. Амма дир цо дагьаб рахIатхвей букIана. КIиго суалалъ букIана дир рекIее хIалхьи толарого. Киве дир гьитIинав вац арав? Ва кий йигей дир эбел? Гьеб суал кьезеги бокьун букIинчIо дие, хIинкъун вукIана. Цо дагьаб заманалдаса нижер рокъоре лъугьун ана бихьиназул тIел. Гьел жанире лъугьаралго, щивго чиго жанив гьечIебгIанги сихIкъотIиялда букIараб рокъосан гьаркьал рагIизе лъугьана. Гьел заман бахъанагIан кIодолъулел рукIана ва гIодиялде сверана. Циндаго гьеб рукъалъул къадал риххилеб гIадаб гIассияб гьаракь бахъана.

 

 

НуцIа рагьун бачIана ва дол бихьинал лъугьана рокъоса къватIире. Рагьараб нуцIихъ дирго эбелалда бер чIвана. Гьей дол къваридаб къотIносан хехго унел бихьиназда хадуй йортизе къваригIун къеркьелей йикIана, амма руччабаз ккун, йиччалей йикIинчIо ва рокъое жание йилълъаян гьарулеб букIана. Цо бихьинас чIезеги чIун гьаракь гьабуна руччабазде. Гьеб мехалъ бихьана дида гьеб тIелалда цеве-цеве дир эмен вукIин ва гьесда кодоб цо тIогьилаб одеялалъулъ жемараб жо букIин. Эбел руччабаз жание ячун ана, росдал лъимал бихьиназда хадур рекерун ана. Дун хутIана чIобогояб къватI бакьулъ чIун: гIодулей эбелалде аскIовейищ инев, дол лъималазда хадувищ векерилевали лъаларого. ИнчIо цонигиязухъе. Мадугьалзабазул цо тIокъодеги лъугьун, чIалуялда гIодовги чIун, агьиялда гIодана. Дун гIодилев вукIана берда цере тIамурал вахIшиял, церехун дида рихьичIел суратал цере тIамун. Додинал кIудиял гьаркьал гьарун гIодилей йигей эбел. Инсул гьурмада бихьараб къварилъи, хъолаго хъирхъириялда чIучIадилеб букIараб дегIен, гьитIинав, щибго бичIчIуларев, амма цо кIудияб балагь тIаде бачIун букIин лъалев дидаго гурхIун гIодулев вукIана дун. ГIодулев вукIана балъго, гIадамазда вихьизе гуринги абун. Гьеб букIана дир тIоцебе гIадамазда рагIичIого вукIине гIодулеб мех. ГIемераб заман бана дица доб чIалуялда кIусун. Квералги цIорона. ХIатIалги цIорона. Дун лъицаниги валагьулевги вукIинчIо. Киве дун аравалиги лъидаго бихьичIо ва диде регIарав чиги вукIинчIо. Хадуб букIараб дагьаб-макъаб буго ракIалда.

 

 

Дида аскIой цо херай гIадан… Гьелъ кверги ккун вачунев рокъове… Нижер рукъ… Росдал лъималги чIахIиялги чIарбида гIодорги чIун чедгун гьан кунел… Цо чIегIераб ретIел ретIарай гIадан кIудияб гелги босун лъималазе гьагIу тIолей… Доб цояб рокъоб столалда нахъа бихьинал… Гьезда гьоркьов эмен… Дида кинго бичIчIизе кIолеб гьечIо, дир эбел гIодилей йигей мехалъ, кинабго росу щай нижехъ бугеб, лъимал щиб гьабулеб чIиргъи-хъуялда рохуца холаго гьанир кваналел. Цо бокIнив вукIинеги гьавун диеги тIуна гьагIу ва кьуна кодобе чед. Дун цIакъ вакъун вукIана… гуро, дун вакъун вукIине кколаан… Амма дида сундулго тIагIам лъалеб букIинчIо. Гъираго гьечIого чед чIамулев вукIарав дун ахIана эбелалъухъе. Дида ккана гьаб бецIаб рокъоре киналниги росдал руччаби ракIарун ругилан. Эбелалъ тIадеги яхъун, къвалги бан, дун жиндаго аскIов гIодов вукIинавуна. ХIалицаго ккун магIугун абуна:

 

 

— Мун кванаравищ, дир вас?

 

— Кванана…

 

— Нилъер Элдар кив вугев? — илан байбихьулаго дун эбелалъухъ валагьана… ва ниж кIиялго цадахъ гIодун риччана. Руччабиги гIодана. Гьеб хинаб рокъоб, эбелалда аскIов кьижун ккун ватана дун. Радал вахъиндал бищун цеве векерана унтарав вац вегун вукIараб бусаде аскIове. Гьеб гьанжеги бакIарун батана. Азбаралъуй ятарай цо дир гIелалъул гIадай ясалъ абуна дида:

 

— Нужер Элдар хун вуго… гьев хабалалъ вуго, доле дова…

 

Долъ килищ битIун букIана росдал хабзал ругеб бакIалде…