Ракьалда лъалкIал

ТалихIал къоял

 

СагIидова Шагьрузатица 90 сон тIубаялде

Дир букIана анкьго сон тIоцее берцинай чIужугIадан Шагьрузат СагIидова йихьараб мехалъ. Гьей йикIана киналго росдал руччабаздаса батIияй, ретIа-къаялъул рахъалъги, кидаго гьимун гурони кIалъангутIиялъги, ниж лъималазде букIараб батIияб хIе­рен­лъиялъги. Гьей дида гIемер йихьулаан тIугь­дузул квацIигун, цадахъ батIи-батIиял шагьаралдаса рачIарал гIадамазул къокъабигун. Нижер минаялда Фазу ГIалиевалъул гьалмагъин абулаан гьелда.
Гьелъул яс Асиятги дунги цIалулел ру­кIана цо классалда. Дун йохулаан эбел-инсуца гьезул дое йиччаялдаса. Дида киданиги йихьичIо гьей хIалтIи гьечIого. Шагьрузат гIемер цIалдолаан, юкъарулаан, цо щиб бугониги хьухьуней ятулаан. Нижее – лъималазеги гьарулаан гьелъ гIемерал пайдаял малъа-хъваял. Ригьалъ кIудияй йигониги, нижер минаялда бищун берцинайги йикIана гьей. РакIалде кколаан дунги гьелда релълъарай йикIинин.
Шагьрузат хIалтIана Гъуниб районалъул КIогьориб школалда, ВЛКСМалъул Обкомалда ва 25 соналъ хIалтIана Хьаргаби КПССалъул райкомалъул секретарьлъун.
Гьал къоязда гьелъ тIубана 90 сон. Шагьрузатида юбилей баркизе дунги ана газеталъул редакторасул заместитель Зикрула Илясовгун цадахъ. РакIалдаго гьечIого рачIарал гьалбадеридаса йохана Шагьрузат. РакIалде щвезабуна партиялъул хъулухъалда араб гIумруги хIалтIулъ дандчIварал захIмалъабиги. Бицана кинал гIарзалгун, суалалгун гьелъухъе гIадамал рачIунел рукIаралалиги. Газет-журналалдехун жиндирго бугеб рокьулги, «ХIакъикъат» газеталъул гьабулеб къиматалъулги Шагьрузатица разиго бицана нижеда:
— Гьеб букIана 1944 рагъул сон. Гъуниб районалъул КIогьориб росулъ анкьабилеб класс лъугIарай дун инсуца йитIана Ма­хIачхъалаялде руччабазул педагогияб институталде цIализе.
15 сон барай квергIанасей яс кие дуца йитIулей йигеян дандечIун йикIана эбел. Инсуца гьелда бичIчIизабуна яс гьанжего букIинесеб гIумруялде хIадуризе кколин. Гьесул рагIуда тIад кIалъазе эбелалдаги кIвечIо.
Доб заманалда дир эмен вукIана тIоцересел дагъистаниял-учительзабазул цояв.
1924 соналда гьесул хIаракатал­далъун рагьана цIияб школа КъахIиб районалъул (гьанжесеб Шамил район) ТIелекь росулъ. Дида рокъоб бицунеб рагIулаан кинаб захIмалъиялда гьес школа рагьарабали. Доб заманаялъ школалде лъимал риччаларин, гьел капурлъулин абулаан. Инсуда лъикI лъалаан гIараб мацI. Гьес Къуръан цIалулеб бихьун ва мацI лъалеб букIиналъ гIемерал херал чагIаз байбихьана гьесул адаб-хъатир гьабизе ва дагь-дагьккун лъимал школалде ритIизе. Гьелдаса хадуб гIемерал соназ инсуца директорлъи гьабуна батIи-батIиял школазда.
КIоченчIо гьев ва гьес гьабураб хIалтIи. Гъоркьиса 7 октябралда КIогьориб росулъ тIобитIана школалъ 90 сон тIубаялъул байрам, кьуна школалъе дир инсул — СагIит МухIамадовасул цIар. Гьанже гьенив вугев директор Жамалудин АхIмадовас кIудиб материал бакIарун бугоан инсул ва дир гIумрудул хIакъалъулъ. Школалъул къеда бан бугоан инсул сурат бахъараб хъарщи.

Институт лъугIун ячIарай дун хIалтIана школалда, амма гьениб заман бахъилалдего тIамуна района­лъул комсомолалъул секретарьлъун. Гьел рукIана 1950-1955 сонал. Хадуй тIамуна ВЛКСМалъул Обкомалъул пионеразул ва школалъул лъималазул заведующаялъун. Гьенисанги дун ана цIализе Сталинградалъул партиялъул тIадегIанаб школалде. Гьенийги цIалана ункъо соналъ, 1960 соналде щвезегIан.

Партиялъулаб школа лъугIун хадуй дун йитIана Хьаргаби партиялъул райкомалъул секретарьлъун хIалтIизе, хIалтIана 1985 соналде щвезегIан.
Гьел соназ дица нухмалъи гьабулеб букIана идеологияб хIалтIуе. Унаан росабалъе, районалъул фермабазде, школазде, бригадабазде. Гьенир гьарулаан гIемерал дандчIваял. Дирго кIалъаязда аслияб кIвар буссинабулаан гIадамазул лъай борхизабиялде. Хасго руччабигун гIемер дандчIвазе кколаан, ахIулаан гьел нижехъего, политикиябгун магIишатияб гIумруялде гьоркьоре цIалаан. ГIуцIана руччабазул хасаб клуб. Гьенир зама-заманалдасан данделъулаан ва цере лъолаан хъизамалъулги, жамгIияталъул гIумруялъулги, лъималазе тарбия кьеялъулги суалал. Доб мехалъ нижеца Хьаргаби тIобитIана кIудияб руччабазул байрам Октябралъул хIуригаталъ 50 сон бай кIодоги гьабун. Гьенире рачIун рукIана сверухъ ругел районазул вакилзабиги. Киналго рохун рукIана гьение Фазу ГIалиева ячIиналдасаги, гьелъ бицараб гIакъилаб рагIудасаги, цIаларал кучIдуздасаги.
Гьелдаго цадахъ гIемер тIоритIизе байбихьана батIи-батIиял данделъаби, «Ахбазаналъул байрам», «Меседил хасел» ва цогидалги вечерал. Дун унаан районалъул хъутабазде, магIарде, дояркабазухъе, гIухьбузухъе.
Чанго соналъ тIатIалаго Хьаргабире практикаялде рачIунаан Патрис Лумумбал цIаралда бугеб Университеталъул студентал. Гьезулгун гьарулаан хасал дандчIваял, тIоритIулаан гьудуллъиялъул концертал, рачунаан берциналщинал бакIал рихьизаризе. Аслияб къагIидалъ дица гьабулаан гьезулгун хIалтIи. Гьеб хIалтIудаса рази вукIарав гьезул нухмалъулес хас гьаюн дун ахIана университеталъул ректорасухъе Москваялде ва дие ХIурматалъул грамота кьуна.
Доб заманалда ясал цIализе риччаялъул суал букIана цIакъго захIматаб. Росу тун къватIире ясал ритIиларин лъугьунаан умумул. Школазда гIолел рукIинчIо руччабазул кадраби. Чанги рачIунаан ясал нижехъе гIарзалъ инсуца цIализе риччалел гьечIин абун. Дун унаан ясазул умумухъе, хас гьабун кIалъай гьабулаан, бичIчIизабулаан ясалги цIализе ритIизе кколин. ЦIакъго умумул мукIурлъулел гьечIони, гьеб суал босулаан хас гьабун жамагIаталъул собраниялде. Кин бугониги, нижехъа бажарулаан ясал цIализе ритIизе умумул мукIур гьаризе. Гьедин чанго яс ана цIализе. Хадур дихъе студентаз ритIун рачIунаан баркалая­лъул кагътал.
ГIемер рачIунаан рос-рукъалъул суалалгун. Вокьарасе кьолей гьечIин, яги йокьарай ячине толей гьечIин. Щибаб нижехъе бачIараб суал тIубазабиялда тIад хIалтIулаан дун.
ГIумру унеб буго, дун йиго гьанже хIурматияй пенсионер. Минаялъул азбаралъуе яхъун, гIага-божаралгун кIалъан йикIуна.
Гьаб ахираб заманалда бищун рекIелъ къараб жо буго, кие ялагьаниги, магIарулаз гIурус мацI бицунеб букIин. БитIун абуна Расул ХIамзатовас: «Метер магIарул мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго жаниб ракI кьватIун!» абун.
КъанагIалъун руго, жал магIарулал ругониги, мадугьалихъги рахьдал мацI бицунел чагIи. Гьелъие гIилла щиб, гIайибияв щив абун гьикъани, дица абила эбел-эмен ругин. Гьез лъимер гьабураб къоялдаса рокъоб бицунеб буго гIурус мацI. Цебе умумуз рокъоб бицунеб букIана рахьдал мацI — цоги киса кибго бицунеб букIана гIурус мацI. Жакъайин абуни киназго бицунеб буго гIурус мацI, руго магIарулал жидеда цогIаги рагIи рахьдал мацIалда лъаларелги. Цо-цоял чIола магIарул мацI цIакъго захIматаб бугилан. Мунагьал чураяв, Унсоколоса Хьаргабив хIалтIулев вукIарав партиялъул райкомалъул тIоцевесев секретарь МухIамад Гьиматовас абулаан магIарул мацIалдаса бечедабги бигьаябги мацI гьечIилан. БитIарабги буго! Нилъ чIухIизе ккола мацIалдасаги миллаталдасаги. МагIарулазул къадар Дагъистаналда буго бищун цIикIкIун. Нилъеда тIадаб буго мацI цIунизеги. Школалда кьолеб цо-кIиго дарс цIакъ дагь буго, умумуз рокъоб бицинчIони, гьеб тIагIине букIин хIакъаб буго.
МагIарул мацI бицунаго унел эбел-лъимал рихьигун, гьел чIезеги гьарун, дица баркала кьола рахьдал мацI бицунелъухъ. Нилъ чIахIияз берцин бицине, малъизе лъикIаб буго гIун бачIунеб гIелалда мацI кIочене тогейин. ГIурус мацI лъачIого хутIуларо шагьаралда. Гьеб киса-кибго бугелъул. МагIарул мацIин абуни буго эбелалъул рахьдада цадахъ нилъее рокьигун кьураб.
Дица цIалулеб «ХIакъикъат» газеталда гIемерал рукIуна мацI цIуниялда хурхарал, лъикIал художественниял, ракIалдещвеялъулал макъалаби. Гьеб лъикIаб хIалтIи жеги цIикIкIинабиялда тIад хIалтIизе бокьилаан гьелъул мухбирзаби.
Дун йиго кидаго газета хирияй, мухъ течIого гьеб цIалулей, «БагIараб байрахъ» букIаралдаса жакъа къоялде щвезегIан гьеб дирго гьудуллъун ккурай чIужу.
Цебе букIаралдаса газета кьучIдасанго хисун буго. Гьелъ жанире рачун руго гIемерал суалал: жанисеб, къватIисеб ахIвал-хIал, хъизам-лъимал, рукIа-рахъин, тарих, литератураялъул макъалаби. КIочон гьечIо сахлъиялъулги, районаздасаги харбал, гьитIичазе гьурмал…
Дие бищунго бокьула культураялъул, искусствоялъул хIакъалъулъ хъварал макъалаби. Бокьилаан, такрар гьаруни, МахIмуд ГIаб­дул­халикъовасул, ПатIимат Хизрое­валъул, Сидрат Мажидовалъул ва цоги артистазул хIакъалъулъ цIа­лизеги. Цере гьезулгун лъикIал дандчIваял рукIунаан, хIурматги кIу­дияб букIунаан. Кире рачIаниги, гьез росуго бохизабу­лаан.
БукIана нилъер моралияб кодекс абураб хъвай-хъвагIай. ЛъикIаб букIинаан лъималазе гьел суалазул бицани. КIудияв чи вачIингун тIаде рахъине ккеялъул, салам кьезе лъикIаб букIиналъул, лъикIал гIадатазул, гIадатиял гIадамазул хIакъалъулъги.
Кин бугониги, кIудияб баркала буго киналго газеталъул хIалтIухъабазе аслиял тарихал, дун гIадал чагIи кIочонгутIиялъухъ. Дие цIакъ кIудияб рохел букIана нуж дихъе рачIин. ГIемерал ратила дунго гIадинал. Дие бокьилаан нужеца гьезулги хъвани. Дица баркала загьир гьабулеб буго нужер хIалтIухъабазе, дирги, нижер росуцоязул ва лъималазул рахъалдасанги.
ПатIимат Расулова