Гьалмагъасул хIакъалъулъ рагIи

ВатIаналъул унго-унгояв патриот

Варис вукIана Аллагьас сценаялъе вижарав чи

Жиндир мунагьал чураяв Варис вукIана цо батIияб гIамалалъул чи. ГIодове виччарав, сабурав, хIалимав, гIаданлъи бугев, гIадатлъи бугев, гIадамазда гъорлъ жуварав, ракI рагьарав, кумекалъе хIадурав, кивго хIажаталъе ватулев, гIисиназдаги чIахIияздаги сундулъго кверчIвазе хIадурав, кидаго жив аваданав, эркенго хIухьел цIазе бокьулев чи. Халкъалда гьоркьов машгьурлъанагIан, гIадатиял гIадамазда аскIов гIагарлъизе бокьулев чи… Живго кIудияв гIунагIан, гIамал гьитIинав чи…

Варис вукIана кибго цебехъанлъи гьабизе бокьулев чи. Сценаялда актерасулаб культура цIунизе лъалев чи. Бокьараб лъикIаб хIалалъ киналгIаги батIи-батIиял данделъаби, концертал, вечерал, бертаби, церерахъинал нухда рачине лъалев чи. Варис вукIана Аллагьас сценаялъе вижарав чи.
Варис Нуровасул бакъназдасанго бичIчIула гьев ВатIаналъул унго-унгояв патриот, жив гIураб росу-ракь, гIагараб Гъуниб район, Дагъистан хирияв чи вукIин. Хасго жиндир миллаталъул магIарулал рокьулаан Варисие, Расул ХIамзатовасда цадахъ лъугьун. Хъвана гьес аслияб куцалъ кIудияв шагIирасул кучIдузе гIемерал бакънал. Миллаталъул гимнлъун лъугьарал «МагIарулазул улка» ва «МагIарулал» абурал Расулил кучIдузда цадахъ киса-кирего машгьурлъана Варисил бакъналги. «Борхатаб Гъуниб» абураб дир кечIги гIенеккулезда рагIана Варис Нуровасул бакъаналда цо чанго батIияв кочIохъанас ахIулаго. Бакъназда цадахъго Варисица жинцагоги хIалбихьулаан магIнаял кучIдул хъвазе.

Вай, бер гIорцIуларо, бер гIорцIуларо,
Бугеб боцIудаса чанги чагIазул.
Дунни гIорцIуларо рокьиялдаса,
Ракьцоял гIадамал, нужеде бугеб!

ГIемерисеб нилъер творчестваялъулаб интеллигенцияго гIадин, жакъасеб къоялъул пашманаб къисматалъ веэдичIо Варисги.

Гьудулзабаз абула цIияб бакъан бахъеян,
ЦIигьабун гIуцIиялъе хасал нотаби хъваян.
Дица жаваб гьабуна гьанже ирга дихъ гьечIин,
Далай-щалай гIемерлъун, гIинкълъарав бецлъун вугин.

Варис вукIинчIо кинабгIаги хъулухъалъ ворхизавурав ялъуни гьелъул даражаялъ тIадегIан гьавурав чи. Гъуниб районалда Культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун хIалтIулагоги, тIалабчилъи бихьизабуна гьес сундулъго. ТIад ругезул амру тIубазабизе гIоло батIи-батIиял жал ургъолаго жиндир хIалтIухъабазде семулаго-вагъулаго гуребха, гьел битIараб нухде рачунаго чанги къагIидаби ратана гьесда районалъул культура ва творческияб нух гIатIид гьабизе…
МагIарулаз Надир-шагь щущахъ виххизавураб, Шамил-имамас ахираб щулалъи ккураб Гъуниб мугIрул тIалъиялъул тIанкIгIанасеб ГIобох росулъ I956 соналъ гьавуна магIарулазул машгьурав композитор, кочIохъан, шагIир, Дагъистаналъул Культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, Дагъистаналъул миллияв бахIарчи, унго-унгояв гIадатияв вас, магIарулав, гIаданлъи цIикIкIарав кIудияб хIарпалъул Инсан Варис Нуров.
… ГIолохъанав композитор мустахIикълъана 1986, 1988, 1989 соназ СССРалъул Композиторазул союзалъул дипломазе. 1990 соналда ва гьелдаса хадубги МахIачхъалаялда тIобитIана Варис Нуровасул творчествоялъулаб чанго вечер.
Варис Нуровасе – махщел гIурав кочIохъанасе, гьунар камилав композиторасе кидаго къиматаб букIана шигIрияб рагIи. Гьес цебего хъвалел рукIана кучIдул. Гьел рахъулаан газетаздаги журналаздаги. КъватIибе биччана «КунчIараб цIва» ва «Дунялги ахиратги» абураб шигIрияб кIиго тIехьги. Цо батIияб хаслъи батула гьесул кучIдузулъ. Балагье цо, ункъо мухъалда жаниб жиндир гIумруялъулги гIамал-хасияталъулги сурат кьезе кIун буго Варисида:

Гьудуллъи бичичIо, намус биличIо,
Борхатго цIунана цIаги гIищкъуги.
ХIилла-макру лъачIо, къулизе лъачIо,
Къадарал чагIигун бокал борхичIо…
Ма ша Аллагь, цо камиллъи ва мухIканлъи рагIабазул!

Варисил руго цоги гьадинал рагIабиги:
Дида бичIчIуларо дуниялалде
ДагIба-рагъ, мацI-хIилла кисан бачIунеб?
Квешабги лъикIабги лъалеб мехалда,
Лъалиниса хвалчен щай къватIиб цIалеб?..

Зобазда бакъгун моцI, кенчIолел цIваби,
Нуж даим рукIана, рукIине руго.
Нилъ рачIуна-уна, тIанхал гъенола,
ТIугьдул их бачIингун бакъуй гьимула.

Варис хванилан хабар рагIидал, цIакъ ракI бекана, бакIаб тIалу тIаде бегана. «ТIокIалъ кIалъаларо ХIасановилан дихъе гьевилан» пикраби рещтIана ботIролъ… Аллагьасул къадаралдаса лъиегIаги рорчIизе бакI гьечIелъул, гьарила гьевгун цадахъ нилъ Алжаналда данделъизе къотIи батагиян ва иманалда гьев тIовитIун ватагиян. Амин!
МухIамад ХIАСАНОВ,
КIуяда росу