Жакъаги гортIа лъун буго тIугьдузул квацIи

 

   Иргадулаб сапаралъ уней йикIана дун – Хасавюрт районалда бугеб Къамыш-хъутаналъул гимназиялда тIобитIулеб поэзиялъул байрамалде. Унел рукIана МахIмуд-Апанди МухIамадовасул машинаялдаги рекIун. Гьеб къоялъ тIоцебесеб нухалда вихьана дида гьев. Гьесул машинаялъуб букIана кьер-кьерал розаби жанир сокIкIараб тIугьдузул ваза.

 

    Гимназиялда кIудияб адабгун ва хIурматгун дандчIвай гьабуна шагIирасда. Кавудухъа школалъ- ул нуцIихъе щвезегIан эхетарал цIалдохъабаз хъатчIвана, ниж жа- нире ун рахъинегIан. Данделъ- абазул залалде ракIарун ратана школалъул хIалтIухъабиги, учи- тельзабигун цIалдохъабиги, гьезул улбулги. Бицана МахIмуд-Апандил гIумруялъулги шигIрияб гьуна- ралъулги хIакъалъулъ. ХIасраталда рикIкIана гьесул асарал ва ахIана кучIдул. ЦIалдохъабазул мацIалъул пасихIлъиялъги шагIирасул асаразул магIнаялъул гъварилъиялъги киналго рази гьаруна.

Тадбиралдаса тIадруссунел ру­ кIана. Дир берчIвана доб машинаялъубго хутIараб тIугьдузул квацIиялда. «ВахI, гьанибеги ба­чIана, нахъеги босулеб буго. Щайдай босунго букIараб? Кидаго жаниб букIунебцин гуродай… Бихьулищ, шагIирасе кибго бокьулеб буго берцинлъи», — гьединал пикрабазда йикIана дун. Добеги нахъеги МахIмуд-Апандица бицунеб сабураб, магIнаяб ва пайдаяб харбица сапаралъул халалъи чIамучIлъизе течIо.

   КигIан дун дандечIаниги, рукъалъул кIалтIе щвезаюна МахIмудАпандица. Машинаялъуса яхъунаго, дихъе бегьун бачIана доб квацIиги. «Цадахъ мухбир ячине кколин абидал, босун букIана гьаб. ЧIагоял тIугьдул хехго речIала, гьал ракIалде щвеялъе нахъе хутIила», — янги абун, дихъе квацIи бегьана. Сапаралдаги, тадбиралдаги, харбида рукIагоги гьесул вукIа-вахъиналъ хIикмалъизаюрай дицаги разиго къабул гьабуна гьеб.

Гьедин байбихьана гьев гьайбатав инсанасулги дирги хадубккун вацлъиялде сверараб гьудуллъи. Гьелдаса нахъе чанги дандчIвалаан адабияталъул ва ма- данияталъул батIи-батIиял тадби- разда. Щибаб дандчIваялъ гьабула- ан гIажаибаб асар. Гьадинавгийищ инсан вукIуневин кколаан ракIалде. ЦIалулаан гьесул асарал – щибаб цIияб тIехь сайгъат гьабулаан гьес дие. Гьенир ратулаан гъваридал пикраби, гIумруялда хIажалъулел малъа-хъваял, суалазе жавабал. Бачинин цо мисал.

ГIажаибаб рокьул дунялалда рекIел рухIелалъ угьараб «панаяб хIухьел» гьурщулеб буго «ХъахIабросулъа МахIмуд» абураб кучIдузул тIехьалда МахIмудАпанди МухIамадовас. Гьелъул хIакъалъулъ бицен ккараб мехалда, шагIирас бицана жиндирго рокьул къиса. «Нижер – кIиявго шагIирасул – цIаралги цого руго, къисматги релълъараб ккана», — ян абуна гьес. «МахIмудицаго гIадин, дицаги хъамуна чIужу, амма Муица гIадинаб рекIкI гьабичIо дие Залихаца», — ян тIадеги жубана.

   Щивав шагIирасул буго жиндирго хатI, гIицIго гьесие хасиятаб поэтика, дунялалде хасаб берба- лагьи. ХъахIабросулъа МахIмудил хIакъалъулъ хъвараб поэмаялда МахIмуд-Апандица хIалбихьулеб буго шагIир чIварав Магьдиласул сипат-сурат рагьизе. ЦIакъго гъорлъе ваккун, гъварилъуде лъугьунев гьечIониги, поэмаялъул ахиралда шагIирасул хабада Магьдилас гьабулеб дугIа цIаларав чиясда авторас бичIчIизабулеб буго чIвадарухъанасул рекIел ахIвалхIал. Гьебин абуни, расги бигьаяб букIинчIо… Тохлъукье гьудулги чIван гIумру гьабизе чIаго хутIарав Магьдиласул рагIаби цIаларасул бадиса магIу баккизабула шагIирасул гьунаралъ.

Цо нухалда МахIмуд-Апанди вачIана хIалтIуде. «АскIоб бугеб бас- маханаялда вукIана. Рокъое йилъ- лъинарищ мун?» — ан гьикъана дида. ХIалтIул къоги лъугIанин, йилълъинаян жаваб кьуна дицаги. Нухда гьес абуна, госпиталалъул кIудиясул хIакъалъулъ макъала хъваларищан абун. ТIаде щолеб букIана Ибрагьим МухIамадовасул юбилей. Хъвалахаян жаваб кьуна дица. Гьедин ккана госпиталалъул бетIерав тохтур Ибрагьимилгунги лъай-хъвай. МахIмуд-Апандида цадахъ щвана гьесул рокъоеги. Гьоркьоб заман ана. МахIмуд-Апандица абуна, жинца Ибрагьим-хIажиясул хIакъалъулъ тIехь хъвалеб бугин ва дир кумек къваригIунин абун. ХIалтIана тIехьалда тIад. Дица цIалулаан ва гъалатIал ритIизарулаан МахIмудАпандица ракIарарал гIурус мацIалда хъварал макъалабазда. Гьесда цадахъ щвана батIи-батIиял гIадамазухъе ва гьезулгун гьаруна тIехьалда лъезе гара-чIвариялги.

МахIмуд-Апанди вукIана гIажа­ ибго инсан хирияв чи. Жиндиего гьабураб лъикIлъиялъухъ, тIолабго дунял кьезе щваниги, гIорцIулароан гьесул ракI. Госпиталалда ва цогидал больницабазда регаразухъе яккизе ани, чарагьечIого гьенив дандчIвалаан гьев дида. Гьалмагъасул эмен (эбел, яц, вац…) вегизавизе щун вукIанин абулаан. Цо нухалда ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. Эбе- лалъул сахлъиялъ рахIатхвезабун букIана. Дида ракIалде ккана гьей Ветераназул госпиталалда егиза­ йизе. ХIажатал киналго кагъталгун, тохтурасул кабинеталъул кIалтIа кIусун рукIана эбелги, дунги, вацги. ВачIана МахIмуд-Апанди ва гьикъабакъарана. Дирго мурад бициндал, гьес абуна: «Мун йиго хIалтIуда йикIине кколей гIадан. Дур букIуна гIемераб хIалтIиги. Дица кинабго тIубала, мун а дурго хIалтIуде», — ян. Гьедин, жеги жинда лъаларев чиясда аскIой эбелги тун, ине ккана дун.

   Больницаялде эбелалъухъе дун щвезайизеги вачIунаан гьев. Цо нухалда абуна: «Дица дур эбелалда эбелан абула, Кавсарат. Дур дагIба букIинищ гьелда?» — ян. Дир эбе- лалда гьедигIан берцинаб рагIи абу- лев чиясде кинаб дагIба балебилан жаваб кьедал, щакърахун бицана жиндирги эбелалъулги къваридаб къисмат. «ГIумруялда жаниб кIицIул йихьана дида эбел. Эбелан абизе букIунеб хIасратха!» — янги абун, кидаго гIадин, гIодобе бетIер къулизабуна МахIмуд-Апандица. Эбелан ахIиялда гIей гьабичIо гьес – къойилго гIадин щун ватулаан гьел- де ваккизе. «Гьав щив кколев дур? ХIакъикъаталдаги дур васищ гьав?» — гьединал суалал камуларо палата- ялда ругел руччабазулин бицунаан эбелалъ дида. Эбелалъги васлъун къабул гьавуна гьев.

Отпускалда йигей дун, азбаралда квалквадулей йикIана. Телефоналдасан кIалъана МахIмуд-Апанди. Рокъой йигищан гьикъана ва абуна, гьабсагIат жив вачIине вугилан. ВачIана помидоразул цIураб ящикгун. «Исана дир дачаялда гIемер помидор бижана, баркаман. ГIисинаб буго, амма цIакъ гьуинабха! Дармил чи вукIаравани, базаралда бичилаан. Садакъа гьабулев вуго», — ян бицана гьес. КигIан гьараниги, рокъовеги лъугьинчIо, багажникалда ругел ящикал щвезаризе кколин багьанаги батун ана.

«Рокъое йилълъинарищ?» — хIалтIул къоялъул ахиралда гьеб суалгун МахIмуд-Апанди кIалъаравго, дида лъалаан, гьесул рекIелъ бухъардулеб пикру бугеблъи. Редукторазул поселокалдаса Сепараторазул поселокалде щвезегIан бицунаан гьес дие: жиндирго ракI лъукъизабурал гьудулзабиян тарал гIадамазулги, хъвазе ракIалда бугеб цIияб тIехьалъулги, хасаб рекIел хинлъигун – хъизамалъул ва лъималазул лъималазулги хIакъалъулъ. «Эбел цо гьечIониги нилъер, яцлъун йихьула мун дида. Лъала, дуца дир рагIи къватIиб бицунареблъи. ЧIамучIлъулевги ва- тила, тIаса лъугьа, амма дудагIаги бицинчIого, яхI гьабизе кIоларо», — ян абулаан гьес.

   ТIаса лъугьа, вац, дур магIирокъое щвечIо дун. МагIарухъе зигараялъ араб бакIалда рагIана гьеб пашманаб хабар. Амма кIвечIо ракI унтарай эбелалда гьеб бицине. РакI унтун вугин, операцияби гьаризе кканинцин бицине кIвечIелъулха… Бицун бата- на цогидаз. Гьеб мехалда эбелалъул бадиса гирана рухIалил магIу. Дур дугIа-гьари бахъараб видео биччала дица гьелъие мех-мехалда. Дуе алжан насиб гьабун батаги, дир васан, гьарула гьелъги. Гьаб ракьалда дуца гьабураб лъикIлъиялда рекъараб даража кьеги, вац, дуе Аллагьас ахираталда.

 Кавсарат Сулейманова