Заид ХIажиевас 120 сон тIубаялде

Досул кучIдул кидаго нилъгун руго

 

Заидил тIоцересел кучIдул магIарулазухъе щвана 1920-абилел соназдаго. Гьесул кучIдузул тIоцебесеб мажмугIин абуни басмаялда бахъана 1931 соналда.
Заид ХIажиев гьавуна 1898 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесда лъана гIумруялъул кьогIлъиги, граждан рагъазул цIадул бухIиги, советияб заманалда гIадамазе жидерго кочIодалъун, журналистасулаб бегIераб къалмидалъун хIасратго хъулухъ гьабиялъул рохелги.
Заидил тIоцересел асаразул хиси гьечIеб темалъун букIана гIумруялъулъ, магIаруласул вукIа-вахъиналъулъ, социалистияб гIуцIарухъан­лъиялъулъ кколел чIахIиял хиса-басиял, заралиял, басриял гIадатазде данде гьабулеб къеркьей, нилъер рокъоре таваккалго лъугьунел цIилъиялъул гьайбатал гIаламатаздаса вохи. Щивав магIаруласул рекIелъги кIалдирги рукIана дол соназда Хьаргаби электростанция баялъул хIакъалъулъ Заидица хъвараб «Электрик кьолеб кьурулаб кантор» абураб кочIолъа гьал рагIаби:
Рорхатал мугIрузул гIорал хьвадулеб,
Хьаргаби къварилъи къалеб рагIула.
Къаралазул иццал эхер чвахулеб,
Чаран кьурул кIалтIу бацун рагIула.

Заид ХIажиевасул «Кулакалъул магIу», «ПитначагIи», «Берцинаб сардил сурукъав гьобол», «Мулла ва глобус», «Сигнал», «Вихьизе гьанжесев, живго цевесев», «МагIаруллъи» абурал ва цогидалги кучIдул хехго тIиритIана магIарул адабият бокьулезда гьоркьор. ЛъикIаб къимат щвана гьесул «Сулахъ» ва «Буран» абулел поэмабазеги.
Заид ХIажиев ккола кучIдузул къогоялдасаги цIикIкIун мажмугIалъул автор. ГIемеразда рекIехъе лъала ва гъираялда ахIула рокьул ва советиял рагъухъабазул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ Заидица хъварал кучIдул. ЧIахIиязего гIадин, хIасраталда, ракIбатун, Заидица кучIдул хъвалаан лъималазеги. ГIисинал цIалдолез рокьун, рохун къабул гьаруна «ХIанчIикIкIал», «Меседил гага», «Ракълил микки» абурал ва цогидалги тIахьал. Жиндирго цо кочIолъ гьадин хъван букIана шагIирас:
Дие щибго рецц-бакъ къваригIун гьечIо,
Къаламалъе къимат дир халкъалъ кьела.
Машгьурлъи- цIаралъул бицунеб гьечIо,
ЦIалулел разиял ругони гIела.

ХIакъикъаталдаги халкъалъ, гьесул тIахьал цIалулез, республикаялъул жамгIияталъ, коммунист партиялъ ва хIукуматалъ Заид ХIажиевасул кочIолаб гьунар-махщалие тIадегIанаб къимат кьуна. ШагIирасул лъабкъогосонилаб юбилей кIодо гьабулел къоязда, 1958 соналда, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун, Заид ХIажиевасе кьуна Дагъистаналъул халкъияв шагIир абураб цIар.
Граждан рагъул заман, магIарухъ букIараб хIалуцараб ахIвал-хIал, бечелъиялда ва мискинлъиялда, басриялда ва цIиялда, бижун бачIунелда ва хун унелда гьоркьоб букIараб рекъе­л гьечIеб къеркьей бихьизабун хъварал руго Заидил лъикIаланго асарал. Гьедин цебечIезабулеб буго шагIирас цо кочIолъ граждан рагъул заманалда жиндирго росдал букIараб сурат:
АнкьцIуса биххараб, микьцIул буцIцIараб
Муридзабаз сверун ккуна дир росу.
ХъахIал чанахъабаз, тIаде къулараб
МагIардасан гIужий босана росу.
Къаси Хунзахъ гъасда цIаял ракичIо,
ЦIаял тункIил кIалдир ракун рукIана.
ЦохIониги рокъоб чирахъ рекIинчIо,
Чирахъ пулеметаз бакун букIана.

МагIарул адабият хириязда Заид ХIажиев лъала драматург ва прозаик хIисабалдаги. МагIарул росабалъ кIудияб гIелалъул гIадамазда рихьана Заидица хъварал «ХIаскъил ва Шамил», «Къиямасеб къо», «БацIил сордо» абурал пьесабазда рекъон лъурал спектаклял. Жеги 1934 соналдаго магIарул адабияталъул тIасарищарал асаразул Ражаб ДинмухIамаевас данде гьабураб тIехьалда бахъун букIана Заидица хъвараб «Я нух балагьила, я хвел босила» абураб хабар. Гьеб буго ГIахьвахъ районалъул ТIукитIа росу партизаназ ва багIарармейцаз бандаздаса эркен гьабиялъул хIакъалъулъ, живго гъорлъ гIахьал­лъарав гIадин хъвараб асар. ЦIалдолез лъик­I къабул гьабуна Заидица хъвараб «БагIараб отряд» абураб къисаги.
Заид ХIажиев вукIана къалам бегIерав журналистги. 1934-1936 соназда гьев цIалана Москваялда коммунистияб институталъул журналистазул отделениялда. ХIалтIана учительлъун, Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялъул редакторлъун, КПССалъул обкомалъул печаталъул секторалъул инструкторлъун. Киса-кивго гьес живго вихьизавуна ритIухълъи цIунарав, бажари бугев хIалтIухъанлъун. Заидил журналистасулаб гьунар унго-унгояб куцалда загьирлъана ва камиллъана гIемерал соназда «МагIарул большевик» газеталъул жавабияв секретарьлъун ва редакторлъун хIалтIулаго. Гьесул къалмикьа ана Дагъистаналда социалистияб гIуцIарухъанлъиялъул бергьенлъабазул хIакъалъулъ бицунел кIвар бугел макъалаби, очеркал, фельетонал. Газеталъул гьурмаздасан магIарулазухъе щвана гьесул цIи-цIиял кучIдул. Редакторлъун хIалтIулаго, Заидица малъа-хъваяздалъун хIалкIвараб кумек гьабулаан хъвадаризе байбихьулел гIолохъанал авторазе, «тIад квер бахъун» газеталда лъолаан гьезул асарал.
1926 соналдаса нахъе КПССалъул член, 1939 соналдаса нахъе СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член Заид ХIажиевас хIаракатаб гIахьаллъи гьабулаан республикаялъул хъвадарухъабазул организациялъул жамгIияб гIумруялъулъ. Гьев вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъунги. ГIемерал соназда Заидица нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магIарул секциялъул хIалтIуеги.
Заид ХIажиев гIахьаллъана Москваялда тIоритIарал Дагъистаналъул адабияталъул ва искусствоялъул къоязда. Гьениса тIадвуссиндал, гьес хъвана ва «МагIарул большевик» газеталда бахъана «Дагъистаналъул булбул» абураб кечI. Гьеб букIана СССРалъул Пачалихъияб премиялъул лауреат Исбат БатIалбеговалъ Мос­кваялда Колоннияб залалда ахIараб кечIалъ гIенеккулезе гьабураб кIудияб асаралъул, гьел хIайранлъизарураб куцалъул, хъатчIван чанго нухалда гьей цее яхъинайиялъул хIакъалъулъ хъвараб. Адабияталъул ва искусствоялъул къоязулъ гьабураб жигараб гIахьаллъиялъе гIоло З. ХIажиевасе кьуна Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматияб грамота.
Заид ХIажиев гIахьаллъана 1960 соналда Чечено-Ингушетия АССРалда тIоритIарал Дагъистаналъул адабияталъул вечераздаги. Гьел вечеразул асаралда гъоркь хадуб гьес хъвана халкъазул гьудуллъи кIодо гьабурал кучIдул.
Заид ХIажиевасда лъикI лъалаан кида ва сундул хIакъалъулъ кечI хъвалебали. Гьесул гIемерисел асарал, хасго сатирикиял кучIдул руго чIванкъотIарав чиясул пуланаб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ хъварал. Гьединлъидал гьел мурадалдеги щолаан – гIадамаз хехго лъазарун ахIулел ва рикIкIунел рукIана. ШагIирас жиндирго цо кочIолъ абун буго гьадин:
Дица ургъичIого рагIи абичIо,
Адресги гьечIого гьелгьезе аян.
Эхеде валагьун, рагIи абичIо,
Гьорол нухаздасан сверизе аян.

Гьекъолдухъабазда, руччаби хIакъир гьарулел «рокъобагьадурзабазда», хIелхIелчагIазда, цIогьазда чIорал речIчIараб Заидил сатираялъ квербакъи гьабуна цIияб гIумру гIуцIиялъул нухда дандчIвалел квалквалал къезаризе, гIадамал кантIизаризе. ГьабсагIаталдаги магIаруласул столалдаса камулареллъун лъугьана Заидил «ХъахIилаб экран», «Дир сайгъат», «ТIасарищарал асарал» абулел тIахьал.
Заид ХIажиевасул жамгIиябгун политикияб ва литературияб хIаракатчилъиялъе ВатIаналъ тIадегIанаб къимат кьуна. Гьесул каранда рана ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул ва «ХIурматалъул гIаламат» орденал. Дагъистаналда советияб хIукуматалъе гIоло рагъазулъ гIахьал­лъаралъухъ КIудияб Октябралъул социалистияб революциялъ 50 сон тIубаялъул хIурматалда, Заид ХIажиевасе 1967 соналда кьуна БагIараб цIва орденги. Гьесул захIматалъулаб хIаракатчилъи чанго нухалда кIодо гьабуна ДАССРалъул Президиумалъул ХIурматиял грамотабаздалъун.
Заидил кочIол гьаракь гьесул къалмикьа рижарал хIасратал рагIаби, хIалихьатазда, хIарамзадабазда, хIиллачагIазда речIчIулел бегIерал чIорал жакъаги нилъеда цадахъ руго.
ГIабдулмажид Хачалов,
«БагIараб байрахъ», 1988 сон