ЦIадаса ХIамзатил васги Расулил вацги

 

    21 маялда цIех-рехал гьариялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб федералияб централда (РАНалъул ДФИЦ) цебе ХIажи ХIамзатовасе памятникги лъуна, гьесул хIурматалда гIелмияб конференцияги тIобитIана. Гьенир данделъун рукIана гIалимчиясул гIага-божарал, районцоял, ишцоял ва гьесул ирсалъул къимат гьабулел ракьцоял.

     Памятник гьабун буго скульптор Шамил КанайхIажиевас. Гьеб ккола гIалимчиясе республикаялда лъураб тIоцебесеб памятник. ГIурусазул классик Лев Толстоясегун наиб ХIажимурадие МахIачхъалаялда лъураб памятникги гьевго скульпторас гьабуна.

     ГIелму цебетIеялъе ХIажияс лъураб бутIаялъул бицунаго, гьадинал хIужабазде кIвар кьуна гьесулгун ишцояз — хъвай-хъвагIай гьечIел халкъазул мацIаздагун гIурус мацIалда словарал ва Дагъистаналъул халкъазул фольклор бихьизабулел томал риччазе квербакъи гьаби. Гьединго гуманитариял гIелмаби цIакъго церетIезаризе, гIелмиял хIалтIухъаби хIадуризе лъугьин.

     ХIажи ХIамзатовас нухмалъи гьабулаан пагьму бугел гIолилазе квербакъулеб, ХIажи МахIачевасул цIаралда бугеб фондалъеги. ДФИЦалъул нухмалъулев Акай Муртазаевас абуна Дагъистана­лъулгун Кавказалъул темаялда тIад хIалтIулагоги РАНалъул хIакъикъияв членлъун вахъине бегьулеблъиги бихьизабунила ХIажияс, — ИЛАНГ.

     ГIелмияб конференциялда бицана гьесул гIумрудул нух цин медицинаялдаса, цинги математикаялдаса, хадуб литератураялдаса байбихьиялъул хIакъалъулъ. Гьединго цо-цо гIалимзабаз, жидерго докладалги гьоркьор къотIизарун, ракIалде щвезабулеб букIана ХIамзатил ХIажияс жидеего гьабураб асаралъул.

 

 

      Масала, искусствовед Гулизар Султановалъ бицухъе, 1965 соналда Ленинградалъул театралъулгун музыкаялъул ва кинематографиялъул институтги лъугIун, практикаялъ Дагъистаналъул радиоялда хIалтIулей гьелъие машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ очеркал хIадуризе тIадкъан буго ХIажи ХIамзатовас.

     «Хадуй дун Ленинградалде тIад юссана. Росасеги ун, ясги гьаюн, росулъе ана. Гьений дун учительницалъун хIалтIулей йикIана. Гьеб мехалда ХIажи ХIамзатовас витIун вачIана цо журналист, МахIачхъалаялде ячIайин гьаризе. Гьедин гьес кумек гьабуна дир яс ясли-ахалде йосизеги, дунгоги телерадиокомпаниялде ячана. ХIажи ХIамзатов абуни дида, практикаялъ МахIачхъалаялде ячIинегIан, лъалев чицин вукIинчIо. Гьедин къимат гьабулаан гьес лъай бугел чагIазул, хасго гIолилазул.

    Северияб Кавказалда кибниги гьечIеб искусствоялъул отделги рагьана ИЯЛИялда ХIажи ХIамзатовас. Грузиялъул ГIелмабазул академиялъул къагIидаялда гьенир лабораториялгун мастерскаял рагьизеги анищ букIана гьесул.

     Дагъистаналъул театралияб, изобразительнияб, прикладнияб, музыкалияб ва цогидал искусствабазул ва гьезул тарихалъул хIакъалъулъ нижер отделалъ къватIире риччарал тIахьал лъугьана культурая­ лъул хIалтIухъабазе цIакъго пайда цIикIкIараллъун.

   Дида киданиги рагIичIо сессиязда, конференциязда яги цоги бакIалда гьаракь борхизабун, хъачIго гьев кIалъалев. Щивав хIалтIухъанасдехун адабалда кIалъалаан», — илан бицана Г. Султановалъ

      Гьанжего-гьанже вузги лъугIун, ДНЦялде хIалтIизе вачIарав Мур­тазагIали ХIажиевасе (тарихиял гIелмабазул доктор – авт.) асар гьабун бугоан «Хирияв Муртузие» абун, ГIелмияб централъул председатель ХIажи ХIамзатовас тIехь сайгъат гьабиялъ.

     «Москваялда аспирантураялда цIалулеб мехалда эмен хвана дир. Гьединлъидал ДНЦялде хIалтIизе лъугьаралдаса нахъе дидехун инсулаб бербалагьи гьабулаан ХIажияс.

     ГIелмуялдехун бербалагьи загIиплъарал 1990-абилел соназда Дагъистаналъул ГIелмияб цен- тралъул ирс цIунун хутIиялъе ХIажи ХIамзатовас кIудияб хIалтIи гьабунин бицана филологиял гIелмабазул доктор МухIамад МухIамадовас. Амма доб мехалда республикаялъул тIалъиялдаги ишцояздаги гьоркьор рукIанила гьесул рахъ кколарел чагIи.

    Гьеб конференциялда гIахьаллъарав информациялъулгун печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиевасда лъикIаблъун бихьулеб бугоан Дагъистаналъул литератураялъул кIвар бугел асарал миллиял газет-журналазда рахъизе.

   «ХIажи ХIамзатов хун анцIго сон аниги, гьесул бицунареб къо букIунаро нижер. Нижеца ракIалде щвезабула къокъаб, мухIканаб гьесул калам, махсаро-хочIги, рилълъинги, балагьиги. Гьединал чагIи холаро, гьел чIаго рукIуна ни­ лъер ракIазулъ… ТарихчагIаз гьев рикIкIунаан тарихчилъун, литера- туроведаз – литератураялда тIад чIарав гIалимчилъун, бакъбаккул рахъалъул улкабазул тарихгун мада- ният лъазабулел гIалимзабаз – жидеравголъун. Нижеца абуни ХIажи ХIамзатов рикIкIунаан мацIазда тIадчIарав гIалимчилъун. Гьесда лъалаан аслиял масъалаби гIисинал суалаздаса ратIа рахъизе. Цо нухалда нижеда цадахъ хIалтIулев вукIарав СагIид ГIалиханов вачIана гьесухъе толковияб словарь бахъизе кколин бицине. ХIажияс гьесие жаваб кьу- на щибаб жоялъул жинди-жиндир заман букIунин. Гьединлъидал гьеб словарь бахъизе жеги заман щун гьечIин. Гьес абуна цин рахъизе кколила миллиялгун гIурус, терминологиялъул ва цогидал словарал. Гьездаса хадуб гурони бахъизе бегьуларила толковияб словарь.

   Гьединго ХIажи ХIамзатовасе рекIее гIолароан цо-цо гIалимзабаз Дагъистаналъул мацIал Европая­ лъул мацIазда данде кквезе лъугьин. Нилъерго гьанир ругел мацIал щай гьедин дандекквезе бегьуларелин гьикъулаан гьес.

    ХIажи ХIамзатов вукIана кутакалда магIна бугев чи. ХIалтIул къваригIелалъ рачIарал чагIазда цIакъ гIадатго кIалъалаан. Гьезул рокъоб бугеб къварилъи-гIа­тIилъигицин гьикъулаан ХIажияс», — абун бицана филологиял гIелмабазул кандидат Саймат Юзбековалъ.

    Ленинградалъул университеталда иранистикаялъеги цIалун, аспирантураги лъугIизабун, ДНЦялде хIалтIизе ячIарай ПатIимат ГIалибеговалда гьес гьикъун буго Дагъистаналъулгун Ираналъул культуриял ва тарихиял бухьеназда тIасан жинцаго хъвараб тIехьалъул цо бутIаялда тIасан пикру.

     «Доб заманалда Ираналъул бицунелъул гIицIго рагъазул бицунаан (Надир-шагьасул, къажаразул, гIезегIан мехалъ Ираналда тIад кверщел букIарал сефевидазул хIакъалъулъ). Культураялъул цIар бахъулароан. Амма ХIажи ХIамзатовас гьениб мухIканго бихьизабун букIана Дагъистаналъул мацIазе, литератураялъе Ираналъ гьабураб асаралъул. Гьеб кутакалда гIадлъана дида. Гьесде щвезегIан лъицаниги бицун букIинчIо Ираналъ нилъехъе гьарурал чабхъеназ, рагъаз нилъер рухIияб рахъалъе ккараб пайдаялъул. Гьанжего-гьанже цIалун яхъарай гьайги щийин течIого, кIудияв гIалимчияс доб мехалда диргун гIакълу дандбаялъ кутакалда лъикIаб асар гьабун букIана дие.

     Хадуб дос малъулаан дурго ботIролъе бачIараб пикру хъвайилан. Гьелъ дун дагьай гIажаиблъизаюнги йикIана. Щайгурелъул советияб заманалда гьедин эркенго хъвалеб гIадатги букIинчIого, цого коцонир кьабурал жал кинигин, тIубарал трафаретал гIадал жал хъвалаан», — абун бицана гIалимчIужу ПатIимат ГIалибеговалъ.

      Гьебго къоялъ Поэзиялъул театралда букIана ХIажи ХIамзатов ракIалде щвезавиялъул сордоги. Гьениб археолог МуртазагIали ХIажиевас бицана ХIажи ХIамзатовасе гIумруялда жаниб кIвар бугеб мурад кIиго букIанила – ЦIадаса ХIамзатил вас ва Расулил вац абураб даража цIуни. Гьединлъидал гьеб кIиябго цIаралъе ритIухъавлъунги хутIанила гьев.

     Нужеца жакъа жиндие инсул лъаларел рукIарал чанги рахъал рагьанин, гьаб залалда жаниб гьесул рухIги боржанхъулеб батилин абураб пикру загьир гьабуна гьениб ХIажиясул вас ХIамзатицаги.

 Зульфия ХIажиева