ХIабщиса рагIул устар

 

 

   Рарал соназдасаги, нахъа тараб нухалдасаги разияв, рокъовги къватIивги, хъулухъ-ишалдаги аваданлъи хвезе течIев чи вукIана шагIир ва журналист МухIамадрасул Дациев. Исана 70 сон балаан мунагьал чурадица.

 

     Гьев гьавуна Буйнакск районалъул ХIабщи росулъ. Гьесулги лъимерлъи цогидал гIелцоязулалдаса расги батIияб букIинчIо. Заман щведал росдал школалде ана, чIахIиял классазда цIалулеб мехалда, риидалил каникулазул заманалда, инсуе гIоло магIарда гIиядаги вукIана, гIухьбузе квен-тIехги гьабуна. ВатIаналда цебе налъиги тIубазабун, Ленинградалъул ралъдалгун рагъулаб училищеги лъугIизабуна. Гьелдаса хадуб I5 соналъ ралъдал тIиналда, букъарулеб гамида рагъулаб хъулухъги гьабуна.

   МухIамадрасулилъ школалда цIалулеб заманалдаго загьирлъана кочIолаб каламалдалъун рекIел хIал рагьизе, пикраби загьир гьаризе пагьму-гьунар. Гьесул кучIдул дол соназда рахъулаан республикаялъулаб «БагIараб байрахъ» газеталда, «Гьудуллъи» альманахалда ва «МагIарулай» журналалда. Дациевасул кучIдузе саламатаб бакIги кьун букIана гIолохъанал шагIирзабазул гIахьалаб тIехьалдаги. Хадуб Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъ къватIибе биччана гьесул жиндирго тIехьги.

    Къисматалъулаб нух байбихьуда батIияб рахъалде свераниги, сонал индал МухIамадрасул жиндирго рекIелъ рукIел ккураб рахъалде вуссана. Къоабилеб гIасруялъул ункъоабилел соназул ахиралда СССРалъул рагъулгун ралъдал къуватаздаса отставкаялде арав Дациев, Дагъистаналде тIад вуссана ва хIалтIана «Гьудуллъи» журналалда. 1990 соналда вачIана магIарул газеталъул редакциялде. Гьеб букIана нилъер улкаялда чIахIиял хиса-басиял кколеб, халкъалъул пикру-гIакълу цIияб гIуцIиялде сверулеб мех. Гьел хиса-басиязде хIадурараб бичIчIи букIиналдаго цадахъ Дациевас редакциялде бачIана цIияб гьогьен, батIияб хаслъи.

БачIинахъего ругьунлъана редакциялъул хIалтIухъабаздеги, тIоцебесеб къоялъго гьезул ракIазулъги восана гьев. Махсара-хочI хIалав, гIамал берцинав, кIудияздаги гIисиназдаги цого къагIидаялъ хIал рекъезабизе лъалев инсан вукIана МухIамадрасул.

      Хъвадариялъулги, кинаб рахъалъ босаниги, щиб суал борхулеб бугониги, жиндирго нух, жиндирго хатI, жиндирго хаслъи батулаан гьесда. Политикияб макъалаги, хъулухъчиясулгун гара- чIвариги, адабияталъул, маданияталъул масъалаби рорхарал хIалтIабиги цого къагIидаялъ гъорлъе ваккун, рагIа-ракьанде щун мухIканго хъвазе кIолаан гьесда. Адабияталда, журналистикаялда, театралда — батIалъи гьечIо, сатирагун юмор буго бищунго захIматаб, къанагIатав чиясе гурони жиб халкъалъе рагьизе гьунар кьечIеб жанр. МухIамадрасулин абуни унго-унголъунги сатирик ва юморист хIисабалда машгьурлъана.

    «ХIакъикъат» газеталда жаниб рагьараб «Бахьикъос» гьумералдаги хасаб бакI ккуна Дациевас. Ва жиндирго гIумруялъул ахирал къоязде щвезегIан гьеб гьумералъул хважаинлъунги хутIана.

Бигьаяб иш гуро цIалдолесе асар гьабуледухъ щибаб анкьалъ сатираялъулгун махсараялъул гьурмал хIадур гьари. Гьелъие хIажалъула хасаб гьунар, гьеб гьабулев чи вукIине ккола живгоги махсара-хочIалъул агьлу. Гьеле гьединав чи вукIана Дациев.

     М.-Р. Дациевасул кучIдузулъ, макъалабазулъ, гара-чIвариязулъ ва цогидал хъвай-хъвагIаязулъ букIана гIажаибго берцинаб, цIализеги, рагIизеги, батизеги бокьулеб мацI. Гьелъги батила, щиб гьес хъваниги, бигьаго цIалунги бачIунаан, цIалун хадуб ракIалдаги чIолаан. МацIалъул берцин- лъиялъги бечелъиялъги Дациевасда кIолаан кигIан чIамучIаб темаялда хъварабги макъала чIалгIинаредухъ цIалдолесухъе кьезе. ЦIакъ политика хирияв, гьелда тIасан бахIс гьабулев чиги вукIана мунагьал чурад.

      Нижедаги, гьесул гIемерал гьудул-гьалмагъзабаздаги лъалел, бицаде хутIарал гIезегIан лъугьа-бахъиналги руго МухIамадрасулил. Гьелги рукIунаан аваданал, лъиениги зарал-зиян гьечIел, гIадамасул напсалда хъинтIуларел, чияда тIад велъуларел.

      Газеталде хIалтIизе вачIарав Дациев байбихьуда шагIир МухIамад ПатахIовгун цо кабинеталда вукIана. М. ПатахIов редакциялде Дациевасдаса цо соналъ цеве вачIун вукIана. Советияб армиялда хъулухъ гьабичIев ПатахIовас Дациевасда лъазабуна гьаниб армиялъул законал рукIунин, дуца дица малъараб гьабизеги кколин. Армиялъул гIадлу-низам лъикI лъалев МухIамадрасулги гьелда разилъана, жиндаса хадур редакциялде хIалтIизе рачIаразе «дедлъун» дунги вукIинарищиланги абуна. Горбачевасул бичIчIулареб политикаялъ тукабаздаса кинабго жо лъугIизабурал дол соназда хъалиянал щолел рукIинчIелъул, базаралде тамахьо босизеги Дациев витIулаан, цоги-цоги гьединалго тIадкъаялги гьесие камулароан. АнцIила хадуб соналъ дидаса гьитIинав дуца малъараб гьабизе кканинхаян цо- цо ПатахIовасдеги пунщулаан гьев. ПатахIовас жив «угнетать» гьавулев вугин, газеталъул редактор ГIариповасухъе гIарзагицин хъван букIана.

2011 соналъул декабралда нагагьаб балагьалдалъун захIматаб хIалалде ккарав МухIамадрасул, кин букIаниги сахлъилин, цIидасан редакциялде тIад вуссинин хьул букIана цадахъ хIалтIулезул, гьудул-гьалмагъзабазул. Амма гьесул унти дару гьечIеб батана. 61 сонцин балалде къадаралдеги щвана.

 

КигIан аваданав чи вугониги,

Чвахула диргоги беразул магIу,

ЛъикIав гьудул-гьалмагъ камураб мехалъ,

 Каранда гьинал ракI унтараб мехалъ.

 

     Гьедин хъван букIана МухIамадрасулица жиндирго цо кочIолъ. Гьес жинцаго абухъе, гьединаб хIал букIана мунагьал чураяв лъалел рукIаралщиназулги Дациев камидал.

 

 Шарапудин СУЛТIАНОВ