БахIарчиясул цIар цIунила рекIелъ

 

    Санайилго гIадин исанаги 12 марталда Хьаргаби районалъул ГIаймаки росдал Зубаиров Шамилил цIаралда бугеб гьоркьохъеб школалда тIобитIана милициялъул подполковник Шамил Зубаиров ракIалде щвезавиялъулаб тадбир.

    Терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъулаб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хьаргаби районалъул нухмалъулесул заместитель АсхIабали Маликовас, районалъул ОМВДялъул хIалтIухъабаз, районалъулгун росдал администрациялъул хIалтIухъабаз.

    МугIалимзаби Мадина Шарабудиновнаялъ ва Маймунат ХIабиевнаялъ хIадур гьарурал цIалдохъабаз бицана Ш. Зубаировасул гIумруялъул ва хIалтIулаб нухалъул хIакъалъулъ, рикIкIана гьесде гьарурал кучIдул, бихьизабуна видеоролик.

    1985 соналдаса нахъе ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялда хIалтIана Шамил. Бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ гьев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазегун цIаразе. Ахирисеб гьесул шапакъат ккола Бихьинчилъиялъул орден – гьеб шапакъат Шамилие кьуна хун хадуб. Исана 15 сон тIубана Шамил гIумруялдаса ватIалъаралдаса.

   Школалъул цIалдохъабаздагун росуцоязда абадиялъ ракIалда хутIила Шамилил цIарги гьесул мисалияб гIумруги.

     ПатIимат МУХIАМАЕВА