Саласпилс – бидул банк

Фашистазул концлагеразда гьоркьоб Саласпилс букIана бищунго гIасияб. Гьеб хIалтIана лъабгогIан лъагIелалъ ва гьениб чIвана аза- азар лъимер. Гьеб букIана хвалил лагерь гуребги бидул банклъунги. Зулмуялъ тату хун, ракъун-къечон холел, жеги щуго сонцин бачIел лъимал фашистаз рикIкIунаан бидул цIурал чIагоял контейнерал­лъун ва медицинаялъул экспериментазе щвараб материаллъун.

 

 

Лагерь бан букIана жугьутIазе

1941 соналъул октябралда Латви­ялда базе байбихьана лагерь. Гьеб балеб букIана Саласпилс абураб поселокалда гIагарлъухъ – фаши­стаз гьелда Кайзервальдин абун цIар лъунги букIана.

 

«А» эйнзатцгруппаялъул (тIомол кьералъухъ балагьун ва рейхалъул политикиял тушбабигун къеркьо­леб СДялъул хасаб къокъа) нух­малъулев Шталекерица жиндир нухмалъулезухъе хъван буго: «1941 соналъул тIоцебесеб декабралда­са нахъе рейхалдаса бачIунеб буго жугьутIал рачунеб транспорт. Гьез­да гьоркьоса 20 азарго чи витIана Ригаялде. Лагерь балезда гьоркьор киналго руго жугьутIал ва гьаб ла­гералда ихдал ракIаризе бегьула исана хасало хвечIого рорчIарал киналго жугьутIал», — ан.

 

 

Хадубккун ССалъул генерал Йе­кельница судалъе кьурал баяназда рекъон, щибаб анкьалда концла­гералде бачIунаан жугьутIазул цIураб кIиго-лъабго эшелон. Щи­балда вукIунаан азаргониги чи. «Нижеца чIвана гIага-шагарго 87 азаргогIанасев жугьутIав, цогидал улкабаздаса Саласпилс лагерал­де вачIарав», — ан мухIкан гьабуна гьес.

 

1942 соналъул риидалалде Сала­спилсалъул лагералде щвезаризе байбихьана латышазул антифаши­сталги асирлъуде ккарал советиял солдаталги, – цыганалги.

 

 

 

Бахъулаан ахирисеб бидул къатIрацин

 

Официалияб Латвия мукIурлъулеб гьечIо Саласпилсалда гIемерал лъимал чIванин абураб хIужаялъе, амма гьеб тасдикъ гьабула гьединал ишазул нугIзаллъун рукIарал гIадамазул ракIалдещвеязги киназдаго лъалел ишазги. Аслияб къагIидаялда гье­нире рачунаан Белоруссиялдасаги Россиялъул Псков, Калинин ва Ле­нинград областаздасаги лъимал.

 

Официалиял документазда Сала­спилсалда абулаан «ЗахIматалъул рахъалъ тарбия кьеялъул лагери­лан» абун. Амма хIакъикъаталда гьеб букIана бидул банклъунги инсанасул ракI гъанцIизарулел ме­дицинаялъул хIалбихьиял гьарулеб бакIлъунги. Гьенир рукIана кIиго, лъабго сон баралги, жеги эбелалъул керен хахулелги лъимал. ЦIаралъул бакIалда щивасул букIана маххул жетоналда тIад бикIараб номер. Лъабго соналъ хIалтIана лагерь ва гьеб заманалда жаниб гьениб бахъ­ана лъималазул бидул 3500 литр. Гьеб битIулаан госпиталазде — гье­нир ругел ССалъул офицерзабазул сахлъи камил гьабиялъул мурадал­да.

 

 

ГIисинал асирзабазе бищун­го захIматаб лахIзатлъун букIана хъахIаб халгIат ретIарав немец баракалъуве вачIин ва столалда тIад медицинаялъул алатал гьес тIиритIи. ВахIшиял тохтурзабаз лъималазе буюрухъ кьолаан ре­гаян ва квер гIебеде битIеян абун. ГIемерисез сихIтун малъараб гьа­булаан. Инкар гьабурал столалда рухьунаан ва зулму гьабун бахъу­лаан гьезул би. РухI тIагIун, хвал­де рехарал лъимал рачунаан бара­калъуса къватIире ва лагералъул коронир рухIулаан яги аскIоб бугеб лъел каналалъуре рехун толаан.

 

Гьелде тIадеги, Саласпилсалда рукIарал лъималазда хIалбихьулаан батIи-батIиял загьруязул — лъимала­зе кьолеб кванилъе балаан мышьяк яги гьарулаан, гьебги гъорлъе жу­бан уколал, ялъуни загьруял газазул цIезарурал камерабазде ритIулаан.

 

 

 

7000 лъимер чIвана

 

Статистикиял баяназда рекъон, Саласпилсалда букIана 12 азарго советияб лъимер ва гьезул бащ­далдаса цIикIкIун хвана, донорал хIисабалда хIалтIизарун хадуб. Амма фашистаз хIаракат бахъа­на жидерго чIвадарухъанлъиялъе нугIлъи гьабулел хIужаби рахчизе.

 

Масала, судалда жавабал кьо­лаго фашистаз кьурал баяназда рекъон, гестапоялъул хIалтIухъан Блобелил нухмалъиялда гъоркь тIагIинаруна гIемерал асирал рукъ­ун рукIиналъул лъалкIал, гьезда гьоркьор — Саласпилсалъул туснахъ­азулги. ЛъалкIал хутIунгутIиялъул мурадалда фашистаз рухъулаан гIемерал жаназаби цадахъго рукъ­арал хобал ва рухIулаан гьезул хутIелал. Хобал рухъизе тIамулаан жугьутIал ва гьелги, хIалтIи гьа­бун бахъараб мехалда, чIвалаан ва цIадаре рехулаан.

 

 

1944 соналъул хасалихъе, сове­тияб аскаралъул гьужумалъукьа лъутулаго, фашистаз, лъалкIал рахчиялъул мурадалда, чIвадназде буссинабуна Саласпилс концла­герь, гьелъул хIалтIухъабиги (нем­цалги латышазул полициялъулал­ги) хехго ритIана батIиял бакIазде.

 

1945 соналъул 28 апрелалда Са­ласпилсалъул ракьалъул халги гьабун, гьениб батараб 54 хобалъ­уб батана 632 жаназа. Судалъулаб медицинаялъул экспертазул хал гьабиялда рекъон, гьезда гьоркьоб букIана 114 хахулеб лъимер, 106 — 1-3 лъагIел бараб, 91 лъимер — 3-5 сон бараб, 117 — 3-8 сон бараб…

 

Саласпилсалда чIварал гIисинал туснахъазул хIурматалда рагъдаса хадусел соназда гьениб бана мемо­риал.