Дунаялъул рагIалда хьитал

Дунаялъул рагIалда, тIаса хьиталги рахъизарун, эхетизарулаан жугьутIал. Гьезул щивасда нахъа вахъун чIолаан кодоб таманча ккурав чIвадарухъан. Гьез речIчIулаан ботIролъ. ЧIварал рортулаан гIурулъе ва жаназаги букъизе кколароан.

 

Гьеб вахIшияб иш Будапешталда гьабуна 1944-1945 соназул хасало нацистазул «Скрещённые стрелы» абураб партиялъул вакилзабаз. Гьеб партия Венгриялда гIуцIана 1937 соналда. Радикалияб хасият букIин хIисабалдеги босун, Венгриялъул хIукуматалъ чанцIулго гьукъана гьелъул хIаракат, амма нахъеги цIи гьабулаан гьеб. Ахирги, 1944 сона­лъул октябралда, улкаялъул нухмалъиялде ккана Германиялъул рахъ кколеб хIукумат. Гьелдаса нахъе «Скрещённые стрелы» партиялда куркьбал гъуна: гьелъие щвана бокьухъе мурадал тIуразаризе ихтияр.

Будапешт фашистаздаса эркен гьабуна 1945 соналъул январалъул ахиралда.

 

ГьабсагIат тIад руссине ратила хьитазул бетIергьаби

Венгриялъул тахшагьаралда, Ду­наялъул рагIалда тIиритIун руго бихьиназулги, руччабазулги, лъи­малазулги хьитал. Роол заманалда ракIалде ккола, рагIалда хьиталги рахъун, гьезул бетIергьаби гIурулъ чвердолел ругин ва кватIичIого гьел тIад руссинин абун.

Хьитазде аскIоре щведал бичIчIула, мекъи ккун вугеблъи: гьединал хьитал гьанже лъица­ниги ретIуларо; тIадежоялъе гьел ретIизего бажаруларо – хъазмил гьа­рурал ругелъулха гьел. Гьел хьитаз бакIаб асар гьабула рекIее. Щай гьел, хъазмил хьитал, гьенир ракIарун ру­гел? Сверухъе балагьидал, бихьула хьонбакI ва гьелда кьабураб хъорщо­да гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьениб лъабго батIияб мацIалда хъван буго 1944-1945 соназул хасало Дунаялъул рагIалда гIемерав чи, гьездаго гьор­кьор жугьутIалги чIванин абун.

Гьеб мехалда лъала гIаламалъулго ракI гъанцIизабулеб Холокосталъул къурбаназул памятник гьеб бугеб­лъи.

 

 

ГIумруялъул ахирисел лахIзатал

19 сон барав Томми Дик вукIана жугьутIав. Хасало, нацизмалъул ахирисел къоязда, гьесул рокъоре кIанцIана яргъид гIуцIарал «Скре­щённые стрелы» партиялъул вакил­заби. Гьеб букIана жугьутIаздаса шагьар эркен гьабиялъул мурадалда тIобитIулеб полициялъул рейд. Том­мида цадахъ гIумру гьабулеб букIана гьесул гIагарал чагIи Эрикацаги Ан­дрисицаги. Гьез гьев вахчана, амма полициялъулазда ватана. Хал гьа­буна суннат гьабун бугищали ва ки­налго рахинаруна машинаялде.

Томмица ракIалде щвезабула: «ХIинкъи букIинчIо дир рекIелъ – гьалдолеб букIана ццим. Гьабизе жоги лъаларо, лъутизе ресги гьечIо. Дида лъалаан, гIумруялъул ахирисел лахIзатал тIаде щун ругеблъи.

Нацистаз хьитал рахъизаруна. Рагъул заманалда басриялцин хьи­тазул багьа букIана – гьел ричулаан, кванил нигIматазухъ хисулаан. Ду­най гIоралдеги руссинарун, хIатIида гIицIго цIорораб рагIалда кьерда чIезаруна ниж. Щивасда нахъа эхе­тана чIвадарухъанги», — ян.

Хвалда цересел секундал цIакъ халаталлъун рихьанилан бицу­неб буго Томмица. Гьесда ки­даниги кIочонароан жиндир яс чIаго теян гьардолей йикIарай чIужугIаданалъул гьардей. «Кьва­гье!» — ян буюрухъ рагIарабго, хьолбодехун буссинабуна гьес бетIер– кин чи чIвалевали вихьизе ва жиндир гIумруялъе ахир щванин абураб пикруялдаса ватIалъизе хьу­лалда. Гьеб мехалда бахъана кьва­гьи, гулла щвана нилъазукь ва гьев лъавудаса ана. Лъавуде вачIана, Дунаялъул цIорораб лъелъе ккедал. ГIуруца восун унев гьев чIаго вуги­щали хал гьабичIо нацистазги…

Венгриялда нацистазул хIукумат хIалтIана бащдаб лъагIелгIанасеб мехалъ. Гьеб заманалда Дунаялъул рагIалда чIвана лъабазаргоялдаса цIикIкIун чи. ЧIваразул сияхI гьабу­лароан, ва жаназабиги унаан гIоралъ росун.

 

 

Хъазмил хьитазе памятник

Венгриялъул машгьурав режиссер Янош Кен Тогайда ракIалде ккана гIурул рагIалда чIварал жугьутIазе памятник гьабизе. Гьес жиндир пи­кру загьир гьабуна скульптор Дьюле Пауэртие. КIиязулго рекIее кIудияб асар гьабуна гIурул рагIалда бахъараб хьитил сипаталъ. Гьез кьочIое росана 60 чиясул хьитал – гьедигIан чи чIвалев вукIун вуго нацистаз щи­баб нухалда. Гьелдаса хадуб гьез цIех-рех гьабуна доб заманалда гIадамаз тIад ретIулел рукIарал хьи­тазул. ГьабсагIаталда мемориалалда лъурал хьитал руго рагъул соназда гIемерисез ретIулел рукIарал.

«Дунаялъул рагIалда хьитал» абу­раб мемориал рагьана 2005 соналъул 16 апрелалда. Гьеб мехалда мемори­алалда букIана 120 хьит, ай 60 жут. 2012 соналда гьениса хьитал рикъун ана – ракIалде щвеялъе лъицаялиго ун ратила. Гьенир ругел хьитазул цоял руго басралъарал – гIемераб заманалъ тIад ретIаразда релълъа­рал; цоял руго гIисинлъималазул, бихьиназулгун руччабазул. Гьел лъун гьечIо чIара-хьараб тартибги цIунун – рагIалалъул 40 метралъ тIиритIун руго гьел, чвердезе унел гIадамаз гьабсагIат тIаса рахъарал гIадин. Хьитазда гьоркьор кида­го ракун рукIуна хIедучирахъалги жугьутIазул мацIалда хъварал кагъталги. Гьезда жаниса камула­ро тIугьдузул квацIабиги – гьел лъола Холокосталъул къурбана­зул гIагарлъиялъги дол соназул вахIшиял ишаз ракI бекизабурал гIадамазги.