«ЧIегIераб» меседил «мазгарул» кунчIи
МагIданазул ва тIабигIиял сурсатазул рахъалъ Россия дунялалда тIад бищун бечедаб пачалихъ бугин абула. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеб бакI ккола нартицагун тIабигIияб газалъ.
2019 соналда Россиялда бахъана нартил 560,2 млн тонна, гьелъул 42 процент буго ПАО «НК Роснефть» компаниялъул (нухмалъулев Игорь Сечин). Гьелъул Дагъистаналда бугеб дочернияб ПАО, «НК Роснефть-Дагнефть» компаниялъул генералияв директор, Халкъияб Собраниялъул депутат, Гъуниб районалъул КIогьориса Гиндиев Муслимилгун буго нижер гара- чIвари.
Районаздаса харбал
ЦIумада
14 февралалда ТIаса Гьаквари росдал бегавул Сулейман Сулеймановас росуцоязе хIисаб кьуна гъоркьиса гьабураб хIалтIул.
Халкъалъул божилъи ритIухъ гьабила
Тарихалде ана 2019 сон. Бечедаб букIана гьеб лъугьа-бахъиназдалъун, ракIалдещвеяздалъун, тIубарал ишаздалъун, ккарал хIасилаздалъун.
ЦIумада районалъе гьеб кинаблъун букIарабали бицунеб буго районалъул нухмалъулев АнвархIажи Вечедовасулгун нижеца гьабураб гара-чIвариялда.
Пособиязул гIарац рехизе буго карточкаялде
«РекIел ахIи» рубрикаялде цIалдолез ритIун рачIуна эбелалъулаб капиталалъул, больничнияб тIанчил ва батIи-батIиял пособиязул хIакъалъулъ гIемерал суалал. Специалистазухъеги ун, нижеца жигар бахъула гьел суалазе мухIканал жавабал кьезе.
Суалал-жавабал
«Дир ясалъул буго лъабго лъимер. Гьелъ тIоцебесеб лъимер гьабидал, ясли-ахалде кьураб гIарзаялда рекъон, жеги бакI щун гьечIо гьениб. Яс жийгоги хIалтIулей гьечIо, лъимал гIиссинго рукIиналда бан, мукъсанаб гурони лъималазе щолеб пособиеги букIунаро.
Я мина базе кьолеб ракь ялъуни хIукуматалъул рахъалдасан кумек гуро. ГIолохъанал хъизамал кире ине кколел гIарзалъ?»