Фондалъул вакиллъи рагьизе буго Турциялдаги

 
 
10 марталда МахIачхъалаялда бу­геб Северияб Кавказалъул гума­нитарияб колледжалде ракIарун рукIана халкъазда гьоркьосеб имам Ша­милил фондалъул вакилзабигун жамгIиял хIаракатчагIи.  
Гьениб бицана гъоркьиса Шамилил фондалъ гьабураб хIалтIул хIасилазулги исана цере чIарал масъалабазулги хIакъалъулъ. 
 
Гьеб тадбир тIобитIизе гуманитарияб колледж тIаса бищиялъе гIилла ккола гъоркьиса гьелъие кIудияв Имамасул цIар кьей. Республикаялда ругел цIалул идарабазда гьоркьоб цохIо гьелъие гурони жеги Шамилил цIар кьун гьечIо. 
Гьабураб хIалтIул бицунаго, фондалъул нухмалъулев ГIа­лиасхIаб Хархачаевас абуна гъоркьиса Тулаялда, Калугаялда ва Москваялда Шамилил фондалъул филиалал рагьанилан. Гьединабго филиал Турциялда рагьизеги кинабго хIадурун бугин к1алъана гьев. 
 
Гьединго филиал букIине рагIула Украинаялдаги.  
ГIун бачIунеб гIелгун рикIкIен гIемерал дандчIваял тIоритIизе щвеялдасаги разиго вуго ГI. Хархачаев. Дагъистаналда ислам щула гьабизе ва хадусел наслабазе гьеб бацIцIадго цIунизе лъица гъазаваталъе гъуждул гурун рукIаралали кIочон тезе бегьуларин гIун бачIунеб гIелалдаян абуна гьес.