Афгъанистаналде щола пикраби

 

{mp3}3{/mp3}

 

15 февралалда 31 лъагIел сверана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Гьезда гьоркьор рукIана 3000-ялдаса цIикIкIун нилъер ракьцоявги. Щибаб соналъ гьеб къо тIаде щварабго, МахIачхъалаялда бугеб «Афгъаназул ахикье» ракIарарал гьезие тIанчидасан баркиялъул каламги цIалун лъугIула хIакимзабаз афгъаналъулазул гьабулеб хIурмат.

 

Гьеб цохIо дир пикру гуро, жалго Афгъаналъул ветераназ чанго нухалъ тасдикъ гьабураб хIужа буго. Гьединлъидал нижеда ракIалде ккана гьезул цо-цоязул ракIалдещвеял кьезе жакъасеб номералда.
Дида, Афгъанистаналъул цIар бахъарабго, тIоцебе ракIалде щола лъимерлъи, магIарухъ гортIа лъураб радио. Гьенисан ПатIимат Магаевалъ ахIулеб цIакъ ракIгурхIараб кечI. Афгъанистаналда чIварав Шамил районалъул ТIелекьа гIолохъанчиясде гьабураб гьеб кечI рагIарабго цадахъго гIодулаан дир эбелги:
Егун макьу гьечIо, магIарулалъе —
Афгъанистаналда рагъда вуго вас…
ХIакъикъаталдаги я макьил, я кванил тIагIам букIинчIо рагъулъ жидерго васал ругел улбузе. Гьезул чамазул ургьимес бежизабураб маххул къалиялъуб бачIараб жаназаялъ.

Афгъаналъул мугIруз
бахъараб сахлъи

Гъуниб районалъул Гьонодаса ХIайбулаев НустIапа Афгъанистаналде ккана 1986 соналда. Хъулухъ гьабизе ккана Кундуз шагьаралде. 1987 соналъул хасалихъе захIматго лъукъун вуго гьев. ГIагарлъиялда гьелъул хIакъикъат лъалеб букIунги гьечIо. Гьанже нахъе гьечIей гьесул яцалъ бицунаан жинда лъалаанин гьев Афгъанистаналда вукIаравлъи, амма НустIапаца гьеб бахчулеб букIин рекIее гIечIей гьелъ кагъат хъван буго гьесухъе:
«НустIапа, щай дуца бахчулеб мун Афгъанистаналда вукIин? Нижер ракIал чармил ругеланищ дуда кколеб? Гьадинги ургьимес бежулеб бугин дир дур пикрабаз», — ан. Москваялъул госпиталалда сахги гьавун вачIана НустIапа.

Гьев рокъове щун вугилан рагIарай жий, унго, чIаго вугищ дир вацилан гIодилаго, гьесда данде екерараб куц ракIалде щвезабулаан Умайсатица.
Живго НустIапае Афгъанистаналда вукIараб заман ракIалде щвезабизе бокьуларо. Чан нухалъ хIалбихьаниги, кIвечIо гьесухъа живго лъукъараб куцалъул хIакъалъулъ бицинабунги.
«Дида Гъуниб военкоматалде ахIараб мехалъго лъалеб букIана дун Афгъанистаналде витIулеблъи. МахIачхъалаялде щведал, дир команда хисичIо, гьеб мехалъ якъинго бичIчIана гьениве кколеблъи. Анлъго моцI Узбекистаналъул Термизи шагьаралда бана рагъуе куцалаго. Дирги цогидасулги рес букIана рагъде инарин чIезе. Доре ине къоял хутIарабго, плацалда, киналго ракIарараб бакIалда генералас гьикъидалха нижеда лъиейин бокьун гьечIеб Афгъанистаналде инеян. Дида кIолаан дун витIугейин абизе, амма, бадире ралагьун мунго гIадал гIолохъабиги рукIаго, кинха гьедин абилеб?»
Афгъанистаналда лъукъун хадуб, НустIапае щун руго «БагIараб ЦIва» орденги цогидал медалалги.
«Гьел шапакъатаз дие кьезе жо гьечIо. Щиб гьез гьабизе бугеб, дир араб гIолохъанлъиги, Афгъанистаналъ чIвараб сахлъиги гьез тIадбуссинабиларо. ГIицIго пашманал ракIалдещвеял гурони, гьез дие кьезе жо гьечIо», — ян абуна гьес
Рази гьечIо НустIапа жакъасел хIакимзабаз Афгъанистаналъул ветераназдехун бихьизабулеб бербалагьиялдасаги:
«Щибаб соналъ МахIачхъалаялда Афгъаназул ахикье нижги ракIарун, тIанчидасан цого рагIабиги цIалун, баркула гьез нижеда 15 февралалъул къо. Амма тIокIаб гьездасан щолеб жо гьечIо».
1999 соналъ Болъихъе Басаевасулги Хаттабилги аскар бачIиндал, «Интербригадаялда» цадахъ гьениве ине жиндир цIар тIоцебе хъван букIанин бицана гьес.
«Афгъанистаналдаса тIад­ру­сса­­ра­­зул 50 чи гьенив вукIана. 15 къо­ги бана нижеца гьениб. Ра­гъулъ гIахьаллъизе дун ккечIо, амма ракIалъ ахIараб гьаги тIубазабун ун вукIана гьениве».

ГIедегIун кIетIана дур рекIел сагIат

Гьесдаго релълъараб къисмат букIанин абизе бегьула цоги дир росуцояв Къурбанов МухIамадилги. Гьев Афгъанистаналде ккана 1984 соналда, Саратовалъул политехникияб институталъул тIоцебесеб курсалдаса хадув. Афгъанистаналде витIилалде Туркменистаналда бан буго гьесги анлъго моцI. Ашхабадалдаса тIоцебе гьесул кагъат бачIиндал, бусурбаби ругеб бакIалде ккун вугин василан, гьедигIанго ургъелго чIвачIин жиндайилан ракIалде щвезабулаан гьесул эбел Султаноца. Амма инсуда бичIчIун буго вас, Афгъанистаналде витIилалде, гьенив хъулухъ гьабулев вукIин.
Хадуб кинабго хIакъикъат би­чIчIа­рай эбелалъе сундулго тIагIам букIинчIо. Васасда цебе чIезейилан, росдал гIадамал цIул гьабизе хьвадулеб жамагIаталъул нух къачIан буго гьелъги росасги киридахъ, моцIица гьениреги хьвадун. Хадув вас унтун госпиталалда вугин рагIидал, гьесда хадурги ун рукIун руго. БагIарараб Афгъанистаналъул ракьалъ рухIун, пулхарал хIатIалгун ватун вуго гьезда МухIамад.
ГIебеде щваравго, жиндирго ра­кIалдещвеязда бицунеб букIун буго гьес, анцIго кагъат толаанин жиндица, батIи-батIияб къо-моцIги гъоркь хъван, нагагь иргадулаб рагъу­лаб тIадкъаялдаса нахъвуссинчIони, дир эбел-инсухъе ритIейилан, гьалмагъасда тIадкъан.
Цо нухалъ, иргадулаб рагъулаб сапаралъ унаго, БТРалде вахарав МухIамад гъоркье рещтIун вуго, гьениб гIодов чIезе къваридго батун. Цогидалда тIадги рекIун вачIунаго, гьоркьоб заман индал, кьвагьун буго гьасда цебе-цебе унеб букIараб, тIоцеве гьев тIаде вахун вукIараб БТР.
Гьелда релълъарал лахIзатал чан­ги рукIун ратила гьесул Афгъанистаналда. НустIапаего гIадин, Му­хIамадиеги бокьулеб букIун гьечIо гьеб заманалъул хIакъалъулъ бицине.
Афгъанистаналъ гьоркьоб къо­тIизабураб цIалиги лъугIизабун, гьев хIалтIана пачалихъалъул жавабиял хъулухъазда. 2009 соналдаса нахъе хIалтIулев вукIана республикаялъул ХIукуматалъул ва президентасул администрациялда. Гьелде щвезегIан чанго соналъ МЧСалдаги хIалтIана.
Афгъаналъулазул къо тIаде щвезе кIиго къо хутIидал, исана 13 февралалда хехаб унтиги чIван, къанщана МухIамадил берал. Гьелда цересел къояз хъизангун цадахъ зияраталъ Турциялде ун вукIана гьев.
ТIурачIел анищалгун, гIумруялде рахъине къотIи букIинчIел чIахIиял къасдалги гьанирго тун, ана гьев. Жеги 54 сон бан букIинчIо Афгъанистаналъул ветеранас.
Гьесул Инстаграмалда буго 28 декабралда гьединабго хехаб унтиги чIван гIумруялдаса ватIалъарав, Афгъанистаналда цадахъ вукIарав рагъулав гьудуласул зигара бан гьес хъварал рагIаби. Доб мехалъ гьесда ракIалде ккун букIанадай, кIиго моцI данде щвелалде жиндиргоги къоял лъугIулел ругилан?

ХадурагIи
Дие, щаяли лъаларо, цIакъ гIа­­гараб буго Афгъанистаналда рагъу­лел рукIарал ракьцоя­зул къисмат. Гьел киналго къисматалъ тIаса рищун кка­рал рукIана чияр ракьалде. Би­щун талихIкъосаразда жидер­го гIажалги батана гьениб бала­гьун чIун. Гьезул щивасул бу­кIана жиндирго гIумруги, йокьулей гIаданги, тIурачIел анищалги. Гьезул щивасул букIана жи­дерго рухIияб дунял. Амма къисматалъ батIайиса къотIана хIукму. ЧIаго нахъ­руссаразулги хутIана гIицIго кьо­гIал ракIалдещвеял…